Дагъистаналъул амирин жинда абулев Абу-МухIамадицаги Шамилхъалаялъул секторалъул амирин жинда абулев Абу-МухIамадицаги, Дагъистаналъул жанубияб секторалъул амир абулев Ясерицаги «Дагъистаналда халифаталъул мужагьидазул шура» абураб данделъи бахъараб видео тIибитIизабуна гьал къоязда интернеталда. Гьел лъабалго кколел руго жидер заманаялъ «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул бетIер аль Багъдадие ритIухълъиялъул гьа барал чагIилъун.
17 минуталъ халат бахъараб гьеб видеоялда гьез абулеб буго «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъе гьа бай, циндаго бижараб пикру гурин ва гьеб гIуцIи лъугьараб къоялдаса нахъе жидеца аль Багъдадил политикаялъул рахъ кколеб букIанин.
Шамильхъалаялъул амирилан абулев Абу МухIаммадица тIаде жубалеб буго, «Имарат Кавказ» гIуцIиялъул бетIер Кебековасда бичIчIичIин, гьеб битIараб гали букIин ва «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул рахъ гьес кквечIин.
Цо-цо авлахъалъул командираз аль Багъдадие гьа бай ва гьеб гьа бан , «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул рахъ кквечIел хIакъал мужагьидал гурин абулеб букIиналъ тIамулел ругила гьезда гъорлъ ругел ричIчIунгутIиял жанисел тунка-гIусиязде сверизе рес бугин абураб пикруялде, гьелдаго цадахъ, жакъа «Имарат Кавказ» гIуцIиялъул кIвар цIакъ дагьаб бугила аслиял гIадамал мугьажираллъун «Исламияб пачалихъ» гIуцIцIиялъул рахъалда рагъизе ун рукIиналъ, гьелда тIадеги, гьез гьенир чIей гьабун, росабицин рижулел ругин баян гьабулеб буго «Центр Кавказских исследований» абураб гIуцIиялъул вакил, кавказовед АхIмад Ярлыкаповас.
АхIмад Ярлыкапов: « Исламияб пачалихъалъул рахъалда жакъа Дагъистаналдаса ва тIолго Кавказалдаса рагъулел ругел чагIи тIад руссун рачIин буго аслияб хIинкъи. Кавказалда Исламияб пачалихъалъул рахъ ккун гьезул политика билълъинабизе чагIи хутIун гьечIо, гьел киналго Шамалда рагъизе ун рукIиналъ. Жакъа Кавказалдаго ругел, гьенир рукIун гьа балел чагIазул рахъ кколел чагIи цIакъ дагьал рукIина. Бищун аслияб хIинкъи буго Россиялъе жакъа Исламияб пачалихъалъул рахъалда рагъулел тIад руссун рачIин. Гьеб мехалъ хIакъикъияб хIинкъи буго терактал ва цогидал такъсирал рукIининалан».
«Исламияб пачалихъ» гIуцIцIиялъ Шималияб Кавказги жидерго кверщаликье бачине рес бугин, гьенире гIадамал ритIун, яги гьелго гьа барал амираздасанин рикIкIунеб буго тарихчи, «Caucsus Survey» абураб даптаралъул редактор Майрбек Вачагаевас. Гьесул пикруялда, Дагъистаналда бугеб «Имарат Кавказ» гIуцIиялъул жамагIат кIийиде бикьизе рес буго, цо-цо авлахъалъул командираз ритIухълъиялъул гьа Аль Багъдадие бан букIиналъ ва гьеб гали ИК-алъул къадий абулев ГIусманица какиялъги, Аль Багъдади халифлъун исламалъул гIалимзабаз рикIкIунарин абун.
Байат - гьа, шаргIалда рекъон балин гIицIго шаргIияв амирасе ва гьеб цояв хисун цогияв чиясе баялъ гIицIго гьа баразул гIакълудал мукъсанлъи бихьизабулин баян гьабулеб буго Исламалъул гIалимзабазул ассоциациялъул вакил, жамгIияв х1аракатчи Къебедов ГIабасица. Гьесул пикруялда, жакъа къуваталъ кколеб буго цебесеб рахъ, ва бусурбабазе цолъи къваригIараб мехалъ баккараб гьеб гIуцIиялъ рикьизе гьарунила бусурбаби.
ГIабас Къебедов: « Имарат кавказалъ тIобитIулеб бугеб ракълилаб абураб политикаялъ хIасил кьолеб гьечIолъиялъ, гIадамал чIвалел, рикъулел, зулму гьабулеб букIиналъ тIамулел руго гIолилал радикалияб позиция кквеялде. Щибаб ишалъ бижизабула дандерижи. Гьабги ккола гьабсагIат бугеб политикаялъул дандерижи. Цевесес ва гьанжев Дагъистаналъул нухмлъулезги ахIвал-хIал хисиялъе щибго гьабулеб жо гьечIо, кIалъаял руго, комиссиял гIуцIун руго терроризмалде данде къеркьеялъе, амма гьезул хIалтIул хIасилал гьечIо ва гьеб гIунгутIи жаниб гъанкъун кидалъизегIан хутIилебали лъаларо».
Араб соналъул хаслъихъе «Аль-ГIарабия» сурсаталъ тIибитIизабуна «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул вакиласул кIалъай, гьелда жиндир гьумер бахчун кIалъалев чияс лъазабулеб буго кватIичIогон Шималияб Кавказалда ва Чачаналъ рагъ байбихьизе бугин ва гьеб Аллагьасул хIалкIолъиялда зулмуялъукьа тархъан гьабизе бугин. Гьединал, Россиялдаса Кавказ тархъан гьабизе букIиналъул бицунел лъазариял гIемер гьаруна хадурги жидерго кIалъаялда Исламияб пачалихъалъул рахъалда рагъулез.