С. Кривенко: "Украиналда чIваразул улбузул гIарзаби руго".

Украинаялда чIварав Россиялъул рагъухъабазда гьоркьор цIикIкIанисел дагъистаниял ругин лъазабуна 29 августалда Сергей Кривенкоца.

Гражданияб жамгIият цебетIезабиялъулги инсанасул ихтиярал цIуниялъулги рахъалъ Россиялъул президентасда цебе гIуцIараб щураялъул вакил ккола гьев. ЭР-ялъ бицун букIана гьесги гьесда цадахъ хIалтIулей Элла Поляковалъги ЦIех-рехалъул комитеталде гIарза хъван бугин Украинаялъулгун гIорхъода Ростов мухъалда чIварав ичIго рагъухъанасул хIакъикъат лъазабеян гьарун.

Сергей Кривенкоца абулеб буго гьеб рагъ 13 августалда ккун бугин. Гьенив чIван вугин нусиде гIагарун чи, лъукъун вугин 300 чи. Гьезул сияхIги мухIкан гьабулеб бугин, къойилго гIадин рачIунел-рачIунел ругин чIваразул гIагарлъиялъ гIарзаби.

Кривенкол пикруялда рекъон, Украинаялъ Росиялъулгун официалияб куцалда рагъги лъазабун гьечIеб мехалда жибго жиндаго чIараб батIияб пачалихъалде рагъизе Россиялъ рагъухъаби ритIи мекъи буго. Гьеб ккола гьезул жидерго жанисеб иш. Гьенире рагъухъаби ритIизе буюрухъ президент Путиница кьезе кколила. Гьеб кьун бугищалиги лъазабилила жиндица.

РитIулел ратаниги, битIун ритIулел ругин Россиялъ Украинаялде рагъухъабиян рикIкIунеб буго Дагъистаналъул ЖамгIияб палатаялъул нухмалъулев хисулев Алюсет ГIазизхановас. Украина батIияб пачалихъ гьечIищин гьикъидал, гьадин жаваб кьуна гьес ЭР-ялъе.

Алюсет ГIазизханов: «Цогидаб пачалихъ букIаниги щиб, нижее доба кколеб-толеб жоялъул ургъел гьечIого букIунаро. Америкаялъул Цолъарал Штатал дунялалъул доб цояб рахъалда руго. БукIаниги дунялалъул бокьарб бакIалда кколеб жоялъул ургъел дозие букIунеб мехалда, гьанир Украинаялда мадугьалихъ ругел нилъ щай ургъел гьечIого рукIине кколел? Бокьиладай лъиениги бокьилародай абунищ рукIине кколел? Россиялда гIамал-хасият рекъарабги, гьелъие гIагарабги ракь буго доб. Гьединлъидал РОссиялъ гьенир жиндирго мурадал цIунизе ккола. Крым бахъунилан хIехьезе кIоларого руго дол. Жинда рухI речIчIун букIин Россиялъ бихьизабурабго, бихьулищ киналго – тIубараб дунялго гьелда данде бахъараб, гьелдаго цадахъ Америкаялъул Цолъарал Штатазул кIалдибе балагьун чIараб Европаги бахъун бихьулищ гьелда данде?».

Украинаялда чIваралин абулел рагъухъаби рукIун руго 18 абилеб мотострелковая дивизиялдаса. Гьелда хурхараб аудио буго интернеталде рехун. Гьениб гIурус чияс (командир вугин ккола гьев) рагъухъабазда абулеб буго кидаяли гIурус армиялда ссиялда рукIанин кавказиялги гьезул «гIалхулаб дивизияги». Гьанже абуни нужеца нужго суризарулел ругин, нуж хIинкъучал ругин, хъуяб-бацIцIадаб батIалъи гьечIого, балеб буго гIурус командираз дагъистаниязде. ГIицIго цояс кьолеб буго гьесие жаваб, гьебги рагIун-рагIилареб куцалда. Аудиоялдасан бичIчIулеб буго дагъистанияз рагъде ине инкар гьабулеб бугеб гIадин.

ГIурус командир: «Кидаго киназдасаго мутIигIал рукIана кавказиял, кидаго киназдасаго чIухIарал рукIана кавказиял, бокьараб бакIалде бокьарав чиясе гIоло хIалае рахъине хIадурал рукIана кавказиял. Крымалде нилъ рачIунеб мехалда нилъедаса киналго рукIана хIинкъун. Гьале, гIалхулаб дивизия бачIине бугилан абун бицен букIана, цониги нухалда туманкIги кьвагьичIого Россиялъе Крым бахъанилан абун 18 бригадаялъул хIакъалъулъ Крымалда гьанжеги буго бицен. Амма гьанжейин абуни нуж хIинкъана. БитIараб буго, гьаб жо буго рагъ. БитIараб буго, цо-цо мехалда гIадамалги хола гьенир. Амма нуж нужерго командиразухъ гIенеккани, чIаго хутIизе руго. Гьединлъидал гьанже нуж нужерго хьвада-чIвадиялъе баян кьураб кагъат хъвазе а, хъвай нужерго унтабазулги, проблемабазулги. ТIокIалъ дие нуж гьаб мухъилъ рихьизе ракьангицин гуро».

Украинаялда чIваралин абулел рагъухъабазда хурхун Дагъистаналда лъицаниги лъазаби гьабун гьечIо. ГIицIго абулеб буго гьел кколин Атланаулалдаса, Халимбекаулалдаса, Шагьадаса гIолохъаби. ГьечIо гьезул эбел-инсуца гьарурал лъазабиялги.

Цо-кIиго къоялъ цебе интернеталде рехун букIана гьел васазул сияхIги. Амма тIадбалагьун гьел чачаназул цIарал рукIана.