ГIодор къояз информациялъул алатаз кьолел лъазабиязда гьединго хъвалеб букIана 20 октябралда МахIачхъалаялда изну гьечIого яргъид гIуцIаразул цояв тIагIинавунилан. ГIахъушиясул цIаралда бугеб къотIноб документазул хал гьабулеб заманалда гьес кьвагьи лъун буго полициялъулазде, данде лъураб кьвагьиялъул хIасилалда тIадекIанцIи гьабурав чIван вуго.
Гьединго гьатIан къоялъ къуваталъул идарабазулгун букIараб
кьвагьа-гIанхъия
Оперативияб штабалъ кьурал баяназда рекъон, чIварав Хиясов Бексултаница гIахьаллъи гьабулеб букIун буго Дагъистаналда МухIамад Вагьабовас бетIерлъи гьабулеб букIараб изну гьечIого яргъидгIуцIаразу
Низам цIунулел хIалтIухъабазе кумекалъе сентябралдаса байбихьун Дагъистаналда гIуцIизе байбихьана халкъиял низам цIунулезул къукъаби. Амма гьезул хIаракатчилъиялъ рихьизарурал кинал рукIаниги хIасилал гьечIо жакъа республикаялда, оперативияб ахIвал-хIал гьададинго хIалуцун буго.
Халкъиял низам цIунулезул къукъаби гIуцIиялдалъун республикаялда лъугьун бугеб ахIвал-хIал хисизе гьечIилан рикIкIунеб буго МахIачхъалаялдас
ГIабдулаев Сулайман: «Дагъистан бахун къватIибехун, мисалалъе, Ставрополалда, цоцазде божилъи гьабула, кумекги гьабула полициялъе. Нилъер гьанибин абуни бищунго гIадатияб жанисел ишазул идараялде жаниве ине нух щоларо хIажатаб мехалъ, бащдаб къо бала гIадамаз гьелъул кIалтIа, дун хIалтIулеб советияб заманалда бокьараб мехалъ рес щолаан жаниве ине. Гьедин бугеб мехалъ кинал хIасилазулха бицинеб. Низам цIунулезул хIалтIухъабаз жидецаго гьабулеб гьечIо хIалтIи. Халкъалъул рахъалдаса кумек гьабиялъул бицине бегьилаан полициялдехун божилъи букIарабани. Дицаго гьабуларо гьездехун божилъи тIоцебе, щайгурелъул гьезухъе кьураб информация гьез гIарцухъ бокьарав чиясе бичулелъул. Сундуе гIолоха гьезие кумек гьабилеб гьебмехалъ?»
ГьабсагIаталъги къанунияб гуреб куцалъ жив хIалтIудаса нахъе рехиялда разилъичIого нухмалъиялъулгун диваналда вуго Сулайман.
Дагъистаналда гьоркьоб къо бахъунгIадин ккола араб бакI лъачIого гIадамал тIагIиналъул хIужабиги. 19 октябралда тIагIун вуго Шамил мухъалъул ХIебдаса ХIусенов ХIусен, гьесул вац ГIисал раIабазда рекъон, гьев рокъоса ун вуго октябралъул 18 къоялъ. Гьев рекIун букIараб живго бетIергьанаб автомобиль батун буго ХIебда росдал рагIалда.
Гьебго 19 къоялъ МахIачхъалаялдас