Астараханалдасан машгьурав оппозициялъулав, «Справедливая Россия» партиялъул бакІалъулаб бутІаялъул лидер Олег Шеиница жиндирго блогалда загьир гьабулеб буго Россиялъул нухмалъиялда щвалде щун Шималияб кавказалъул проблемаби лъалел гьечІеблъиялъул пикраби. Гьениб бугеб хІалуцараб ахІвал-хІал рукІалиде буссинабизе бокьун букІарабани, гьелде цебего батизе букІанин гьелъие дурусал къагІидабиян риккунеб буго гьес.
Нижер программаялъе комментариял гьарулаго Россиялъул пачалихъияб Думаялъул депутат ва жамгІияв хІаракатчи ГІабдулатІипов Рамазаница лъазабуна, регионалъул унтаби лъангутІи ва территориязда букІине кколеб контроль ками букІанила аслияб багьаналъун 90 соназда сепаратистияб пикру тІибитІиялъе.
ГІабдулатІипов Рамазан: «90 соналда сепаратистазул рагъа-рачариял рукІана кисса-кирего. Москавялдасан байбихьун Риккадаб Машрикъалде щвезегІан. Уралдаги кисса-кибегоги гьеб букІана. Амма бищунго баянаб къагІидаялда гьелъул асар загьирлъулеб букІана чачаналъ. Щайгурелъул нухмалъиялъ гьелъул контроль гьабулеб букІинчІо. Регионалда бугеб ахІвал-хІалги лъачІого улкаялъул нухмалъи гьабизе захІматго букІуна.
Жакъа Дагъситаналда буго захІматаб ахІвал-хІал. Республикаякалъул бетІер гІолохъанав вуго, гьесие захІматго буго гьел проблемаби рагІалде рахъинаризе. Щайха республика бугеб кризисалда? Щибаб къойилгогІадин чІвалев вукІуна гьенив чанго чи. Дагъистаналда гьечІо дагъистаналъул милиция, дагъистаналда гьечІо дагъистаналъул КГБ, дагъистаналъул прокуратура. Гьел киналго идараби дора руго федералиял. Гьезулго букІине кколаанха жавабчилъиги гьениб къанунал хІалтІиялъул, низам цІуниялъул, хІинкъигьечІолъиялъул.»
Инсанасул ихтиярал цІунулез хасго абулеб букІуна, бугеб ахІвал-хІалалда къуват хІалтІизаби улкаялъул нухмалъиялда бихьулеб бугин бищунго аслияб къагІидалъунин терроризмгун сепаратизмалде данде къеркьеялъейила. Щай гьезда ракълилал къагІидаби рихьуларел дагьалъ цІиккун эффект кьолеллъун? Цингиги нухмалъиялде дандечІаралщинал киналго гІадамал гІанталлъун рихьизариги гьечІищ, дур пикруялда, мекъаб иш?
ГІабдулатІипов Рамазан: "БатІи-батІиял гІадамал руго нухмалъиялдаги оппозициялдаги. Буго оппозиция нормалияб, буго радикалияб оппозиция. Оппозиция кколаро гьеб кьвагьдезе кколин абураб жо. Нухмалъиялъул позицияги кколаро, къуват хІалтІизабун тІадецуй гьабизе кколилан абураб жо. Гьел ккола гІорхъабаздасан рорчІун гьарулел галаби.
Дица цебеги абулеб букІана, гьанжеги такрар гьабила, кибниги гьечІеб къагІидаялда, Кавказалда къуваталде данде жаваб кьола къуватгун, кибниги букІунареб къагІидаялда, гьудуллъиялъе жаваб кьола гьудуллъиялъул къагІидаялда. Гьединлъидал къваригІун руго цогидал технологиял. Культураялъул, информациялъул технологиял. ХІакъикъаталдаги биххизабун буго гІаммаб культурияб гІатІилъи. Нилъеда берцинго лъалебцин гьечІо кинаб хІалалда бугеб гІаммаб лъай кьеялъул гІатІилъиги. Гьелдасан буго аслиял проблемаби, доба яги гьаниб пуланаб миллаталъ гІумру гьабун букІиналъгуреб.
Бугиш цогІаги парахатго гІумру гьабун букІине бокьичІеб миллат? ГьечІо гьединаб миллат. Амма кинабго жо гІадахъ босизе ккола. Щай 90 соназул байбихьуда чачаналъ гьедин ккараб? Щайгурелъул историялда, пачалихъалъул гІумруялъул цогидал этапазда, цо нухалъ гуреб загьирлъараб халкъал хІакъир гьариялъул хІужжаби. Гьелдасан пайда босулеб букІана цо-цо гІадамаз.
Дица риккуна нилъер пачалихъалда рагІалде рахъинаризе кІоларел проблемаби гьечІин. Гьебги щиб россиялъул киналго халкъазда, гІурусаздаги, киналго цогидал халкъаздаги рахІатго гІумру гьабизе бажарула гІицІго гІаммаб улкаялда. Жиндирго халкъалъе тушбаби ралагьулев вукІунев чи, кин вукІине бегьулев патриотлъун. Гьединаб хІалтІи гьабулеб буго националистаз. Гьез тушбаби гІемерлъизарулел руго. Сахал гІадамазул мурад букІуна жиндирго халкъалъе, жиндирго улкаялъе гьудулзаби гІемерлъизариялъул. "