Гьел халгьабиял жеги лъугIун гьечIин гьединлъидал дагьалдасан цойги моцIицаги гьел докуметал кьезе гьечIин бицана «Эркенлъи» радиоялъе шагьаралъул администрациялда
Дагъистаналъул гIелмияб централъул геологиялъул институталъул гIелмияв секретарь ГIиса Гъазалиевас «Эркенлъи» радиоялъе бицана Дагъистан бокьараб мехалда ракь бахъаризе бегьулеб бакI бугилан. Гьединлъидал ракь бахъарани риххулареб хIалалъ ралел ругищ бакIалали заманалда халгьабичIони, гьез кIудияб балагьалде рачине бегьулилан.
ГIиса Гъазалиев: «МахIачхъалаялъу
ГIалимчияс «Эркенлъи» радиоялъе гьединго бицана МахIачхъалаялда гIемер минабазда рацIцIун рарал рукъзал ракь багъарани бищун цебе риххун унилан.
ГIиса Гъазалиев: «Цо талихIалъ гьанже гьел тIаде рацIцIарал рукъзал ралел гьечIо, гьел разе гьукъун буго некIогоялдаса нахъе. Ракь багъарани бищун кIудияб хIинкъи буго гьел риххиялда. Щай гурелъул жибго минаги бацIцIараб рукъги батIи-батIиял кьучIазда ран рукIунелъул. Минаялъе щибго лъугьинчIонини гьел рукъзал риххула, гьез жибго минаялъеги кIудияб зарал гьабула. РацIцIарал рукъзал разе рес кьей гьеб буго тIолго шагьаралъе хIинкъи бугеб иш. Гьединго гIемертIалаялъул минаби ралелъулги гьезул бетIергьабаз гьеб балеб бакIалда ракь багъариялъул хIинкъи цIикIкIун бугониги, гьеб дагьаб бугин абун документал росула гIарацги кьун.
Гьез хIинкъи дагьаб бугин абуни минаялъе кьучI лъолелъул маххги бетонги дагьаб гурони хIалтIизабичIони
Дагъистаналъул гIелмияб централъул геологиялъул институталъ республикаялъул тIалъиялъухъе ва Дагъистаналъул экономикияб советалде ракь багъарани кинаб хIинкъи бугебали чIезабизе ва гьеб дагь гьабиялъе тIоритIизе кколел халгьабиязул хIакъалъулъ хъван букIана. ГIалимзабазул рагIабазда рекъон нухмалъиялъ гьелъие разилъи кьун буго ва гIагараб заманалда гьел хIалтIаби байбихьизеги руго.