Росдал магIишат агрохолдингаз хвасар гьабуларо

Шималияб Кавказалда росдал магIишат гIуцIизе ккани ва гIадамал кванил нигIматаздалъун хьезаризе ккани, рукIине ккола церетIурал агрохолдингал. ГIадамаз жидерго магIишатазда нигIматал гIезарулеб къагIида жибго тезе кколин лъазабуна Россиялъул ХIинкъи гьечIолъиялъул мажлисалъул нухмалъулев Николай Патрушевас. Щай хIинкъигьечIолъиялъул сфераялъул хъулухъчияс малъиял гьарулел росдал магIишаталъул гIадамазе. Ругищ Дагъистаналда шартIал гьесул церелъеял тIуразаризе?

Шималияб Кавказалда росдал магIишат гIуцIизе ккани ва гIадамал кванил нигIматаздалъун хьезаризе ккани, рукIине ккола церетIурал агрохолдингал. ГIадамаз жидерго магIишатазда нигIматал гIезарулеб къагIида жибго тезе кколаян лъазабуна Россиялъул ХIинкъи гьечIолъиялъул мажлисалъул нухмалъулев Николай Патрушевас. Кинал шартIал ругел агрохолдингал гьаризе, гьеб лъикIищ квешищ, сунца квал-квал гьабулеб бугеб росдал магIишаталъул нигIматал гIураб къадаралъ гIезаризе?

Шималияб Кавказалда кванил нигIматал гIезарулел чагIи руго гьитIиналго фирмаби, гьезул гьечIо гIураб къадаралъ гьеб гIезабизе рес. Гьединлъидал, Шималияб Кавказалъул республикабазда кIолеб гьечIо жалго жидецаго кванил нигIматаздалъун хьезаризе. НигIматазул кризис букIине рес буго къватIисел пачалихъаз цIиял санкциял гьаруни, импортхисиялда тIад хIалтIизе ккола кIвар кьун.

Гьединаб кIалъай гьабуна Нальчик шагьаралда букIараб, магIишаталъулаб хIинкъи гьечIолъиялда хурхараб данделъиялда Россиялъул ХIинкъи гьечIолъиялъул мажлисалъул нухмалъулев Николай Патрушевас.

Гьесул пикруялда рекъон, регионалда церетIезаризе ккола кIудиял агрохолдингал. Гьез гьоркьоса къотIичIого гIадамазе кванил нигIматал чIезаризе руго, пачалихъалъеги гьелдаса бигьалъи буго, гьез налогал цIикIкIун кьолел руго ва гIадамазе хIалтIизе бакIал кьолел ругоян абуна Патрушевас.

Амма «Эркенлъи» радиоялъ цIех-рех гьабурал экспертазда иш гьедин бихьулеб гьечIо. Гьез рикIкIунеб буго, Дагъистаналда кIудиял агрохолдингал гьаризе кинабгIаги рес гьечIин, ялъуни гьел къваригIунцин гьечIин.

Дагъистаналъул экономикаялъул министерлъиялъул специалист, республикаялъул мустахIикъав экономист Мудуев Шахмарданица рехсана кIудиял агрохолдингал гьаризе ккани къваригIунел шартIал.

Мудуев Шахмардан: «Аслияб гIилла буго, цокIалаб ракь гьечIолъи. I00 гектар рекIараб ракь гьечIо картошка бекьизе. Кин гьел холдингаз дора-гьанир щущахъ рарал ракьул бутIаби хIалтIизаризе ругел? КIиабизе, цIакъго хашаб хIал буго ракьал лъалъалеб системаялъул. Нилъер гьеб советияб заманаялъ гIуцIун букIана, амма гьанже гьеб цIигьабизе ккани гIемер гIарац къваригIуна.

Лъабабилеб гIилла – гьечIо кIудиял агрокомплексазе къваригIунеб техника, гьеб босизе ккани пачалихъалдаса кумек къваригIуна. Холдингал ругони лъикI букIин гьеб якъинаб жо буго, гьелдаса пайдаги цIикIкIун буго».

Мудуев Шахмарданица бицана, жинца хIадурун бугин пачалихъалъе данде кколеб ва нигIматал гIезарулезе хайир кьолеб къагIида. Гьесул пикруялда рекъон, росдал магIишаталда хIалтIулел чагIаз гIуцIулеб буго жидерго хасаб кооператив. Амма гьеб проекталде республикаялъул росдал магIишаталъул министерлъиялъ кIвар кьолеб гьечIо, гьединал проектазе гIарац биччалеб буго тIолабго улкаялда, амма Дагъистаналда гьеб унеб бакI лъалеб гьечIо.

Гьеб проекталъул аслияб пайда буго кооперативалда гъорлъе лъугьунел гIадамазе гьеб гIуцIизе ругел батIи-батIиял ресал. Кооперативалъ кьолеб буго техника, хьон, продукт бацIцIад гьабулеб буго, хIатта бичизе кумек гьабулеб буго. Мудуевасул рагIабазда рекъон, гьединаб къагIида Европаялда хIалтIизабулеб буго цебегоялдаса нахъе: Швейцариялда, Франциялда ва Германиялда. Гьениб гьединаб данделъиялда коммуна абулеб бугин.

ЦIиял гIуцIизе кколароан, цохIо бугеб комплексалъе кумек гьабуни абун рикIкIунеб буго «Новое дело» газеталъул экономикаялъул бутIаялъул редактор Андрей Меламедовас.

Меламедов Андрей: «ЦохIого цо бугеб агрохолдинг буго «Кизлярагрокомплекс». Жидерго лъабго рахьдал фермаги бугеб, жидецаго рахьдадаса батIи-батIиял нигIматалги гьарулеб. Проекталда рекъон гьез жеги гIатIид гьабизе буго ферма, хIатта гьабсагIаталда гьезул ферма Шималияб Кавказалда бищунго кIудияб буго. Техника буго лъикIаб, Германиялдаса босараб. Гьенире экскурсиялъе гIадамалцин уна. Амма республикаялъ кумек гьабулеб гьечIо. ЦIияб ферма жидецаго бала, гьенибе лъимгун газгIаги бачеян абурабго гьебцин гьабулеб гьечIо. Республикаялъул бетIерги гьениве цониги нухалъ щвечIо».

Дагъистаналъул педагогикияб университеталъул экономикияб географиялъул кафедраялъул нухмалъулев, гIелмабазул доктор ТIалхIатов Халилица рикIкIунеб буго агрохолдингал гIуцIиялъе гIемер гIарац къваригIунин, кризисалъул заманалда гьелда регIун гьечIин. «Дагъистаналда жеги лъугьун рахъун гьечIин цере тIурар аграриял гьоркьорлъаби. Руго гIисинал ва гьоркьохъел предприятиял, амма агрохолдингал гIуцIизе гIураб къагIидаялъ цебетIун гьечIо росдал магIишат», - ян абуна гьес «Эркенлъи» радиоялъе.