Жакъа Россиялъул регионазда гъорлъ, цIалдохъабазул ва студентазул гIаммаб къадаралъул рахъалъ Дагъистаналъ ункъабилеб бакI кколеб буго. Гьезул къадарги 370 азарго чиясдаса цIикIкIун бугин баян гьабуна 22 июналъ Лъай кьеялъул министерлъиялъул вакил Лариса Абрамовалъ, лъай кьеялъул системаялда дандчIвалел квекIеназул бицунеб данделъиялда. Гьелъул хIасилалда лъай кьеялъул сфераялда гIемер гIунгутIабиги ругила. Аслияблъун гьелъ рикIкIана инфраструктура, ай гIураб къадар школабазул гьечIолъи, демографиялъулаб ахIвал-хIал лъикIаб рахъалдехун хисун букIиналъ, кIиго ва лъабго хиси гьабун хIалтIулел ругила школаби.
ТIадегIанаб лъай кьеялда жанир ругел гIунгутIаби дагь ругин, гьелъие аслияб гIиллалъун кколин лицензия гьечIел ва щакал ВУЗал къайилан тIаде жубана гьелъ. Амма гIадатиял гIадамазул пикруялда тIолго лъай кьеялъул системаялда жаниб бугеб аслияб гIунгутIилъун кколеб бугин ришватчилъи. Масала, цIализе лъугьунагонцин гIарац кьезе кканин жинцайин абулеб буго ХIажиева Зарипатица. Бюджеталъул бакIал дагь рукIиналъ, кидаго цеве ккарав ва гIарац кьурав гурого ворчIуларила гьел бакIазде, гурого коммерциялъул рахъалде лъугьине кколила, лъагIа-лъагIалие гIарацги кьун.
Амма кIиго соналъ цебеги улбуз ургъел гьабун Цогояб пачалихъияб экзамен кьун киналго лъугьунел рукIун ратани цIализе, ахираб кIиго соналъ цIалдохъабаз гIицIго жидерго лъаялда мугъчIвай гьабун кьунин гьебилан баян гьабулеб буго Дагъистаналъул Пачалихъияб университеталъул хIалтIухъан Ажай Абиевалъ. Гьей гьединго кколей йиго ЕГЭ кьолеб куцалда хадуб халкквей гьабулеб пачалихъияб комиссиялъул вакилги. Исанасел абитуриентазул лъаялъул даража квешаб гьечIин, гIицIго лъай бугел гурого цIализе лъугьине ресги гьечIин бицана гьелъ «Эркенлъи» радиоялъе.
Ажай Абиева: «Ахираб кIиго соналда жаниб, Цогояб пачалихъияб экзамен кьеялъул шартIал согIлъизарун рукIиналда бан, абитуриентазул лъаялъул даража бахун буго. Цере гIолилал эбел-инсул чвантида ва лъай-хъваязда божун рукIунел рукIун ратани, гьанже гьел гIицIго жидерго лъаялда божизе кколел руго. Гьеб лъикIги буго. Киназдаго гуро бищун дагьал баллазул къадар босизе кIолеб. Гьелъ, гIицIго лъай буел гурго рорчIуларо цIализеги».
Жакъа ЕГЭялъул хIасилазухъ балагьани бихьулин лъай кьеялда жаниб бугеб хIакъикъияб сурат, гьеб суратги цIакъ квешаб бугин тIаде жубана Абиевалъ. 2015 соналда ЭГЭ кьун буго кинабниги 22 азарго гIанав чияс, гьезул гIицIго 19949 чиясе щолеб буго школа лъугIиялъул документ, ай аттестат, КIиазаридаса цIикIкIун цIалдохъабазе гьеб шолеб гьечIо. КIиябго аслияб экзамен, ай гIурус мацI ва математикаялъе кIийил ккеялда бан. Араб соналда данде ккун ЕГЭ кьезе кIвечIезул къадар 612 чияс цIикIкIун буго исана.
ГIемер саназ Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул Социалияб факультеталда хIалтIулев тарихчи ХIажимурал Доногъол пикруялда абитуриентазул лъаялъул даража соналдаса соналде мукъсанлъулеб буго. Гьелда тIадеги, гIемерисел тIоцебесеб курсалде рачIарал студентазда сах-саламат цIалдезецин лъаларин баян гьабуна тарихчияс.
ХIажимурад Доногъо: «Цо сон гуро дир бугеб университеталда хIалт1улелдаса. Дида рихьула санайил рачIунел студентал. ГIемерисел тIоцебесеб курсалда ругел студентазда берцинго цIалдезецин лъаларо. Гъваридаб лъайги гьезул букIунаро. Соналдаса соналде рачIунел руго лъавукъал студентал. Гьелъул аслияб гIилла буго лъималаз тIахьал цIалулеб гьечIолъи. Цо-цо дица цIехола студентазда кинаб тIехь гьез гьабсагIат цIалулеб бугебали, киналго руцIухIун чIола. Кинаб тIехь гьез гIумруялда жаниб цIаларабали цIехедал, гIицIго анцIго проценталъ цо-кIиго тIехь рехсола. ТIахьал кIвар гьечIеллъун рикIкIунел рукIин, цIалдолел гьечIолъи ккола аслияб гIилла лъималазул лъавукълъиялъул».
Гьелда тIадеги, цIализе лъугьунаго, престиж бугеб, ай даража тIадегIанаб бакIалда цIали бугила гIолилазул мурад, хадусеб хIалтIи щвеялъул ва щвараб лъай гIумруялда хIалтIизабизе ккеялъул ургъел букIунарила. Социалияб факультет кколеб буго Юридикияб ва Экономикияб факультетазда цадахъго бищун престиж бугеблъун рикIкIунеб, санайил гьенире лъугьине бокьаразул къадарги бищун цIикIкIараб букIунеб буго.
Цогидаб гIилла кколила ахирал соназ аслияб лъай кьеялда ва тIадегIанаб лъай кьеялъул системаялда жанир гьарурал хисбасал. Гьедин, 2011 соналдаса бахъун, ВУЗазда специалистазул бакIалда бакалаврал ва магистрантал хIадурулел руго. Гьеб хис-бас ккеялъе гIила кколеб буго 2003 соанлдаса бахъун Россиялъул лъай кьеялъул система Боллонский процессалда гъорлъе лъугьин. Амма гьелъул хIасилалда ккарал лъикIал хиса-басиял гьечIин, я ришватчилъи, я цогидал гIузрабиги тIагIинчIин рикIкIунеб буго экспертас.