Школалдаса къиматал ва дарсал тIагIине бегьула

Школалъул лъай кьеялъул реформаби Цогояб пачалихъияб экзаменалда лъугIизе гьечIин, жеги хиса-басиял цере ругин лъазабулеб буго лъай кьеялъул федералиял тIадчагIаз. БукIинеселда школалдаса тIагIине ругила къиматал ва жалго дарсалгицин.

Your browser doesn’t support HTML5

Школалдаса къиматал ва дарсал тIагIине бегьула

Киналго ругьунал къиматал, цо дарсдаса цогидалде ахIулеб цIумур ва дневниказда хъвай-хъвагIай гьаби школаздаса гIагараб букIинеселда тIагIинабизе бугин лъазабуна гьал къояз «Интерфакс» агентлъиялъе «Высшая школа образования» абураб институталъул директор Константин Зискиница.

Хиса-басиял хIажат рукIин гьес бичIчIизабуна цIалдохъанасда къимат щун хадуб лъазабураб жо тIубан кIочонеб букIиналдалъун. Амма хутIизе ругила экзаменал, гьел рукIине ругила роценаллъун, цIалдохъанасе щвараб лъай борцунеб

Жакъа бугеб къагIидаялда цо цIумур кьабуралдаса цогидаб кьабизегIан рукIине гьечIила дарсалги. Гьеб система некIого нахъе бахъун бугин Финляндия гIадинал улкабаздайин баян гьабулеб буго Зискиница. Дарсазул рукIине гьечIила чIезарурал заманалъул гIорхъаби.

МугIалимзабиги педагогалги хIинкъулел руго рукIинесел реформабаздаса

Школалъул лъай кьеялда жанир гьарурал реформаби, ай Цогояб пачалихъияб экзамен ва Аслияб Пачалихъияб экзамен хIалтIизабизе лъугьаралдаса лъималазул лъай борхичIин, гIаксалда лъимал автоматикияб куцалда жаваб кьеялде ругьун гьарун, пикру гьабизе тIамулел гьечIин абулеб буго педагог ва лъай кьеялъул централъул нухмалъулев Давуд Зулумхановас.

Чанго соналъ жиндихъе рачIунел цIалдохъабазда хадуб хал ккведал бичIчIулеб бугила, школалда лъималазда жидерго рагIабаздалъун щиб бугониги бичIчIизабизе лъалеб гьечIолъи, гьезул лъай релълъунеб бугила автоматикияб къагIидаялда хIалтIулеб машинаялда.

РукIинесел реформабазул бицунеб бугони, я цебеккун, я гьанже хIакимзабаз мухIкан гьабулеб гьечиIла гьел реформабазул мурадин баян гьабуна гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

Давуд Зулумханов: «Министерлъиялъги гьеб институталъги гьел реформабазул мурад я цебе баян гьабичIо, я гьанже гьабулеб гьечIо. Гьезул хIасилал гьарулел ругониги, цебеккун кинаб мурад бугебали лъалеб гьечIони, кин хIасилал гьарилел.

Лъаларо, школалдаса ичIго класс лъугIидал гьезул бизнесчагIи гьаризе ва школа лъугIидал гьел жидецаго бизнес рагьизе кIолел чагIи рахъинаризе хIажат батани, жакъа школа гьелдса цIакъ рикIкIад буго. Советияб заманаялъ лъай кьеялъул мурад букIана коммунизмалъул гIуцIарухъаби рахъинари, гьелда рекъон гьабулеб лъай кьеялъул хIалтIиги букIана, жакъасел реформабазул мурад бичIчIулеб гьечIо.

Гьебго ЕГЭялъ лъимал гIинкъалги кIалъазе лъаларелги чагIазде сверизарун руго. ГIицIго къалам хIалтIизабизе лъалел. Гьезда кIоларо жидерго мацIалъ щибгIаги бицине. ЕГЭялъ гIицIго тIадчагIазе экзаменал роси бигьа гьабуна цо къагIидаялде сверизабун, амма лъай кьеялъул даражаялъул бицунеб бугони, гьеб тIубан гIодобе ккана».

Жакъа реформаби гьаризе ккеялъул бицунелщинал чагIи лъай кьеялъул ургъел ккун гьел гьарулел чагIи ругин кколарин жиндайин абулеб буо Тахо-Годил цIаралда бугеб институталъул хIалтIухъан МухIидинова Бахуца. Жакъа гIадан ургъизе тIамулевлъун гуреб, гьев малъа-малъарав гьабулев чилъун вахъинавиялде сверизабизе хIажат бугила лъай кьей тIалъиялъе.

Баху МухIидинова: «ЕГЭялги ОГЭялги, гьеб кинабго буго гIадам ургъизе тIамуларев, малъа-малъарав гьабулев чи гIезавулев лъай кьей. Гьебги цо гIорхъаби гьечIеб, риччарихъан тарал, дарсинан дарс гуреб, лъайилан лъай гуреб,тарбияйилан тарбия гуреб букIинаха хадубккунги. Щиб ургъун батаниги, лъай кьей хвезабизе гурого, гьеб бахъинабизе ургъараб жо гьебги батиларо».

ГIадатиял мугIалимзабаги пашманлъизарулел руго, школалда лъй кьеялъул процесс тIубанго биххизехъен букIиналъ рукIинесел хиса-басияз. Жакъа къоялде гьарурал реформабазги букIараб лъай кьей хвезабун гурого, тIаде кьураб жо щибго ккечIин бицана «Эркенлъи» радиоялъе мугIалим ХIасанова ГIайшатица.

ХIасанова ГIайшат: « Школалда цIияб реформа гьабиялъул пикруго мекъаб бугин рикIкIуна дица ЕГЭялъги гьеб лъай кьей хвезабун гурого, тIаде бачIараб жо ккечIо. Лъималазе къиматал лъей нахъе бахъанани, лъай кьеялда жаниб кIудияб зарал ккезе буго гьелъул. Къимат ккола лъимазе лъаялъухъ щолеб мухь.

Къимат ккола цIалдохъанасе стимул. Гьеб гуребги, къиматал нахъе рахъани, киналго лъималазул улбузулги учительабазулги дагIба-хIур цIикIкIине буго, щай гурелъул къимат гьечони, киназго абизе буго рокъоб, даср бицанини, лъанин, амма экзаменалда гьеб лъан батичIогон букIине буго. Дица тола гьеб реформа гьабунани, нилъер лай кьеялъул иш тIубанго лълъаранибе инилан».

ЦIех –рех гьабурал мугIалимабазда гъорлъ ккечIо цониги чи, рукIинесел реформаби лъикI къабул гьарурал. ГIадатияв мугIалимги Лъай кьеялъул суалазул рахъалъ жавабиял тIадчагIиги цуцадаса тIуран ратIа-тIун ругин абулеб буго гьез.