«ЦIунтIа мухъалъул Цибари росдал жамагIаталъ тIобитIараб данделъиялда лъазабуна педагог чIварал ва росдал школа бухIарал тамихIалде цIазе кколин. ХIатта, росдал гIадамазда ракIалдацин букIана ярагъги босун такъсирчагIи ралагьизе ва жидецаго гьезие тамихI гьабизелъун къватIире рахъине». Гьадин лъазабуна І июналда гьеб росулъ ккараб лъугьа-бахъиналъе къимат кьолаго ЦIунтIа мухъалъул нухмалъулев Магьдиев ХIусеница.
Июналъул тIоцебесеб къоялъ щалали лъаларел гІадамаз чІвана школалъул хІалтІухъан ГъазимухIамадов Заирбег. Цибариб абулеб букІана, школа бухІиялъе гІилла букІине бегьулин гьениб къуватиял идарабазул хIалтIухъабаз чIей гьабун букIин. ГъазимахІамадов абуни, чIван ватизе бегьулин изну гьечIого яргъид гIуцIаразде данде вахъарав чи вукIиналда бан. ЦIунтIа мухъалъул гІадамаз бицунхъе, харбал унел рукІун руго, чIварав педагогасухъе моцIалъ цебеги хIинкъаби кьун лъазабиял рачIунел рукIанин абун.
Цибарил жамагIаталъ тIобитIараб данделъиялда, гIадамаз загьир гьабулеб букIанила жидерго ццим бахъин, гIадлу-низам чIезабизе кколезул рахъалдасан хехал тадбирал гьаричIолъиялда бан рахIатхвей, абун бицана цIар рехсечІев жамагIатчияс.
Цибари росдал жамагIатчи: «БитIараб бицани, расги лъикIаб ахIвал-хIал гьечIо росулъ. Щиб гьабизе бугебали лъаларо, жакъаги гьаниса тIаде полициялъул хIалтIухъабиги ана. Доба росдада нахъе блиндаж батун бугилан абулеб буго. Нижер росдадаса рикIкIад гьечIеб ХутIрахъ росдал рагIалдаги батун буго блиндаж. ЖамагIатги бахъун букIана ярагъгун къватIибе, хIатта рохьоре жанирецин ун рукIана. Гьениб къуватиял идарабазул хIалтIухъабиги ратана. Гьанже гьабизе жо лъаларого руго, гьаниб къанунго гьечIеб хIисаб буго».
Довго жамагІатчиясул рагІабазда, цІадулъ школалъул киналго киналго документал гурелги, май моцIалъ школалъул хІалтІухъабазе кьезе кколеб букIараб харжцин бухIун буго. Гьесго нахъ чвана росдал лъай кьеялъул идараялъе гІилла минаялда къуватиял структурабазул хІалтухъабаз чей гьабун букІин гьеб бухІиялъул гІилла батизе бегьулин абураб информациялъул алатазул версия. Гьесул рагІабазда гьеб жинда гъоркь кьучІ гьечІел харабал руго.
Цибари росдал жамагIатчи: «Щалниги рукIинчIо гьенир жанир. Лъималги гьеб къоялъ нахъе риччан рукIана. Цогидал росабалъа цIализе рачIарал лъималги рукIана, гьелги нахъе риччан рукIана цIали лъугIиялда бан».
Гьевго чиясул рагІабазда, гьабсагIаталда росдае ва школалъе хIукуматалъ гьабулеб кумек рагIуларо. Амма Дагъистаналъул Лъай кьеялъул министерлъиялда бицухъе, росулъ цIияб школа базе кумек гьабизе рагIуна, хIажалъи ккани хIатта федералияб бюджеталдаса сурсат тIалаб гьабунги. Цибари росулъ чIварав ГъазимухIамадов Заирбег, кколаан мактабалъул нухмалъулев хисулев, росдал депутат ва росдал бегавуласул ишал тIуразарулев чи.
ЦIунтIа мухъалъул цо-цо гIадамазул пикруялда, Цибариги цогидал росабалъги цIаял ккеял хурхарал рукІине бегьула изну гьечIого яргъид гIуцIараз бакIалъулаб халкъ хIинкъизабиялъул мурадалда тІуразарулел рукІиналда.