ЦIияб нух бан лъугIизе ракIалда бугин 2015 соналъул ахиралде, гьелъул гIаммаб халалъиги 12 км. букIине бугин лъазабулеб буго «Кавказский узел» сайталъ. Нухлул киналгIаги проектал рахъун гьабсагIаталде тIоритIулел ругила экспертизаби. ЦIияб нух баялъул хIалтIаби Ставрополалъул Нухлул магIишаталъул фондалъ тIаде босун бугин, хIалтIаби гьариялъулъ Дагъистаналъул рахъалъул кинабгIаги гIахьаллъи букIине гьечIин хъвалеб буго гьениб.
Дагъистаналдаса Азербайджаналъулгун гIорхъотIе ва Каспий ралъдатIе фермеразе ва предпринимателазе нух бигьалъи бугила гьеб баялъул аслияб гIилла, тIорщел ва цогидал нигIматал гIезарун, гьел экспорт гьариялъул рахъалъ Ставрополь икълималъ аслиял бакIал кколел рукIиналъ тIолго Россиялъул росдал магIишаталда жаниб. Хас гьабун Дагъистаналъул экономикаялъе гьелъ щиб кьелебали жеги абизе кIоларин рикIкIунеб буго экспертаз.
ЦIияб нух бахъи кидагоги лъикIаб иш кколин, экономикияб цебетIеялъул тIоцебесеб гIаламат кколин лъикIаб нухлул инфраструктура букIинин рикIкIунеб буго экономикиял гIелмабазул доктор, Россиялъул ГIелмияб фондалъул эксперт Сергей Дохоляница. МухIканаб хIалалъ кигIан хайир хас гьабун гьеб нухлудаса Дагъистаналъе букIинебали абизе жеги цудунго бугила, амма порталде логистикияб кIвар бугеб маршрут рагьиялдаса Дагъистаналъул порталъул къайидул оборот цIикIкIанагIан гьеб цебетIезе рес бугила.
Чанго соналъ цебе Дагъистаналдаса Ставрополь Икълималде Нугъай мухъалдасан нух бахъиялъул харбал рукIанила, амма гьел ишалде руссинчIила. Ставрополалдаса Дагъистаналде нух бахъиялъул рагIидал, цин жинда кканила гьеб проект цIигьабулеб бугин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе, экономист ва журналист Эдуард Уразаевас.
Эдуард Уразаев: «Нугъай мухъалъул Терекли-Мектеб ва цогидал росаби руго цIакъ гIагар Нефтекумск мухъалда, гьенисан кумекалъулаб нух бахъиялъул харбал рукIана чанго соналъ цере. Гьеб нилъеца бицунеб нух бахъиялъул аслияб мураб буго Каспий ралъдал порталде нух рагьи. Гьелъ магIишатчагIазул ресал гIатIид гьаризе руго, дагьлъизе руго нухлул харжал. Амма гьаниб абизе ккола жеги мухIканаб информация гьечIин гьеб нух гIарац кьезе кколебищ букIинеб яги чIобогоябищ букIинебали. ГIицIго регионалияб бюджеталдаса гIарац харж гьабун бараб гьеб нух гIарац кьолеблъун букIине рес буго. Цоги суал ккола, Каспий ралъдахъе рагьараб нух хIалтIизабиялъулхъ кигIан гIарац гьез предпринимателаздаса тIалаб гьабилебали».
ГьабсагIат Дагъистаналдаса Ставрополалде бугеб нух ккола Кавказ федералияб нухлул бутIа, гьелъул халалъи бащалъулеб буго 728 км. Нухда балеб буго 11 сагIат ва гьеб унеб буго Чачан республикаялдасан. 12 км нухлул - гьеб цIакъго лъикIаб ва бигьаяб манзиил бугин рикIкIунеб буго гIадамазги. Ставрополь икълималда руго гIемер дагъистаниял, гьениб хIалтIизабизе ракь босун, тIорщел, цIоросаролъ ва цогидал нигIматал гIезарун ва цогидал росдал магIишаталъул секторазда жигараб гIахьалчилъи гьабулел ругел. 2010 соналъ тIобитIараб гIадамазул къадар рикIкIиялда рекъон Ставрополь икълималда гIумру гьабун руго 73162 дагъистаниял.
Абизе ккола, рагIалде рахъунел ругин Дагъистаналъул ва Ставрополалъул гIорхъода балеб бугеб кIамури баялъул хIалтIаби, гьединго рес бугила 2015 соналда жаниб Дагъистаналда Ставрополь икълималъул вакиллъи рагьизеги, кIиябго Кавказулъ субъектазда гъорлъ рекъел ва гьоркьолъаби щулагьариялъул мурадалда.