Араб анкьалъго гΙадин, гьаб анкьалъги Дагъистаналъул блогераз гΙодоб толеб букΙинчΙо Москваялда Дагъистаналъул тΙалъиялъул оппозициялъ тΙобитΙараб съезд. Аслияб къагΙидаялъ гьоркьор лъолел рукΙана съезд тΙобитΙиялъул хΙасилал. Цоязда гьел хΙасилал Дагъистаналъул тΙалъиялъе лъикΙал гуреллъун рихьулел рукΙана, цогидаз бицунеб букΙана гьеб съездалъ бихьизабунин жибго оппозициялъул загΙиплъи.
Блогер ГΙали МухΙамадовас хъвалеб буго Livejournal.com сайталда, съезд тΙобитΙулезда кΙванин федералиял информалатазул ва централияб тΙалъиялъул кΙвар жидеде буссинабизе. Гьес гьоркьоб лъолеб буго Regnum абураб интернет порталалъул нухмалъулесул заместитель Казенин Константинил макъала. Гьениб Казениница бицунеб буго Дагъистаналъул президентасе имиджалъулаб ками ккелин гьеб тадбиралъ, щайгурелъул съездалъ федералияб даражаялда бихьизабунин Москваялда щун ине хΙадурараб оппозиция букΙин ва цере лъунин республикаялда ругел гΙунгутΙаби. Амма съездалда гьесие унго-унгояб дандечΙей гьабизе гΙурав чи вукΙинчΙин тΙадеги жубалеб буго.
Цо-цояз рикΙкΙунеб буго оппозициялъул съездалъул хΙасилалда политикияб рахъалъ цΙикΙкΙун бергьанин живго президент МухΙамадсалам МухΙамадов. «Миллат» газеталъул редактор БисавгΙалиев МухΙамадица Facebook.com сайталда хъвалеб буго гьеб президент хъулухъалдаса нахъе витΙи тΙалаб гьабулеб съездалъ гьев жиндир хъулухъалда жеги лъикΙ щулалъанин. «Президент ва гьесул команда роххуца холел руго оппозициялъ гьабураб бихьун. Жакъа республикаялда лъугьараб ахIвал-хIалалъухъ балагьун, щибаб къоялъ рикъулел, чIвалел гIадамалги ругеб, я социалияб, я экономикияб, я нухмалъиялъулаб рахъалъ цебе босизе жо гьечIеб бакIалда щула гьавуна президент жиндирго тахбакIида. Политикияб рахъалъ гьунарал гьарулел руго гьес. Гьаб кинабго хъуй батана добго гьабил рогΙринибе унеб лъим дагьабги мухΙканго ва камилго чваххиялъе гьабураб» - абур хъвалеб буго М. БисавгΙалиевас.
Цойги блогераз гьоркьоб лъолеб суал ккана Россиялъул лъай кьеялъул министерлъиялъул сайталда бахъараб цΙалул идарабазул сияхΙ. Гьениб рехсолел руго улкаялъул щибаб регионалдаса нахъе ккарал цΙалул идараби. Гьединазде гъорлъе Дагъистаналдаса киналго цΙалул идараби ккун руго, цохΙо Пачалихъияб Университет хутΙун. Щай гьеб рехсараб сияхΙалда гъорлъе ккечΙеб ва бугищ рехсараб университеталъул тΙокΙлъияли ЭР-ялъе бицана философиял гΙелмабазул кандидат Саидов Садикъица:
Саидов Садикъ: «ЦΙалул идараялъе къимат кьезе ккани тΙоцебесеб иргаялда балагьизе ккола кинал специалистал гьеб идараялъ риччалел ругелали ва гΙелмияб рахъалъ кинаб хΙалтΙи гьабулеб бугебали. Гьеб буго аслияб жо бокьараб тΙадегΙанаб цΙалул идараялъул. Хас гьабун нилъер республикаялда ругел цΙалул идарабазул бицани, гьел пайда бугеллъун лъугьине ккани тΙоцебе дагь гьабизе ккола цΙалулелзул къадар. Советияб пачалихъалда букΙараб куцалда, цо курсалда 40-50 чиясдаса цΙикΙкΙун чагΙи росизе бегьуларо. Росаралги лъикΙал, лъай бугел росизе ккола, цере ккарал чагΙи тΙадегΙанаб цΙалул идараялде риччачΙого. Гьеб мехалъ букΙинаан пайда ва специалистал лъикΙал рукΙинаан. ТΙадеги, лъикΙал специалистал киданиги хΙалтΙи гьечΙого хутΙуларо.
Нилъераз риччалел руго лъай гьечΙел специалистал ва гьел къотΙнор хутΙулел руго. Мисалалъе, Дагъистаналъе щибаб соналъ тΙаде Ι00 юрист къваригΙун ватани, гьедигΙанасел гурони риччазе бегьуларо, хал гьабизе ккола кигΙан къваригΙун ругелали. Дагъистаналъул цΙалул идарабаз риччалел руго аза-азар юристал. Пайда бугеблъун рикΙкΙунеб Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъулги батΙалъи гьечΙо цогидазда данде ккун. Лъай кьеялъул министерлъиялъ сунде балагьун гьезие къимат кьолеб бугебали дида лъаларо, гьезул пайда борцин бигьаяб хΙалтΙи гуро. Дир хΙисабалда киназго риччалел руго къватΙире пайда гьечΙел специалистал».
Дагъистаналъул киналго тΙадегΙанал цΙалул идарабзда жаниб цохΙо Пачалихъияб универстет гурони пайда бугеблъун рикΙкΙунгутΙи мекъи бугилан хъвалеб буго Facebook.com сайталда Джалал Бутаев абураб блогерас. Гьес рикΙкΙунеб буго бищун лъикΙаблъун Техническияб университет. Гьесда разилъулев гьечΙо Махди Рамазанов абурав блогер. Гьесул пикруялда рекъон Техническияб университет ругьунлъун буго жидеего реклама гьабун, лъай кьеялъул даража гьениб гΙодобегΙанаб бугилан.
«Черновик» газеталъул бетΙерав редактор Бияхъай МухΙамадовас хъвалеб буго рехсарал цΙалул идарабазда жаниб Пачалихъияб университет бугин бищунго ришватчилъи гΙемераб цΙалул идара. «Дун рази гьечΙо Лъай кьеялъул минстерлъиялъул пикруялда. Пачалихъияб университеталда цΙалулел руго бечедал чагΙазул лъимал ва гьез ришват кьун бокьараб къимат босула. Гьезие къимат кьезе бокьун батани гьел идарабаз къватΙире риччарал тΙокΙлъиялда цΙали лъугΙаралгун 5-Ι0 минуталъ кΙалъай абе. Гьеб мехалъ бихьила лъихъ щиб бугебали» - ян хъвалеб буго журналистас.