Комиссиялде рачIанщинал чагIи хъачагъалищ?

Dagestan--Supreme Court, Makhachkala, 2012

Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналъ байбихьана цере изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гъорлъги вукIун, гьанже ракълилаб гIумруялде вуссарав анкьго чиясе хIукму къотIизе. Гьел ккола МахIачхъалаялдасагун Дербенталдаса ва Дагогни шагьараздаса гIолохъаби.
ТIадегIанаб Диваналда хIукму къотIизе байбихьилалде гьев анкьавго чи вачIун вуго тIаса лъугьинги гьарун Къурбанов Ризванихъе. Гьев ккола цеве Дагъистаналъул хIукуматалъул вице-премьерлъун вукIарав, гьанже Россиялъул Пачалихъияб Думаялда вугев депутат. Гьес нухмалъи гьабула изну гьечIого яргъид гIуцIарал гIадамал ракълилаб гIумруялде руссинаризе республикаялъул хIукуматалда цебе гIуцIараб комиссиялъе. Гьедин гьабсагIаталда диваналда цере эхетарал гIолохъаби батIа-батIаго рачIун ругоан гьеб комиссиялде жал тIаса лъугьун теян. Низам цIунулезухъе жалго рачIарал рохьилал абулел чагIи аслияб куцалда тIаса лъугьун тола, гьезда тIад би батичIони.

Бицен гьабулел гIолохъаби ккола МахIачхъалаялдаса, Дербенталдаса ва Дагогни шагьараздаса - ХIасан Къурабегов, Нариман МирзамахIамадов, Телман ХIажимустIафаев, Заур МахIмудов, Фарид Тахмезов, Темирлан Амиров, Арсен ГIисаев.
Низам цIунулез рикIкIуна гьез къасд гьабун бугин полициялъулал чIвазе.
Гьединго абулеб буго Нариман МирзамахIамадовасги Телман ХIажимустIафаевасги чIванин гъоркьисала июлалда МухIарамкент мухъалъул Советское росулъ школалъул директор. Гьелдаса хадур рахчарулел рукIарал гьезул эбел-инсуца хитIаб гьабунин ракълилаб гIумруялде гIадамал руссинарулеб комиссиялде жидер лъимал рохьоса къватIире рачине кумек гьабейин. Гьединго полициялде ячIун йигоан Темирлан Амировасул эбелги – гьесде гIунтIизабулеб буго Мамедкала росдал полициялде кьвагьдеялъул гIайиб.
Дагъистаналдаса адвокат МухIамадова Сапиятица гIажаиблъи гьабулеб буго комиссиялъул хIалтIуда. ТIаса лъугьинги гьарун чи живго низам цIунулезухъе вачIун вугони, комиссия гъорлъ чIвачIониги толила къануналъ парахат (гьезда тIад би батичIони). Гьединлъидал комиссиялъул хъулухъ щибдила гьениб гьоркьоб? Гьедин комиссиялде рачIарал гIолохъабазде гIунттIизабулеб бугила терроралъул гIайиб.

МахIамадова Сапият, адвокат

МухIамадова Сапият: «Жидехъе рачIаниги, гьез гьел чагIи хъачагъаллъун рикIкIуна. Гьез халгицин гьабуларо, гIайибиял ругищ гьел, яги гьечIищали, гьабунищ гьез такъсир, гьабичIебищали.
«Диван жеги гьабун гьечIо, амма тIаса лъугьинги гьарун комиссиялде живго вачIун вукIаниги, пуланав чиясде гIутIизабулеб буго 208 статьяялда рекъараб гIайиб. Щибизе гьеб гьабулеб? Комиссиялде вачIаниги, батIалъи гьечIоха - 208 статьяялда рекъон гIунтIизабизехъин буго гурищха чиясде гIайиб?!».

Гьелъ мисалалъе вачунев вуго МахIачхъалаялдаса ГIисадибиров ХIажи абулев чи. Аскарияз сверун ккураб минаялъуса къватIиве вачIун вуго гьев чIаго телин абун Дагъистаналъул нухмалъулес кьураб рагIудаги божун. Амма гьелъул магIна кколарин ГIисадибиров хъачагъ вукIинилан абулеб буго адвокаталъ. Кин батаниги, гьанже терроралъул гIайибги гIунтIизабун жанив лъун рагIула гьев.

МухIамадова Сапият: «КигIан боьканиги руго гьединал хIужаби. Масала, Эмеев АхIмад, Бациев Ислам, ХIажи ГIисадибиров. Гьел киназего хIукму къотIун буго 208 статьяялда рекъон».

Изну гьечIого яргъид гIуцIарал гIадамал ракълилаб гIумруялде руссинарулеб комиссиялда тIасанкIалъаял гIемер рагIизе бегьула. Масала, исана апрелалда Дагъистаналъул президентас тIобитIулеб данделъиялда ЦIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев Алексей Саврулиница гьарун рукIана Къурбанов Ризваниеги жибго комиссиялъеги бадирчIваял.

Алексей Саврулин, ЦIех-рехалъул комителалъул дагъситаналъул бутIаялъул бетIер

Алексей Саврулин: «ТIоцебесеб иргаялда, комиссиялъ халгьабизе ккола рагъги тун, ярагъги нахъе кьун кверде рачIарал гIадамазул. Ризван Данияловичас рехсолев вуго рохьоса тIадвуссинавурав 37 чи. ХIакъикъаталда гьединазул кIиго-лъабго чи гурони гьечIо. ХутIарал руго хасал операциязда кьвагьизе жоги лъугIун, кверде рачIарал чагIи. Гьезие тамихI гьабизе ккола къануналда рекъон. Нужеца хIалалъ гьабулеб хIалтIуца терроризмалда данде къеркьеялъе щибго хIасил кьоларо. Нужер къагIидаялъ хIалтIун, бокьанагIан гIадамалги чIван, такъсиралги гьарун, кIанцIизе бакI тIагIарав, цойги нух хутIичIев чи вачIунев вуго комиссиялде «дида гурхIа, дун лъикIав чи вугин» абун. Рохьосаго ярагъги гIодоб лъун вачIун вугони бегьула, амма хасал операциязул заманалда кверде росарал чагIи риччан тей битIараб гьечIо, гьединаб хIалтIул кинабгIаги магIнаги гьечIо».