Республикаялда ахIвал-хIал хIалуциналда бан Дагъистаналде рехарал къуваталъул идарабазул 800 гIанасев чи кирехун хIебтIизе ругелали жеги чIван къотIун абизе кIаларилан лъазабуна республикаялъул жанисел ишазул идараялъ гьал къоязда, амма экспертазин абун рикIкIунеб буго тIадеги къуват рехунилан гьениб щибниги хисизе гьечIилан.
Дагъистналда хIалуцараб ахIвал хIал букIиналда бан мадугьалихъ бугеб Чачан республикаялдаса тIадеги къуваталъул идарабазул 800 гIансев чи витIизе вукIиналъул баян къватIибе кьун букIана хамиз къоялъ Росиялъул жанисел ишазул Шималияб Каваказалда бугеб бутIаялъул нухмалъулев Ченчик Сергейица.
ЖамгIияв хIаракатчи Шамилов МухIамадица абуна ЭР-ялъе жинда рагIанин 20-30 азарго чисядасан гIуцIараб къуватиял идарабазул къукъа Дагъистаналде битIизе букIиналъул. Амма гьес рикIкIунеб буго республикаялде тIадеги къуват рехиялъ ахIвал хIал тIадеги хIалуцине гьабулилан.
Шамилов МухIамад: «Армиялъ киданиги гIадлу–низам гьабизе гьечIо, гIадлу гьабун бажарула гьелъие гьунар бугел гIадамазухъа. ТIадеги къуват рехун гьаниб гIадлу гьабун бажарулареблъи нилъеда цебеги бихьана ,Унсоколобе аскар битIидал, армиялъул щибниги пайда ккечIеблъи. Гьанжеги гьел лъугьун руго гьебго гьабизеян. Хадуб щиб ккезе бугеб? Жидецаго гьабураб хIалтIул баян кьезе ккола гьез тIад тарал хIакимзабазе: чан чи чIварав, чанав лъукъарав ва чанав тIагIинавуравали. Гьедин гIумруялдаса ватIалъизе вуго чанги гIайиб гьечIевщинава чи, ай зулму цIикIкIине буго гьениб. Зулму цIикIкIанагIан халкъ гьезда дандечIезе буго. Гьеб букIине буго бищун гIасияб рагъ. Жакъа чара гьечIого халкъ гьелдаса цIунизе буго бищунго къваригIун».
Дагъистналъул хIинкъигьечIолъиялъул мажлисалъул нухмалъулев МухIамад БагIачиловас информациялъул алатазе кьураб баяналда абулеб буго Дагъистаналде тIадеги къуват рехиялъул лъикIал хIасилал тIоцересел къоязго загьирлъанилан, батIайиса абуни, гьесул рагIабазда рекъон тIадеги битIун бачIараб къуваталъ хасал операциял тIоритIанин аби гурони, чIванкъотIарал мисалал рачунел гьечIо гьес гьенир.
Шамилов МухIамад: «БагIачилов МухIамад гIемерисезда лъалев лъикIав, бахIарчияв чи вукIана цеве. Амма жиндирго хъулухъалда рекъон гьес бицине кколеб буго тIадчагIазе дандекколеб хабар. Жакъа республикаялде тIадеги къуват бачIаралдаса чIвай-хъвейги, гIадамал рикъиги дагьлъанин абураб хабар лахIчIегIераб гьереси буго. Жидерго хъулухъ цIуниялъул мурадалда гьединаб гьареси гьез бицине ккей кIудияб гIакъуба буго халкъалъе. Гурони балагье щибаб къайилго гIадин чIвалел руго гIадатиял гIадамалги, полициялъул хIалтIухъабиги. Гьеб бихьуларогийиш?».
Къуваталъул идарабазул къукъа цIикIкIинабиялъулъ конкурнеция унеб бугин республикаялда-ян рикIкIунеб буго политолог Руслан Гереевас.Лъицаниги рикIкIунеб батани тIадеги къуват цIикIкинабиялдалъун ахIвал-хIал хисун бугин республиккаялдаян, гьез хал гьабе информациялъул алатаз ахирисел къояз кьурал баяназухъ. Бищунго кIудияб проблемалъун хутIулеб буго изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъа республикаялда къойидаса къойиде цIиIкIкIунеб букIин .
Руслан Гереев: « Дица абила бищун кIудияб проблема гьелъулъ бугин. Зулмуялъ дандеги зулмуялдалъун кьола жаваб. Санаца руго хасал опрерациял тIоритIулел, хIасилин абуни кколеб гьечIо. Батани бихьизабеян абе. Ва гьединго кида гьелъие ахир лъолебалиги, кIоларо лъидаго жаваб кьезе. Къуват цIикIкIкунеб буго кIиябго рахъалъ. Пачалихъалъул позицияги бичIчун буго, Москваялъ тIалаб гьабулеб буго кигIан кIваниги хехго Шималияб Кавказалда терроралъулаб суал рагIалде бахъинаби, гьезул бетIер унтараб суал ккола гьеб хIакъикъаталдаги. КъватIиса улкаялъги гьезда бадиб чIвалеб жо буго, гьеб нужедаго жаниб бугеб Кавказалъул суал тIубазе кIоларин абураб, гьединлъидал Москваялъ тIалаб гьабулеб буго хIасил, хIасилин абуни кколеб гьечIо."
Ахиралдаги Руслан Гереевас абуна жинда ракIчIун абизе кIолин бокьарав экспрет, политолог ялъуни дипломатасда гьикъани, гьез киназго абизе буго республикалда гIолилазда хурхун гьабулеб политика нахъе ккун бугин. КьучIдасанго, гьеб хисизабизе къваригIун буго, гьеб мехалъ бажаризе буго лъугьун бугеб ахIвал -хIал хисизабизе.