Шималияб Кавказалда ругел диниял церехъабазул конгрессалда борхана Москваялда исламияб академия гIуцIизе ккеялъул суал. Гьелъ квербакъизе бугила ислам-диналда жанир лъугьунел суалал роцIцIинаризе. Масала, кIал кквей, кIал биччаялда хурхараб суал. Гьедин Дагъистаналъул щибаб мухъалда гьеб батIи-батIиял къояз ккола ва биччала.
Мажгитазул имамаллъунги кIудияб даражаялъул лъай бугел чагIи гурони тезе бегьиларин абураб пикру ккана гьениб. Масала, дагьалъ цебе чачаназул вакиллъи ун букIанила Мароккоялде. Гьенир мажгитазул имамаллъун толел ругила рекIехъе Къуръан лъалел хIафизал. Гьелда тIадеги пачалихъиял цIалул идарабазда хасал курсалги лъугIизаризе кколел руго гьединав чияс.
Аслияб суаллъун букIана бусурбабазул уммат бикьизе биччангутIиялъе хIалтIи гьабизе ккей.
Динияб рахъалъ бичIчIи кьеялъул хIалтIуца кумек гьабулареб мехалда къуват хIалтIизабизе кколеб бугин бицана гьениб Дагъистаналъул хIукуматалъул вице-премьер Рамазан Жафаровас. Гьедин диниял экстремистал ралагьулел ругилан низам цIунулез исана сентябралдаса нахъе хасаб низам чIезабун букIана Унсоколо мухъалда. Амма гIадатиял гIадамаз гьезул рахъкквечIин абуна Рамазан Жафаровас.
Рамазан Жафаров: «Гьеб росулъ 12 хъачагъ чIван вукIаниги, цониги чи рази гьечIо низам цIунулез гьениб хасаб операция тIобитIиялда. Гьенир ратана яргъил кIуди-кIудиял нахърателалги. Кин батаниги щибха, гьеб росдал гIадамал низам цIунулезда дандечIун, инсанасул ихтиярал цIунулездеги цогидаздеги ахIи балел ругеб мехалда. Гъоркьисала республикаялда чIвана низам цIунулезул 89 хIалтIухъан. Исана – 12. Гьединго цониги терактги ккечIо республикаялда. Изну гьечIого яргъид гIуцIарал гIадамазул гIемерисел квердеги рачIунел руго. Гьеб ккола бусурбабазул рухIияб идараялъул хIалтIул хIасилги».
Амма гьеб конгрессалда цониги вукIинчIо гьелъул гIахьалчагIазулгун рагIи яги пикру данде кколарев чи. Масала, рукIана тIарикъаталъул рахъ ккурал чагIи. Гьезулгун пикру данде ккунгутIи букIуна салафияб рикьиялъул вакилзабазул. Гьединлъидал гьелги рукIаралани, нужеца бицунеб хабаралъул пайда дагьабги цIикIкIараб букIинароанищин кьураб ЭР-ялъул суалалъе гьадин жаваб кьуна Дагъистаналъул муфти хисулев ХIажиев МухIамадица.
ХIажиев МухIамад: «Гуро, гъол ахIун рачIунарелъул. Чан нухалъ гъол ахIарал Жума-мажгиталъул данделъабаздеги. Дунялалъул гIалимзабазул ассоциациялъул вакилзабазул данделъиялдеги рачIун нужерго суалал кьейин абун букIана гъозда. Гьеб мехалда рачIун кьуна гъоз суалал. Гьеб данделъиялъул кIудияс – МухIидин Ал- Къарадагъица - кьуна гьезие жаваб, 20 соналъ нижеца гьезда абулеб, бицунеб букIараб жо ккола гьеб. РуцIцIун чIана, цониги дандечIараб жавабги кьечIо. Гъол гIалимзабаз абулеб буго Дагъистаналда рагъ гьабизе ккани, букIине кколила Даруль-хIарб (рагъул ракь - ЭР). Амма гьеб гьечIила гьаниб. Гъол (тIарикъаталъулгун рагIи данде кколарел салафиял – ЭР) руго къватIисан малъун тIамурал чагIи, дида бичIчIараб бакIалъа гIебеде. ШаригIатги буго, Къуръанги буго – гьелда рекъон гьабеха… Нижеца 20 соналъ абулеб букIараб жо такрар гьабуна гъозие дунялалъулго гIалимзабазул ассоциациялъул вакилзабаз. Данде абизе жо гьечIо гъозул, букIарабани, гъол гьаниреги рачIунаан».
Амма жал лъицаниги ахIичIин гьеб конгрессалде, Дагъистаналъул муфтиясул цIаралдалъун гьабулеб жо гьеб букIарабани, ахIичIогоги толароанин бицана ЭР-ялъе салафиязул рахъалда вугев гIалимчи Шагьрурамазан ГъазимухIамадовас.
Шагьрурамазан ГъазимухIамадов: «Нолъ кIалъана дихъе цояв, гьенире ахIун ругищан цIехезе. Муфтиясулгун нижер лъикIал гьоркьорлъаби руго, гьаб кIиябго соналъ рагIи дандеккеялъе гьарулел цадахъал ишалги ругелъул гьезулгун нижер. Гьедин дов чияс ахIун бачIиндал, дун бакI-бакIалде кIалъана – нижеразул щалго ахIун ратичIо. ГьабсагIаталда гьаниб къваригIараб жо буго парахалъиги рагIи дандеккейги. Амма церего гIадин цого рахъалъул политика хIалел руго гьанир цо-цоял».
ЭР: «Жидеца ахIараб бакIалдеги рачIун, данде рачине аргументал рукIунарила нужерин абула доз. Дуца кинаб жаваб гьелъие кьелеб?»
Шагьрурамазан ГъазимухIамадов: «Валлагь, аргументал-фактл щибха рукIинел, цо чIванкъотIун хIужа бачани, букIинаха гьелъие нижер аргументги. АхIун цойидегун, дандбазе ккелаха. Гурони кидаго цого жо бицунел хутIулел руго. Доб 20I0 соналда букIараб Дагъистаналъул халкъазул съездалда жамгIияв хIаракатчи ГIабас Къебедовас бачана цо лъикIаб мисал. Мала-Насрудинихъа билараб цо щибалиго жо балагьулел рукIун ругила киналго. Гьаниб къватIиб балагьичIого гьеб, доба жаниб щайин балагьулареб, добалъидалин гьеб тIагIарабин абун бугила цояс. Доба жаниб рукIкIун бугин, гьаниб къватIиб канлъи бугин жаваб кьун бугила гIадамаз гьесие. Гьединго ругила гьанже нужги. Гьединлъидал доба доб буго, гьаниб гьаб бугилан рукIинчIого, кIиябго рахъги ахIун бицине ккеларищ хабар?».
Бицен гьабулеб конгресс тIобитIана Дагъистаналъул хIукуматалъул квербакъиялдалъун.