«Зам-Замалъ» къинабураб Зам-Зам

Исана хΙежалде ине бокьараз хΙадурлъи гьабизе байбихьу буго, амма гъоркьисалалдаса нахъе цо-цо фирмабазул гΙайибалдалъун гьенире ун бажаринчΙезухъа кигΙан тΙалаб гьабуниги жидерго гΙарац нахъбуссниабун бажарулеб гьечΙо.
2012 соналъул сентябрь моцΙалдаса нахъе гΙадамал хΙежалде ритIулеб «Зам Зам» фирмаялъ жал махсароде кколел ругин, хIежалде ритIичIого тей гIечIого тIадежоялъе лъагIалица жидер гIарацги нахъбуссинабулеб гьечIин лъазабулеб буго гIадамаз. Гъоркьисалалдаса нахъе чанцIулго ракIарана гьел жидерго документалги гIарацги тIалаб гьабун фирмаялъул кIалтIе, амма метер, рачIа , анкьидасан рачIа, моцIидасан раккеян нахъе ритIулел руго гьел.

Гьедин жидерго гIарац нахъе щвезе хьулгун гьел гIадамал итни къоялъ цойги нухалъ рачIун рукIана Зам Замзамалде. Гьаб нухалда фирмаялъул нухмалъулес гьезда лъазабуна исана хIежалде унел чагIаз жидее кьураб гIарцудасан бецIилин нужер гIарацилан.

Жидер гьел гIадамазда божилъиги хун бугин, гьабизе жоги лъаларого ругилан абулеб буго хIежалде инчIого хутIараc: «Зам Зам хас гьабун гIадамал хIежалде ритIиялъе хIалтIулеб компания буго. Гьединлъидал гIемер беццулебги рагIун кьун рукIана дицаги гьанире документал, амма бакъалда тана гьез ниж. Чангиязул гIумрудул аниб буго хIеж борхи. Гьедин дида цадахъ йикIана 10 соналъ хIежалде инейилан гIарац данде гьабурай гIадан. ГIодун чара хун йигоан гьей, магIарухъа гьание хьвадун жинда чIалгIанила, тIокIаб гьебщинаб гIарацги жиндир гIумруялда жаниб жиндихъа данделъиларин, щибдай жиндица гьабилилаян. Гьединал лъабнусгогIан чи вуго нижер. Ахиралде щвезегIан нуж ине ругилан, хIадурун рукIайин нижедаги лъазабун Зам Замалъулаз, махсароде кквелеблъи лъан букIарабани цойги нухал ратилароанищ нижеца. Ахирисеб къоялде щвезегIанги чемоданалги хIадурахъе рукIана ниж, бокьараб мехалда ахIизе бегьулинги абун, махсароде ккун тана»

Зам Зам фирмаялъул вакилзабаз лъазабулеб буго жидеда гIайиб ккечIин, хIежалде ине квотаби рачIинчIолъиялда жидеца щибго гьабун бажаруларилан. Цойги хIежалде инчIого хутIаразул гIарац жидеца заманалда тIадбуссинабунила, хутIаразул гIарац хIажичагIазе санагIалъаби гьаризеги, гьезул транспорталъухъгун, петеразухъги цебехун гIарац кьезе кколелъул гьелда хвезабунилан. Исана хIежалде унез жидее кьураб гIарцудаса босун бецIилила гьел чагIазе гIарациланги лъазабулеб буго Зам Зам фирмаялъул вакилзабаз.

Дагъистаналъул динияб идараялъул пресс-секретарь МухIамадрасул ГIумаровас «Эркенлъи» радиоялъе бицана Зам Зам фирмаялъул кумекалдалъун хIежалде инехъин рукIаразе гурони гIарац тIадбуссинабичIого хутIичIилан. Цойги чанго фирмаялъги хIежалде ине рукIаразул хьулал къотIизарун руго, амма гьезул гIарацгIаги заманалда нахъе щун буго.
МухIамадрасул ГIумаров : «Гьеб букIана квотаги гьечIого гIадамазухъа гIарацги документалги росулеб фирма»
«Эркенлъи» радио: «Исана ругищ гьединал фирмаби?»

МахΙамадрасул ГΙумаров, ДУМДалъул пресс-секретарь

МухIамадрасул ГIумаров: «Исанаги ругин абулеб бугоха. Нижеца гьелда хурхун цIех-рех гьабулеб буго. «Гьижратуль» абун бугила цо фирмайин лъазабунаха.

"ЭР: - Гьединал фирмабазде данде гьабулеб къеркьей, балеб рагъ букIунищ?

МухIамадрасул ГIумаров: « БукIуна, нижеца передачабиги рахъулел руго, гIадамазе бичIчIикьеялъе хIалтIабиги гьарулел руго. Исана гIадамал хIежалде ритIизе ихтияр кьураб кIиго фирма буго. Гьел ккола «Баракат» ва «Марва тур» фирмаби. Гьезул кумекчаги – агентал руго «Караванги» «Равза-турги». ХутIаралщинал чагIи ккола гIадамал махсароде кколел чагIи».

Дагъистаналъул динияб идараялъул баяназда рекъон исанаги Россиялда бищун гIемер хIежалде ине бокьаразул къадар дагъистаниязул буго. Гьаб сагIаталда жаниб мухIканго гьезул къадар чамиде бахунебали лъалеб гьечIо. ХIежалде ине бокьарал хIадурлъизе байбихьун буго.