Дунялалъулго бусурбаби хIадурлъулел руго исламалъул ункъабилеб рукну тIубазабун кIал кквезе. ТIаде щвана хириял лъабго моцIазул цояб Шагьру-Рамазан. Исана гьелъул тIоцебесеб къо ккола июлалъул ичIабилеб, талат къо. ГIадатлъун билълъухъе Дагъистаналда бахIсал къотIун гьечIо жеги кIал кколеб къоялда хурхун. «Эркенлъиялъ» къасд гьабуна гьеб хIужаялда сверухъ лъугьун бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъикъат лъазабизе.
Чачаназулги, Гъалгъаязулги гьединго Татаразул республикабаз итни къоялъ официалияб куцалда лъазабуна июлалъул ичIабилеб къоялъ жидеца кIал кквезе бугилан. Гьединго дагъистаниязда Рамазан моцI баркун итни къоялъ информ.алатаздасан цере рахъана муфтий АхIмад хIажи ГIабдулаевги, республикаялъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазанги. Амма Дагъистаналъул рухIияб идараялъул пресс-хъулухъалъул вакил ГIумаров МухIамадрасулица бицана талат къоялъ кIал кквезе бугилан абураб чIванкъотIараб хIукму гьабун гьечIин жеги идараялъилан. СагIудиязул доба цIияб моцI бихьанилан абураб лъазаби жидехъе щвани итни къоялъ маркIачIул какдаса хадуб жидеца гьеб киназдаго лъазабизе бугилан бицана гьес «Эркенлъи» радиоялъе. Амма гьес гьединго тIаде жубана Дагъистаналда бугеб заманаялъул роценалда рекъон хIалтIулел хIукуматаздаги талат къоялъ кIал кколеб бугони кквезе бугин гьанибги, гурони кквезе гьечIилан.
ГIумаров МухIамадрасул: «КIиго батIияб къагIида буго кIалкквеялъул. ТIоцебеселда рекъон цIияб моцI бихьарабго ккола ва бичччала кIал. КIиабилеб къагIида буго хIисаб-гIелмуялъул тартибалда рекъон кIал кколеб. Хасго гьаб заманалда техникаялъул къуват цIикIкIараб мехалъ бищунго гьелде кьола кIвар. Мисалалъе жакъа 11 тIубараб мехалъ моцI бихьани метер кIал кквезе ккола. БихьичIонани кIал кколароха, шаргIияб хIукмуялъги абулеб буго гьедин. Амма Чачаназги татаразул республикаялъги лъазабуна метер кIал кквезе бугилан. Дидаги ккола Дагъистаналдаги метер ичIабилеб июлалъ кIал кквелилан».
Амма щибаб соналъ рази гьечIого рукIуна гIадамал кIалкколеб къоялъулъ киналго цойиде рачIараб хIукму букIунарилан, гьедин чанго мухъалда цо ялъуни кIиго къоялъ цебе, я хадуб ккола тIоцебесеб кIал, гьединабго гIала-гъважа букIуна кIал биччалеб къоялъги. Муфтияс абураб рагIуда хадур рилълъине кколел чагIи ругин нилъ, цо къойин гаргадулел рукIинчIого рухIияб идараялъ рахъги ккун щайин гьал рукIунарелилан абуна гьелда тIасанги МухIамадрасулица. Ругин цо гьединаб къапила рухIияб идарялъ абураб рагIуде гIамалги гьабичIого жалго лъугьун кIал кколеб къо чIезабулел, гьезда гьабизе кIолеб жо гьечIин жалго Аллагьас гIодорусинаруни гурониян.
ГIумаров МухIамадрасул: «ГIемерисез метер кквезе буго кIал. Щайгурелъул Дагъистаналда гIемерисез мугъчIвай гьабула хIисаб-гIелмуялде. ГIемерисезда нахърилълъунарел цо-цо даргиязул росаби ругоха, кIал кIиго къоялдасан гурони кколарин жидецаян абулел. ИнкарчагIи ругоха гьел, щиб гьезда гьабилеб, Аллагьасда цебе гьез жидецаго кьелаха жаваб».
Гъоркьисалаги ва гьелда цебе букIараб соналде дандекун исанаги Рамазан моцI бищун багIарараб риидалил гIужалде дандекколеб буго. Ният гьабуралдаса кIал биччазегIан гьоркьоб заманалъул хIисаб гьабуни гIага-шагарго 18 сагIат гIанасеб заман кколеб буго. ГIемерисеб гIолохъанаб гIелалъе гьеб ккола гIумруялда жаниб тIоцебесеб нухалъ бищун къо кIудияб заманалда дандеккараб кIал кколеб моцI. Амма Аллагьасе рецц гьабизе кколин тIадеялдаса тIаде иман рекIелъ щулалъулеб бугин, кIалкквеялъул хиралъи бичIчIарал гIолилал тIадеялдаса тIаде цIикIкIунел ругин Дагъистаналдаян абулеб буго МухIамад Расулица. Гьелъие нугIлъи гьабулин къаси таравихIалъул какде рачIунел гIадамазул читIир кIодолъулеб букIиналъги.
ГIумаров МухIамадрасул: «Нилъ дагъистаниял киданиги жалго реццун цере рахъинчIо. Бихьинал гIадин Аллагьасе тIагIатги гьабун руго киналго. Иманги цIикIкIун буго щивасул рекIелъ, исламги къо бахъанагIан щулалъулеб буго республикаялда. Гьелъие мисалалги гIунги тIокIал руго, таравихIалде рачIунел гIолохъабиги гIемерлъулел руго, квана-гьекъезе гIадамал унеб бакIалги Рамазан моцIалъ хIалтIулел гьечIо, мехтизарулеб лъимги тIокIаб бичулеб гьечIо гьезул гIемерисезулъ. Щукру гьабизе бегьула Аллагьасе, АлхIамдулиллагь».
"Рамазаналъул чадир" абураб цIарги лъун сапаралъ унев вукIа, ялъуни гьобол-гьудул гьечIе нухлулав вукIа ва гьезулалда релъараб ахIвал хIалалде ккарал гIадамазе кIал биччазе санагIалъи букIине кваназе хасаб бакI хIадурун буго МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталъул азбаралда.