Рейтинг: Рамазан Рамзан гуро...

Россиялъул бищун лъикI хIалтIулел субъектаул бутIрузул рейтингалда Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIипов март моцIалда анлъго позициялъ гъоркье вачIун вуго. ГIабдулатIиповасул рейтинг гIодобе ккей экспертаз хурхинабулеб буго «Забота» лъималазул рукъалда сверухъ ахIи бахъиналда ва Дагъистаналда терроралъул жигар багъариялда.

Рехсараб рейтингалда Дагъистаналъул бетIерасул цIар араб моцIалда 21 бакIалда букIун батани, март моцIалъул хIасилазда гьеб 27 бакIалде ккун буго.

Март моцI, цебесеб моцIалда данде ккунги хIалуцараб моцI букIанин республикаялъе, киналго рахъаз: социалияб, экстремистияб ва политикиябин рикIкIунеб буго Гайдарил цIаралда бугеб экономикаялъул ва политикаялъул институталъул вакил Константин Казениница.

Рейтинг гIуцIулаго эксперталлъун рукIунел политологаз, политехнологаз ва журналистаз хIисабалде росулила цин пуланаб регионалда жанисеб ахIвал хIал, федералияб прессаялъ бихьизабулеб хIалалда кин бугебали. Экспертасул пикруялда, аслияб гIилла ГIабдулатIиповасул рейтинг гIодобе ккеялъе кколеб буго март моцIалда жаниб терроралъулаб жигар борхи республикаялда.

Константин Казенин: «ГIабдулатIиповасул рейтинг бортиялъе ругел гIиллаби киназдаго рихьулел руго. ТIоцебесеб иргаялда гьеб ккола март моцIалда жаниб терроралъулаб жигар нахъеги багъари Дагъистаналда, гьел кьвагьиялин абун таниги. Гьеб гуребги, цогидаб регионазда гьоркьосеб ахIи бахъинабуна Калмыкиялда ккараб инциденталъи. Гьеб кIиябго лъугьа-бахъиналъ асар гьабунин ккола дида гьеб рейтингалде».

Регионазул бутIрузул рейтингал цо экономикиялгун политикиял коммуникациязул Агентлъиялъ гурелги, чанго батIиял гIуцIабаз тIоритIулин, амма гьеб цонигиялдаги божизе бачIунарин, щай гурелъул гьел тIоритIулел методаби рагьарал гьечIолъиялъин рикIкIунеб буго политолог, Дагъистаналъул гIелмияб централъул тарихалъулгун археологиялъул ва этнографиялъул институталъул гIелмияв хIалтIухъан Ханжан Къурбановас. Щибаб рейтингалъул жидерго резон гьечIогон букIунарин рейтингал гIуцIулагойин рикIкIунеб буго гьес.

Ханжан Къурбанов: «Цо рахъалъ босанани, гьелдасан бихьула, республикаялда ахIвал-хIал хIалуцин, амма дун тIуван божуларо гьел рейтингазда. АПЭК ккола гьединал рейтингал гIуцIулел идарабазул цоял. Амма гьел идарабазул жидерго резон букIуниин тола дица, щай гурелъул гьеб цIех-рехал балъго тIоритIулел, тIубан гьел тIоритIулел къагIидаби мухIканго лъалел гьечIолъиялъ. Щибаб аналитикиял идарабазул жиде-жидер рукIуна резонал кинаб бугониги рейтинг бахъулаго».

Политологас гьединго кIвар кьуна, республикаялда гIицIго ГIабдулатIиповасул гуреб, гьесул сверухълъиялъе къимат кьезе кколеб жо бугин гьеб рейтинг. Блогер ва публицист Расул Къадиевасги рикIкIунеб буго гьеб цо республикаялъул бетIерасул гуреб, гьесул системаялъе къимат кьолеб жо кколин. Цебегоялдаса лъалеб жо бугила сверухълъиялъ пачахIасул даража яги борхизе яги бортизе гьабулеблъи. «Забота» лъималазул рукъалда сверухъ ккараб скандалалъ бихьизабунила, ГIабдулатIиповасул система хIалтIулеб куц.

Къадиевасул пикруялда, аслияб гьеб рейтинг бортиялъе гIилла кколеб буго лъималазул рукъалда сверухъ бахъараб ахIи.

Расул Къадиев: «Дида ккола гьеб рейтинг мухIканго «Забота» лъималазул рукъалда сверухъ бахъараб ахIиялда бан бортун бугин Дагъистаналъул бетIерасул. Гьелдаса цебе гьеб борхатаб букIун, анлъго позициялъ гIодобе ккеялъ гьединго бижизабулеб буго суал, ГIабдулатIиповасул рейтингищ гьеб, яги гьесул системаялъул рейтингищ.

Гьеб хIалалда хIисаб гьабун абунани, гьеб ккола ГIабдулатIиповасул системаялъул рейтинг гIодобе ккей. «Забота» лъималазул рукъалъул нухмалъулелъул рахъ республикаялъул бетIерас кквеялъ гьесул рейтинг бортана. Гьес гьей ритIухъ гьайиялъ гIадамазул рази гьечIолъи цIикIкана».

«Забота» лъималазул рукъалда хурхун бахъараб ахIиялъ гIодобе ккезабун буго ГIабдулатIиповасул рейтинг. Амма цо-цо экспертаз баян гьабухъе, гьеб ахIи Пачалихъияб Думаялъул депутат Ризван Къурбановас ГIабдулатIиповасда данде тIобитIулеб рищиязда цебесеб кампаниялъул хIасил кколеб буго.

Цересел моцIазда Рамазан ГIабдулатIипов тIоцересел 20 субъектазул бутIрузда гъорлъ вукIана, ахираб кIиго моцIида жаниб гьев цин 21 бакIалде, хадубго 27 бакIалде вачIун вуго. Рейтингалъул тIоцересел кьерда руго Москваялъул мэр Сергей Собянин ва Чачан республиаялъул бетIер Рамзан Къадиров.