Гьал къоязда лъагIел тIубала Дагъистаналъул нухмалъиялде Рамазан ГIабдулатIипов витIун вачIаралдаса. Щуго сонил болжалги кьун гьев гьеб хъулухъалда тасдикъ гьавуна Халкъияб Мажлисалъ гъоркьисала риидал.
Дагъистаналъул нухмалъулесул хIалтIуе къимат кьезе байбихьана гьев вачIун вахъиналдего. ГIемер рукIана интернеталдасан ва информация тIибитIизабулел цогидал алатаздасан ГIабдулатIиповасул политикаялъе квешаб къимат кьун, гьесде гъегъ бан хъварал макъалаби. Руго гьединго гьесдехун лъикIаб пикруялда рукIарал, хадур дагьалъ пашманлъизарурал гIадамалги. Байбихьуда цIакъ гIемер амбициялги хIалтIи гьабизе ракIалдаги букIанин ГIабдулатIиповасда, амма гьес кьураб рагIи кквечIин абулеб буго гьел гIадамаз.
Жинца хIисабалде росун рукIарал масъалаби тIуразе иш гьабичIин Рамазан ГIабдулатIиповасин рикIкIунезда гъорлъ вуго цеве миллияб политикаялъул, информациялъул ва къватIисел бухьеназул министрлъун вукIарав, гьанже журналистлъун кколев Эдуард Уразаевас. Масала, гьес абунила жинца хIукуматалъул чагIи хисанин 66 проценталъ. ХIакъикъаталдайин абуни гьел ругила цояб хъулухъалдаса цогидалде рачарал чагIи.
ГьанжелъагIан Дагъистаналъул нухмалъиялда рукIарал МухIамадгIали МухIамадовас, МухIу ГIалиевас, МухIамадсалам МухIамадовас гьабуралдаса цIикIкIун хIалтIи гьабунин Рамазан ГIабдулатIиповасин рикIкIунеб буго цеве «Черновик» газеталъул вукIарав бетIерав редактор, гьанже юристлъун хIалтIулев Бияхъай МухIамадовас.
Бияхъай МухIамадов: «ХIукуматалъул хIалтIуда ГIабдулатIипов гIадин хIалтIулел чагIаз гьабичIо гьагъабгунияб жо – такъсиразул цIех-рехалги цогидабги… Гьес жинцаго абулеб буго жиндие бокьухъе хIалтIизе толев гьечIин живилан. Жиндие къваригIараб куцалда рахъкколеб гьечIила федералияб централъ жинир. Дун кIалъана гIаамалгун. Гьез абулеб буго жидеени гIемер жо бокьун бугила гьес гьабизе, амма гьабуралъухъги баркалайила. ГIадамазул тIалабал цIикIкIарал ругоха. Щайгурелъул гьанжелъагIан хъулухъазда рукIарал чагIазе бокьун букIинчIо халкъалъул масъалаби тIуразе. Россиялда гIумру гьабулел гIадамазул бугеб хасият ккола цо ханги вачIун 20 соналъ гьабичIого тун букIараб хIалтIи бащдаб лъагIалида жаниб гьес гьабизе кколин чIолеб. Цо чиясухъа гьабун бажаруларо гьеб. Гьелъие къваригIуна команда, рацIцIадал, ришват босуларел чагIи. Нилъеда лъалаха гьединал чагIи Дагъистаналда дагьлъун рукIин.
Рачаралги руго ришватал росулел. Гьединлъидал хIалтIи релълъунеб гьечIо. Гьединго хъулухъазде тIамизе чагIи ралагьулел рукIана ГIабдулатIиповас. Гьедин резервалде росизе жидер цIарал кьурав 800 чиясул 300 чи тIаса вищана. Гьенир руго 20-30-35 сон барал, лъай бугел гIолохъаби. Исана хъулухъазде тIамулищ гьелали бихьилаха. ТIамичIони, цебего букIараб политика билълъанхъизабулеб бугин ГIабдулатIиповасгиян абураб магIна ккелаха гьелъул. Жинцаго кьураб рагIи букIана геьсул – жинца хIалтIуде росизе ругила гьанже цIалун лъугIарал, ришваталги росуларел гIолилал. Лъаларо. Цо сон анаха геьсул гьеб резервалде чагIи росулаго, гьезухъа экзаменал росулаго. Гьанже балагьилаха гьес гьел чагIи хIалтIуда лъолищ, лъоларищали».
ЛъагIалида жаниб гьабун батичIониги, гьанжеялдаса хадубгIаги гьабилин Рамазан ГIабдулатIиповас хIалтIиян абураб божилъи хьулги рагIула Унсоколо мухъалъул цо-цо гIадамазул. Гьедин бицана ЭР-ялъе гьеб мухъалдаса жамгIияв хIаракатчи АхIмад ХIамзатовас.
АхIмад ХIамзатов: «ЛъагIалида жаниб бажарун батилароха ГIабдулатIиповасухъа Дагъистаналда вугев 3 млн чиясул масъалаби тIуразе. Жакъа къоялда кIвечIеб жо буго къанун хIалтIизабизе кIунгутIи. Чанги чиясул ихтиярал хвезарун руго. Нижер мухъалдеги вачIун халкъалда цевеги вахъун рагIи кьунаха гьес къанун хIалтIизабизе. Гьединлъидал нижер хьул къотIун гьечIоха гьесдаса…».
Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасул политикаялъе гьабсагIат чIванкъотIараб къимат кьун бажаруларилан абулеб буго «Кавказский узел» агентлъиялъе социолог Энвер Кисриевас. Щайин абуни жеги гIуцIун бахъун гьечIила хIукумат – зама-заманалдасан хисулел ругила министрал, чIахIи-чIахIиял идарабазул нухмалъулел.