Палестинаялъул рахъ ккураб митинг гьукъана

МахIачхъалаялда Палестинаялъул рахъ ккун митинг тIобитIизе кIицIулниги хIалбихьана бизнесмен Абакар Абакаровас. Цин 15 августалда, цинги 23 августалда. Амма кIиябго нухалда битI ккечIо. Гьедин 20 августалда юристазда дандбана гьес гьеб суал.

ПалхIасил, юстициялъул министерлъиялдасан тIоцебе гьесие жаваб бачIун буго дуца бихьизабулеб болжалалда митинг тIобитIун бажаруларилан. Абакаровас ЭР-ялъе бицана жинца гIарза кьун 11 абилеб къо кколаанила гьеб, митинг гьабулеб къо. Амма кин батаниги, гьелде кIварги кьечIого, кIиабизеги кьунила жинца юстициялъул министерлъиялде гIарза.

Абакар Абакаров: «Гьеб мехалда жаваб бачIана дуда тIад ругила 19 батIияб гъалмагъиралъе гIоло къотIарал гIакIаби. Транспорт бачунаго нухлул полициялъ къотIарал гIакIаби рагIула гьел. Гьелда тIадеги жанисел ишазул министерлъиялдасан кьурабин абураб кагъатги бугоан цадахъго битIун бачIун. Гьениб хъван букIана полициялъухъе щварал баяназда рекъон, битIун гьагъаб митинг тIоритIизе дие къваригIарал къояз республикаялда теракталги кьвагьа-гIанхъиялги рукIине ругилан. Амма дица юристазда гьикъана гьелъул магIна щибилан. Гьез абуна гьадал дида тIад къотIарал гIакIабазулги гьел терактазулги хабар гьадингосеб чIанда бугилан. Митинг тIобитIизе нижее изну кьеялда бараб жо щибниги букIунарила гьезул».

Гьедин бицана ЭР-ялъе Абакар Абакаровас. Транспорталда яги цогидалда хурхарал гъалмагъирал гьечIев, вацIцIадав чиясул рахъалдасан кьезе хIалбихьизе кколаанин гьеб гIарза юстициялъул министерлъиялъ дагIба гьеб мехалда сунда балеб букIарабани бихьизеян абидал, Абакаровас жаваб кьуна гьеб мехалда бачунаанила киналалиго къояз республикаялда терактал ккезе рукIиналъул баянал щун ругин полициялъухъейин абураб багьана. БокьичIеб мехалда ургъулила гьединаб гIилла.

Къануналда рекъон, митинг гьабула юстициялъул министерлъиялде гIарза кьун 10 къо индал. 15 къо индал, гьабизе бегьуларо. Гьелъие изну кьелищ, кьеларищали жаваб бачIуна лъабго къоялдасан. Гьедин доб анцIго къоялда гьоркьоса лъабго къоги бахъун, хутIула анкьго къо. Гьеб мехалда нагагь изну кьеларин министерлъиялдаса жаваб бачIани, диваналде гIарза хъвазе рекерахъдизе заман гIезе ккола гьеб анкьго къоялъ. Гьебги циндаго, цохIо къоялда жаниб тIубаларо гIемерисеб мехалда. Диванчияс дора-аниса кагътал тIалаб гьарула, доб митингалъе гIарза кьурав чиясда хадуб гIакIа гьечIолъиялъе ва цогидалъе нугIлъи гьабулел. Гьедин нахъе хутIула лъабго-ункъо къо.

Абакар Абакаров: «Гьеб лъабго-ункъо къоялда жаниб митингалде гIадамал данде гьари букIунеб жо гуро. ГьедигIан дагьаб заманалда жанир киса-щал дуца ахIилел? РачIани, рачIинаха килщазда рикIкIине бажарулел чагIи. Гьеле, иш гьедин ккеялъе гьабулеб жо буго дол хъулухъчагIаз гьеб кинабго вала-рахас».

Гъазаялъул гIадамазе кумек гьабун Дагъистаналъул мажгитахъ бакIарана 200 азарго евро. Митингалда гIахьаллъичIониги, цо рахъалъ, гьединанги бегьулин Палестинаялъул рахъ кколеб букIин бихьизабизеян бицана ЭР-ялъе Дагъистаналъул бусурбабазул идараялъул хIалтIухъан ГIумаров МухIамадрасулица. Лъихъаниги изнуги босичIого гьединаб митинг кIигониги нухалда – 2007-2009 соназда – МахIачхъалаялъул Жума-мажгиталъул азбаралъуб гьабун букIанин ракIалде щвезабуна МухIамадрасулица. Гьенир рукIана батIи-батIиял гIадамал. РукIана Палестинаялдаса гIолохъабиги.

ГIумаров МухIамадрасул: «Гьанже Авартеатралдаги Ленинил майданалдеги рахъине къасд гьабуни, дида якъинго лъала, нилъер хIукуматалъ гьеб биччазе гьечIо. Щайин абуни халкъ бакIарараб бакIалда бокьараб провокация гьабизе, кьвагьа-гIанхъи гьабизе хIадурарал чагIи руго. Дун митингазде данде вугев чи гуро, амма гьединал бакIаздаса пайда босулел чагIи гIемерлъун руго. Гьеб рахъалъ жакъа хIукуматги цIодорлъун батила».

Палестинаялъулазе рахъккун митинг гьабизе ракIалда букIиналъул бицунаго, МахIачхъалаялда гIемерисез цебе рехун бачIуна чанго моцIалъ Крымалъул рахъккун пачалихъиял хъулухъчагIиги, студенталги, цогидалги гIахьаллъун Авартеатралда цебе тIобитIараб кIудияб митинг.

ГIумаров МухIамадрасул: «Крымалъул рахъккун гьабулеб митинг букIанаха коммунистазул заманалда гIадин тIадаблъунги гьабун, халкъги къватIибе бахъинабураб жо. Цодагьабниги бетIер бугел чагIи тIад релъулеб гIадаб жо. Дун инчIо гъове, щайгурелъул ракIалъ ахIичIого. Гъазаялъе гIоло бокьараб бакIалде ине хIадур вуго дун. Амма бичIчIуларо хIукумат щай хIинкъун бугебали. ХIинкъи гьечIолъи чIезабизе бажаруларин абураб жо гьадингосеб жо буго. Байрамалги цогидабги гьабулеб мехалда цIунула гурищ гIадлу? Дагъистан буго бусурбаби гIемераб бакI. Гьедин нилъеца кидаго абула гьезул рахъккун хIакъаб рагIи. Цебеги гьаниса бакIарараб гIарцухъ чед бежулеб бакI босун бугоан доз. Гьелъухъ дагъистаниязе баркалаги кьун бачIана добасан. Гьанжеги 200 азарго евро бакIарун буго. Гьединаб жо хIукуматалъ киданиги гьабуларо. Крымалде битIун араб гуманитарияб кумекалдасаги хIалалаб, ракI-ракIалъ гьабураб буго гьаб цояб кумек».

Палестинаялъул рахъккун митинг тIобитIизе къваригIинги, мажгитахъ гIарац бакIариги гуребги, дагъистанияз къададаги, транспорталдаги, цогидал бакIаздаги седолел руго «Палестина, ниж нужеда цадахъ руго!» абун хъвараб игIланалги.