Путинил гвардия

Владимир Путиница живго бетΙергьанаб гвардия гΙуцΙиялъул бицен кΙиго соналъ цебего баккун букΙана, амма доб мехалда гьесул пресс-секретарь Песковас гьереси гьабуна гьеб.

Гвардиялъул нухмалъулевлъун тун вуго Владимир Путин цΙунулев вукΙарав Виктор Золотов. Гьединлъидал Путин бетΙергьанаб армияйилан цΙар лъун буго гьанжеялдего журналистаз гьеб гвардиялда.

Гьединалго миллиял гвардиял руго дунялалъул цогидал пачалихъаздаги. Гьез кумек гьабула митингал гΙадал акциязул заманалда ахΙвал-хΙал рукΙалиде бачине, яги армиялда цадахъ рагъизецин.

Гьебго заманалда суал бачΙунеб буго Путиница «жиндирго» гвардиялда гъорлъе кавказиял рачине ругодай-гьечΙодай абун. Гьелда бан Чачаналдаса чияс ЭР-ялъе бицана республикаялъул бетΙерасул сверухълъиялдаса рагъухъабазда абулеб бугин гьеб гвардиялда гъорлъе лъугьайин, амма цо-цоязе бокьун гьечΙила. ТΙадбалагьун лъикΙаб гΙарацги щвезехъин бугила гьениб – нусазаридаса цΙикΙкΙун гъурущ. Гвардия гΙуцΙиялъул иш рагΙалде бахъине рагΙула исана Ι июлалдехун.

Цогидазул пикруялда рекъон, цΙияб гвардиялда гъорлъе кавказиял рачине хΙинкъизеги бегьула Россиялъул тΙалъи. Гьезда божилъи гьабичΙого. Амма гьелда бан цо-цояз ракΙалде щвезабулеб буго дунялалъул тΙоцебесеб рагъда багъулеб букΙараб «ГΙалхулаб Дивизия». Кавказияздасан, аслияб куцалда дагъистанияздасан, гΙуцΙараб гьеб багъулаан Россиялъул пачаясул рахъалда. Цинги Россиялда инкъилаб кколеб заманалда пача цΙунизегицин хΙадур рукΙун руго гьел.

Гьединго батилин Владимир Путиницаги миллияб гвардиялде мугъчΙвай гьабизехъин бугебилан рикIкIуна цо-цо гΙадамаз. Щайин абуни, гьесул тΙубаго божилъи батиларила хΙинкъи гьечΙолъи чΙезабиялъул федералияб хъулухъалдагун жанисел ишазул министерлъиялда.

ГΙезегΙан соназ Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялда хΙалтΙарав Шамилов МухΙамадица разилъи загьир гьабулеб буго цΙияб гвардия гΙуцΙиялда бан.

МухΙамад Шамилов: «Полицияйин абун цΙар хисун, гьенир хΙалтΙулел гΙадамал нахъе ритΙун - гΙемер хиса-басиял гьаруна. Гьанже дова Москваялда вугев цо сенаторас гьеб мекъи бугиланги суал лъун буго. Цо магΙна гьечΙеб бакΙалда буго гьеб рахъалъ иш. Полициялда гъорлъа нахъе рачун, рикь-рикьун руго батΙи-батΙиял хъулухъал.

Гьанже миллияб гвардия абун цΙарги хисун, аслиял киналго хъулухъалги гъорлъе рачун, хΙалтΙи гьабуни, хьул бугоха ришватчилъиги цогидаб гΙала-гъважаги лъугΙилилан. ЦΙарги берцинаб ургъун буго гьелъие. Бугебго идараялда цΙа хисулеб бугоха, цΙар хисунгΙаги лъикΙаб рахъалдехун хисилародайилан.

Жакъа къоялда Путиница гΙезегΙан лъикΙа-лъикΙал жал гьарулел руго. Гьелъул хΙасилги кколеб буго. ТΙадбалагьун гьаб жогΙаги щибизедай къваригΙарабин ракΙалде кканиги, хадусан иш рукΙалиде бачΙунеб буго. Досда ахΙвал-хΙал гъваридго бихьулеб батила.

Дир кутакалда ракΙбуссун буго гьаб полициялдаса. "Унти" ккун буго гьелда. Гьанже гьеб миллияб гвардия гьабидал, халкъалъеги пачалихъалъеги щвелин гьелъул баракатилан хьул бугоха. Лъаларо. Аллагьасда лъалаха».

Буйнакскиялдаса адвокат НурмухΙамад МухΙамадовасул рахΙатхвезабулеб буго Россиялда миллияб гвардия гΙуцΙулеб букΙиналъ. Щайин абуни гьелдалъун демократиялъе зарал ккезе рес бугила.

НурмухΙамад МухΙамадов: «ХΙукуматалда жаниб полиция букΙа, яги къуваталъул цойгиги идараби, рагъулал къуватал цΙикΙкΙин гΙадамазул ихтиярал, рагΙуе бугеб эркенлъи хвезариялъе квербакъулел жал ругин ккола дида. Дунялалад церетΙурал улкабазда гьединал идараби дагь рукΙуна. Гьелдаго цадахъ халъкияб гΙарацги инехъин бугго гьоркьоб. Масала, нилъехъа пачалихъалъ магъало гΙадин бакΙарулеб гΙарац инехъин гьечΙищ гьединал къуватазда тΙад бикьизе? ТΙадежоялъе, цебехун абухъе, рагъулал къуватазул идараби гΙемераб улкаялда демократияги дагь букΙуна».

Цо-цо экспертазул рагΙабазда рекъон, гвардиялъулазул ихтиярал полициялъулазда релълъарал руго. Амма суал бачΙунеб буго Путиниде гΙагараб къокъа букΙиналъ гΙорхъи бахараб жо гьабичΙого теладай гвардиялъулаз абун.