Pussy Riot: тΙадтаразулги диниял лидеразулги пикраби данде кколел гьечΙо

РЕН ТВ телекомпаниялъе интервью кьолаго Чачан республикаялъул бетΙер Къадиров Рамзаница какана ГΙиса аварагасул гьатΙаналда жаниб Путин какулеб кечΙ ахΙараб Pussy Riot панк-группаялъул хьвада-чΙвади. Гьесул рагΙабазда, мажгиталда жаниб гьединаб акталде аразе ва гьезул гΙагаразе къвакΙараб тамихΙ гьабулаан. Кинаб бербалагьи хΙакъикъаталдаги бугеб гьединаб хΙужжаялда исламалъул?
РЕН ТВ телекомпаниялъул журналист Мирианна Максимовскаялъул Къадиров Рамзанилгун интревью букΙинчΙо гΙицΙго Pussy Riot панк-группаялъул хьвада-чΙвадиялда хурхараб. Бицен гьабулеб букΙана Гъалгъазул республикаялъул бетΙерасулгун ругел гьоркьорлъабазул ва цогидал проблемабазул. Панк-группаялда хурхараб суалалъеги жавабалъеги гΙемер заманцин къваригΙинчΙо.

Марианна Максимовская: «Pussy Riotалда хурхун, гΙемерисез абулеб букΙана, гьез мажгиталда жаниб гьединал жал гьарун рукΙарабани, гьел дораго чΙвазе рукΙанин. ЧΙвазе рукΙанищ гьел хΙакъикъаталдаги мажгиталда жаниб, гьез жидерго кечΙ ахΙун букΙарабани?»

Къадиров Рамзан, Чачан республикаялъул бетΙер

Къадиров Рамзан: « Халкъалъ гьезиени щиб, тамихΙ гьабизе букΙана гьезул хъизаназеги. Гьезул тухумалдего гΙайиб гΙунтΙизабизе букΙана, щай нужер тухумалдаса гьединал хΙарамзадаби раккарал абун. Гьеб тΙадегΙанасул рукъ кколелъулха.»

«Нагагьлъун гьел ясаз бусурбабазул кинаб бугониги хирияб бакΙ инжит гьабун букΙарабани, гьел цΙуниялъул галаби гаризецин щвезе букΙинчΙо». Гьедин лъазабун букΙана президент Владимир Путиница, гьел ясазул акталъе къимат кьолеб мехалда.

Амма ракΙалдаги гьечΙого Россиялъул муфтиязул мажлисалъ бай-бихьана ясазул цΙай кквезе, мажгиталда жаниб гьеб ккун букΙарабани, бусурбаби гьезда гΙурхΙезе рукΙанин абун. Гьелъие гΙила бачунаго мажлисалъул вакил Наиль Мустафиница рехсон букΙана аварагасул тΙалаб загьир гьабулеб сунна. Гьес бицана гьадин.

Наиль Мустафин: «Цо нухалда мажгиталде жаниве вачΙун пуланав чияс, тΙаса лъугьа дидаса, гьитΙинаб табигΙияб хΙажалъи тΙубазабун буго. Гьев ккун, щвезавун вуго аварагасухъе, гьес гьабуралда хурхун хΙукму къотΙиялъул мурадалда. Аварагас гьебго бакΙалда ракΙ чΙун абун буго: «- ТΙасаги лъугьун, виччан те гьев, гьес чуруклъизабураб бакΙги чуре бацΙадаб лъеца!» Гьединаб буго нижер аварагасул тΙалаб. Гьединлъидал, гьеб ккола киналго бусурбабазул пикруги. Ниж киназго риккуна, гьел ясал эркен гьаризе кколин ва тΙокΙаб гьезда хадур лъугьунги рукΙине кколарин.»

Нижер программаялъе ккомментариял гьаруралаго Ордоналдаса динияй гΙалимчΙужу Надия Бакиерица гьадин халат бахъинабулеб буго Мустафиница загьир гьабураб пикру.

Надия Бакиер: «Мажгиталда жаниб пуланав чиясул сурукъаб хьвада-чΙвади загьирлъулеб бугони, гьев чиясда бичΙинабизе ккола щиб бегьулеб ва щиб бегьулареб гьениб. Гьев чΙвазе бегьуларо ва гьесие гьабулеб тамихΙ букΙине кколаро гьес гьабуралде данде кколелдаса цΙикΙкΙун.

Нагагьлъун гьесул жанисеб низам материалил яги рухΙиял проблемабаз хвезабун букΙиналъ, кирниги гьесухъ гΙенеккулел гьечΙолъиялъ, гьединаб къагΙидаялда жиндего кΙвар буссинабулеб бугони, диниял гΙадамал гΙенеккизе ккола гьесухъ ва гьесие бажарараб кумек гьабизе ккола.»

Щималияб Кавказалъул бусурбабазул координациялъул централъул бетΙер ИсмагΙи-хΙажи Бердиевасги абулеб буго гьединаб лъугьа-бахъиналда чΙваялъул биценцин букΙине бегьуларин. Жинде гьикъани, жинца аварагас бихьизабухъе, гьел тΙасаги лъугьун, риччазе рукΙанин.

ИсмагΙил-хΙажи Бердиев, Шималияб кавказалъул бусупбабазул координциялъул централъул бетΙер

ИсмагΙи-хΙажи Бердиев: «Диналъ бихьизабухъе, какие чуричΙого, данде кколеб ретΙел ретΙичΙого мажгиталде жанире лъугьине бегьуларо. Гьел ясални мажгиталде жанире лъицаниги риччазеги рукΙинчΙо. Амма щун рукΙани гьенире, гьел тΙетΙезаризе рукΙанин абурабги ккола гьерсал. Мажгиталде хьвадаула аллагьасде руссарал гΙадамал. Гьез киданиги гьединаб жо гьабуларо. Гьел сабру бугел гΙадамал ккола.

Дицани гьел риччазе рукΙана. КъургΙаналъ бихьизабухъе, дуе квешаб гьабурав чиясе жаваб кьезе бегьула. Руго батΙи-батΙиял къагΙидаби, гьел вахΙшиял гьечΙо. Амма мун гьесдаса тΙаса лъугьани, гьеб тΙадеги къиматияб галилъун риккуна исламалда. ТΙаса лъугьани, дуегоги букΙина лъикΙ."

Бердиевасда жиндирго къагΙидаялда бихьулеб буго Pussy Riot панк-группаялъул хьвада-чΙвадиялъе гΙилла.

ИсмагΙи-хΙажи Бердиев: Дида ккола, гьеб бугин перестройкаялъул хΙассилин. Диналъул хΙакъалъулъ кинабгΙаги лъай букΙинчΙебин абулеб система хисизабун, гьале нужее эркенлъи, гьале нужее демократия, бокьараб гьабеян абун хадуб ракканин ккола дида гьединал ресал.

Гьез диналдехун буссараб улкаялда гΙумру гьабун букΙарабани, гьединал лъугьа-бахъинал ккезе рукΙинчΙо. Дие, бусурбанчиясе цΙакъ ракΙалъе гΙечΙо гьез гьатΙаналда жаниб гьабураб жо.

Дие батΙалъи гьечΙо, бокьараб дин букΙине ккола бацΙадаб. Щиб гьезие бихьизабизе бокьун букΙарабали, лъаларо. Гьезие жидерго цΙар машгьурлъизабизе къваригΙун букΙун батила. Амма, гьеб къокъаялъул цΙарцин нилъер мацΙазде буссинабизецин бегьуларо.»