МугIалимзабазеги харж щолеб гьечIо

2013 соналдаса нахъе Дагъистаналъул пачалихъиял хъулухъчагIазе щун гьечIо моцIрол харж ва жакъа налъул гIаммаб къадар буго 106 миллионгун 946 азарго гъурущ. Гьелда гьоркьоса 57 миллион гъурущ ккола лъай кьеялъул хIалтIухъабазе кьезе кколеб букIараб гIарац. Гьеб хIужа тасдикъ гьабулеб буго лъай кьеялъул хIалтIухъабазул ихтиярал цIунулеб идараялъул нухмалъулев ГIамиродинов МухIамадицаги.
Дагъистаналда пачалихъиял хъулухъчагIазе шибаб моцIалъ кьезе кколеб харжалъул рахъалъ налъи буго жакъаги республикаялда ва 2014 соналъул тIоцебесеб июналде дандеккун гьеб бахун буго 106 946 азарго гъурщиде. Гьединал баянал кьолел руго федералияб статистикаялъул рахъалъ Дагъистаналда бугеб бутIаялъ. Гьеб налъи буго 2013 соналдаса нахъе хIалтIухъабазе щвечIеб харж. Гьедин харж щун гьечIо кинавниги 17389 чиясе.

Гьезда гьоркьор руго батIи-батIиял бакIазда хIалтIулел гIадамал, росдал магIишаталъул ралел бакIазул ва гьел гурелги. Бищунго гIемераб налъи буго лъай кьеялъул хIалтIухъабазе кьезе кколеб харжил, 57 миллион гъурущ.

«Эркенлъи» радиоялъ цебеги бицун букIана Дагъистаналъул чанго мухъазда лъай кьеялъул хIалтIухъабазе моцIрол харж кватIизабулеб букIиналъул. Дагьаб цебегIан Гъуниб мухъалъул КIогьориб росдал школалъул мугIалимзабазул букIана гIарз гьезул харжалда тIадеги кьолеб стимулируяшая абураб гIарац кватIизабулеб бугилан. Гьеб ккола лъикI хIалтIарал мугIалимзабазул харжалда тIадеги кьолеб гIарац. Гьелъул рагIуларо цо чIезабураб къадар, гьеб бараб букIине бегьула мугIалимасе моцIалъе щолеб гьоркьохъеб харжалда бараб.

Мисалалъе Гъуниб росдал гьоркьохъеб школалъул мугIалималъе стимулирующая абулеб гIарацгун цадахъ моцIалъе щолеб букIун буго 16 азаралда хадуб гъурущ, гьанже гьеб къотIизабуралдаса нахъе гьелъие щолеб буго 12 азаралда хадуб гъурущ харжалъул.

2013 соналдаса нахъе щолеб гьечIин дагъистаналъул киналго мухъазда ругел мугIалимзабазе пуланаб классалъул нухмалъулев хIисабалда харжалда тIадеги бачIунеб азарго гъурущилан бицана «Эркенлъиялъе» лъай кьеялъул хIалтIухъабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев ГIамиродинов МухIамадица.

ГIамиродинов МухIамад: «2013 соналъул октябрь, ноябрь, декабрь моцIалъ Москваялъ битIун бачIун букIараб 52 миллион гъурущ щун гьечIо мугIалимзабазе».
ЭР: «Гьел киналго мухъазда ругел мугIалимзабазе кьезе кколеб букIараб гIарациш ялъуни цо-цо бакIаздайищ гьединаб ахIвал-хIал бугеб?».

ГIамиродинов МухIамад: «Киналго мухъазда буго гьедин. Классалда чан цIалдохъан ватаниги гьелъул хIисабги гьабун кьола гьеб гIарац, бищун цIикIкIун 1000 гъурущ».

Гьеб гIарац цебе федералияб бюджеталдаса бачIунеб букIун буго Дагъистаналде, амма гьанибе битIараб гьеб гIарац мугIалимзабазеги кьечIого гIодоб лъун хутIун букIин лъараб мехалъ Москваялъ нахъбуссинабун бугин ва тIокIаб кигIан тIалаб гьабуниги гьез гьеб кьолеб гьечIилан бицана Амиродиновас.

МугIалимасул аслияб харж кватIизабиялъул хIужабиги ругилан бицана Амиродинов МухIамадица хадубги. Гьел ккола Дахадаев ва Казбек мухъалда ругел мугIалимзаби. Гьединго гьезие кьолеб гьечIин спаралъ араб мехалда нухда харжалъе кьезе кколеб гIарац ва гьел гурел гIемерал гIунгутIаби рехсана Амиродиновас мугIалимзабазе харжал кватIизариялда жанир загьирлъун ругел.

ГIамиродинов МухIамад: «ГIунгутIаби гIемер руго гьенир. ХIажатго гьечIел халгьабиял тIоритIун сваказарун руго школалъул нухмалъулел. Жакъа школалъе гIарац биччазе ккола бакIалъул нухмалъиялъ. Гьез гьеб кьолеб гьечIо, бачIун коммиссиялъ школалъул нухмалъулев тамихIалде цIалев вуго, гьесда гьабизе кIолеб жоги гьечIо».

ТIолго улкаялда пачалихъиял хъулухъачагIазе моцIалъе щолеб харжалда дандеккун балагьани Дагъистаналда жакъа гьоркьохъеб харж кIиго нухалъ дагь буго. «Росстаталъ» кьурал баяназда рекъон Россиялда гьоркьохъеб харж буго 23 азаралда 745 гъуруш, Дагъистаналдайин абуни гьеб бащалъула 12 256 гъурщида. Шималияб Кавказалъул регионазда гьоркьобцин гьеб бищун гIодобегIанаб харж ккола, мисалалъе Гъалгъаязул республикаялда цо моцIалъе гьоркьохъеб куцалда шолеб буго 19 122 гъурущ.