Заман гьадинабилан тIалъиги, тIагIагиха нужилан халкъги

МахIачхъалаялъул тукабазда чадил багьа хиралъиялъе гIилла щиб кколебали ва гьениб къанун хвезабиялъул хIужа ккун бугищали лъазабизе байбихьун бугин бицана Россиялъул монополиялде данде къеркьолеб федералияб управлениялъул Дагъистаналда бугеб хъулухъалда. Гьеб хъулухъалъ хал-шал гьабизе байбихьиялъе гIиллалъунги ккана 8 октябралдаса нахъе тукабазда чед хиралъи. ГIемерисел тукабаздайин абуни чадил буханкаялъухъ тIалаб гьабулеб буго 23-25 гъурущ. ГьанжелъизегIанин абуни буханка чадил багьа букIана 19-20 гъурущ.
Монополиялде данде къеркьолеб хъулухъалда бицухъе, чед хира гьабиялда бан гIадамаз гьезухъе гIемерал гIарзалги рачIун рагIула, гьелъие гIилла баян гьабейилан гьаригун.

«Хал-шал гьаби унеб буго ва гьелъул хIасил хадубккун СМИяздасан баянги гьабила», - ян бицана монополиялде данде къеркьолеб хъулухъалда.

«1 июлалдаги хира гьабун букIана Дагъистаналда чадил багьа, ай 15 гъурущ букIараб бакIалда 19-20 гъурщиде бахинабун букIана. Доб мехалда монополиялде данде къркьолез абулеб букIана гьелъие гIилла лъазабулеб бугин. Жакъа къоялде щвезегIанги гьеб щай хира гьабурабали официалияб къагIидаялъ лъазабичIо ва жакъа цIидасан чед хира гьабиялъе гIиллаги гьез лъазаби щакаб буго», - ян бицана журналист МухIамадова ПатIиматица.

МухIамадова ПатIимат: «Щиб гьез лъазабуниги гьанже чадил багьа гIодобе ккеларо. Щайгурелъул, кидаго гIадин гьаб нухалдаги бицине бугелъулха цого чIанда: ролъ хиралъанин, бензин хиралъанин, ток-газ хиралъанин. Амма щай ва сунда бан гьеб хиралъарабали лъицаго бицунаро ва гьелъул хIасилалда, кидаго гIадин, заралги гIадатиял гIадамазе ккола. 250 гъурщиде чадил буханка баханиги гьеб босизе рес бугезлъидалха халкъалъе гьаб гIазаб кьолеб бугеб. Гьанже тIаса тIом бахъизе хутIун буго».

МахIачхъалаялъул чед бежулеб заводалде кIалъайдалин абуни, гьениб бицана, чед хиралъиялъе гIилла кканила ролъ, бензин хиралъи.

«Цебе ролъул хъап 500 гъурщиде букIун батани, гьанже гьеб 800 гъурщиде бахун буго. Нижеца чед къватIибе кьола 21 гъурщиде, гьеб машинабазда лъун тукабазде баччулелъул, бензин хиралъиялда бан экспедиторазги 2 гъурущ тIаде рехула. ТукенчагIазги 1 яги 2 гъурущ тIад лъола бичулелъул», - ян жаваб кьуна чед бежулеб заводалъул администрациялда.

Газги, токги, лъимги ва цогидабги июль моцIалдаго, гIаммаб къагIидаялъ босани, 12 проценталъ хиралъана. Амма ролъги бензинги хира гьабиялъул хIужа гьаб ахираб кIиго моцIида жаниб ккун букIинчIелъул, хIакъикъат лъазабиялъул мурадалда щвана чанго бензин бичулеб заправкаялде ва ролъ бичулеб базаралде. ХIакъикъаталдаги, бензин 1,5 гъурщица хиралъун батана. Дагьал къояз цебеги 95-абилеб маркаялъул бензиналъухъ 30 гъурущ букIун батани, жакъа гьелъул багьа бащалъун буго 31, 5 гъурщида, 92 – 28, 5 гъурщида.

Ролъул хIакъалъулъ абуни, бищун учузаблъун рикIкIунеб букIараб Ставрополалъул 50 килограмм бугеб тIадегIанаб сорталъул «Терек» ролъул хъап бахун буго 900 гъурщиде. МагIарухъин абуни – 950 гъурщиде.

Багьа бахиналъе гIилла цIехон, ролъул бизнесалда вугев СагIдуев Лабазание суал кьедал, гьес къокъго гьадин абуна:

СагIдуев Лабазан: «Гьанже, гьудулав чи, мун гьеб суал кьезе Путинихъе а. Довлъидал нилъер ургъел гьабизе тIаде босарав чи», - ян.

Путинихъе ине цогидалги тун, сапар бухьана МахIачхъала шагьаралъул тукабазде чадил багьа лъазабиялъул мурадалда. Чадил буханка батана 23-24 ва хIатта 25 гъурщидецин. ТукенчагIаз бицана чед хиралъанила 8 октябралдаса нахъе.

ГIайшат: «ГIадамазда ракIалде ккола нижеца гьеб хира гьабураб гIадин. Нижехъеги хираго бачIараб мехалда щиб нижецаги гьабилеб? 22 гъурщиде бачIана дихъе чед. ТIад цо гъурущги лъун дицаги бичулеб буго. КидаллъизегIан гьаб хIапу-чапур улкаялда букIине бугебалиги лъаларо».

Гьадин бицана МахIачхъалаялъул редукторазул поселокалда бугеб тукадул йичарухъан ГIайшатица.

1 октябралдаса нахъе федералиял бюджеталдаса хIебтIулезул харжал 6 проценталъ цIикIкIинарунин абун президентас лъазабидал, педагогикияб университеталъул мугIалим НурмухIамадов МухIамадица абун букIана гьелъ лъикIалде рачине гьечIин. ХIакъикъаталда, гьедин ккана ва гьанже гIадатлъун лъугьун буго чанго проценталъ харжал ва пенсиял цIикIкIинаридал, кинабго жо цадахъго хиралъулеб.

Щибаб жо гIемерлъарабгIан,
ГIадат буго учузлъулеб, - абун хъван букIана ЦIадаса ХIамзатица. Нилъер заманалдайин абуни, кинабго гIаксалда буго.