БисавгIалиев: Maгlарулал рукlана цолъун-Мухlамадсаламида сверун

Россия-Премьер Владимир Путин дандчIвалев вуго Дагъистаналъул лидер МухIамадовгун, Ново-Огарёво, 31Окт2011

Дагъистаналъул нухмалъулев МухIамадов МухIамадсалам ун вуго Москваялде 23 яги 24 январалда Россиялъул президент Владимир Путингун дандчIвазе мурадгун. Жив хIалтIудаса рехулев вукIиналда сверун республикаялда тIиритIун ругел харбал баянлъизаризе къваригIун буго МухIамадсаламие. Гьедин хъвалеб буго «Коммерсант» газетаялъ. Гьенибго абулеб буго Путинил администрациялъул прес-хъулухъалда абунин МухIамадсаламгун дандчIвай бихьизабураб заман гьечIин улкаялъул бетIерасул гьал къоязул хIалтIул планалдайин.
Араб анкьалъул ахиралдаса нахъе Дагъистаналда кIудияб ахIи-хIур бахъаризабурал республикаялъул нухмалъулев хIалтIудаса вахъулев вугин абурал хабазда хурхун кинал рукIанги мухIканлъаби гьечIо жеги. БатIи-батIиял экспертаз ва политологаз руго рехсолел жидерго версиял гьев нахъе гьавизе яги тезе ругел гIиллабазда банги.

Гьединазул цояб буго МухIамадсаламица регионазул бутIрул тIолго халкъалъ рищиялда сверун ва гьелъул рахъ ккун жиндирго пикру загьир гьабийин абураб версияги, гьебги Шималияб Кавказалда рищиял гьединал гьарунгутIиялъул Путиница рехсон букIаниги. МухIамадсаламица халкъалъ республикаялъул бетIер вищиялда хурхун позиция загьир гьабун букIана дагьаб цебегIан. Гьеб ракIалде щвезабулеб буго «Коммерсант» газеталъул мухбир Мурадов Мусацаги.

Мурадов Муса: «ТIолгохалкъалъул рищиязда сверун гьес жиндирго позициялъул лъазабун букIана дагьаб цебегIан. Гьесул рагIабазда рекъон, Дагъистаналда бигьаго бажаризе буго рищиял рукIине кколеб куцалда тIоритIизе. Гьеб букIана, ритIарал рищиял гьаризелъун гьесул позиция. Дида кколаро гьеб суалалда бан федералияб централда цебе оппозициягун бахIсал гьаризе гьесда ракIалда букIанин. Гьес абулеб букIана республикаялда рищиял конфликтал гьечIого тIуразе рес бугин».

Мусал пикруялда рекъон, гьел харбал МухIамадсалам хъулухъалдаса вахъичIого лъугIинеги рес буго.

Мурадов Муса: «Абизе ккола гьел харбал тIаса гъоркье риччарал ругин. ТIоцебе гьеб хабар къватIибе кьуна Пачалихъияб Думаялъул депутат Александр Хинштейница. Гьевин абуни вуго «Цогояб Россия» патиялъул чи ва гьесул лъикIал бухьенал руго Кремлалъул хъулухъчагIигунги. Гьеб цо бугони, кIиабизе бугони, гьел харбал МухIамадов МухIамадсалам хIалтIудаса реххиялдалъун лъугIичIого рукIинеги рес буго. Гьел харбал ургъунго тIиритIизарурал рукIине бегьула гьев вакIа-ваххаризавизелъунги. Рес буго гьевгун «кьварараб» каламаги гьабун гьев рукIалида тезеги ай жиндир болжал лъугIизегIан 2015 соналде щвезегIан тезеги».

МухIамадсаламида хъулухъ тезабуниги тезабичIониги, тIолгохалкъалъул рищиял республикаялда тIоритIаниги тIоритIичIониги мугIарулазул рахъалдасан республикаялъул нухмалъиялде вихьизавурав цо кандидат вукIине кколин ва гьев кандидат вищизелъун марталда магIарулазул съезд тIобитIизе хIукму ккун буго талат къоялда Хасавюрталда ракIарарал магIарулазул. Гьеб данделъи гIуцIун букIун буго Хасавюрт шагьаралъул мэр ва МагIарулазул культурияб автономиялъул нухмалъулев ГIумаханов Сайгидпашал нухмалъиялда гъоркь. Гьеб идараялъул нухмалъиялде гъорлъе уна «Миллат» газеталъул редактор БисавгIалиев МухIамадги.

Your browser doesn’t support HTML5

БисавгIалиев Mухlамад



Гьедин бицана БисавгIалиев МухIамадица МагIарулазул культурияб автономиялъул республикаялъул президентасул хъулухъалде цо кандидат вихьизавизе бугеб мурадалъул.