Дагъистан ункъиде бикьизе буго

Президент Рамазан ГIабдулатIиповас ХIукуматалъул нухмалъулев ХIамидов ГIабдусамад, президентасул администрациялъул нухмалъулев ГIалиев Рамазан, министрал ва федералиял идарабазул регионалиял бутIабазул нухмалъулел ракIарараб данделъиялда лъазабуна кватIичIого Дагъистаналда гIуцIизе бугин ункъо территориалияб бутIа.

ГIага-шагарго гьел рукIине руго Россиялда ругел федералиял бутIабазда релълъарал административиял гIуцIаби. Гьел гьариялъе гIиллалъун президентас рикIкIунеб буго нухмалъиялъулаб хIалтIи лъикI гIуцIиялъул мурад. Кинаб къагIидаялъ гьел бутIаби гIуцIизе ругел, кир рукIине ругел гьезул централ, щиб принципалда рекъон гьел данде рачине ругел мухIкан гьабичIо Рамазан ГIабдулатIиповас.

ГIемерисел политологазул ва экспертазул пикруялда рекъон, президентасе бокьун буго тIолабго республикаялда жиндир кверщел щула гьабизе жинца тIамулел территориалиял бутIабазул нухмалъулезул кумекалдалъун. Интернеталда ва блогосфераялда унеб буго гьеб тадбиралда тIасан бахIс. Бицунеб буго гьелъул лъикIал ва квешал рахъазул, гьабизе кколищ гьединаб нухмалъиялъулаб реформа ялъуни кколарищали. «Эркенлъи» радиоялъги цIех-рех гьабуна гьеб суалалда тIасан.

ЖамгIияв хIаракатчи Сулайман Уладиевасул пикруялда рекъон, гьеб хиса-баси гьабилалде цебе гIемерщинал хIужабазул хIисаб гьабизе ккола ва лъикI ургъизе ккола. «Эркенлъи» радиоялъе гьес жиндирго пикру гьадин загьир гьабуна:

Сулайман Уладиев: «Дида ккола гьединал ишал гьаризе байбихьилалде ургъизе ккола кигIанаб пайда бугеб гьелдаса эконокияб, политикияб, социалияб ва миллияб рахъалъ хIисаб гьабуни. Миллиябин дица абулеб буго щайгурелъул нилъер ругел мухъал гIуцIун руго миллияб рахъги хIисабалде босун ва гьеб рахъ цIацIазе бегьуларо. Экономикияб рахъ босани, гьенибги кIудиял хиса-басиял рукIине руго, экономистаз лъикI хIисаб гьабизе ккола, щайгурелъул, территориалиял бутIаби гIуцIулаго гьенир рукIине ккола хIакимзаби, гьел хьихьизе бюджеталдаса гIезегIан гIарац биччазе ккола. Бегьуларо гьелъулги хIисаб гьабичIого. Политикияб рахъ босани, нилъеда лъала щибаб мухъалда ва шагьаралда ругел бутIрул руго жидер бакIалда киналго ихтияралги ругел, бокьараб суал роцIцIунел чагIи. Разилъизе ругищ гьел жидехъе ругел ихтиярал президентас витIун вачIарав территориалияб бутIаялъул нухмалъулесухъе кьезе? Гьединлъидал, дида ккола гьеб гали цIакъ мухIканго ургъун гьабизе ккараб бугилан».

БачIинахъего президентасул гьеб хIукмуялъе лъикIаб къимат кьуна журналист Маркъо ШагIбановас. «Эркенлъи» радиоялъе кьураб баяналда гьес бицана территориалиял бутIаби гIуцIиялдаса Дагъистаналъе кинаб пайда бугебали.

Маркъо ШагIбанов: «Дир пикруялда гьеб гали битIараб буго. Гьелъ рес кьезе буго цадахъ регион цебетIезабизе, хасал территориалиял бутIаби церетIеялъе цогоял программаял гIуцIизе. Гьелъ рес кьезе буго цIигIуцIарал бутIабазул централ церетIезаризе. Дица рикIкIуна гьеб кIвар бугеб суаллъун, щайгурелъул гьабсагIаталда МахIачхъала хIалуцун буго, гьаниб цIакъ гIемер халкъалъ гIумру гьабулеб буго. ЦIигIуцIарал централ рукIине руго гIага-шагарго Дербент, Хасавюрт, Гъизляр гIадал шагьаразда, гьебмехалъ халкъги гьенибе бакIаризе буго, жалго шагьаразул гIумруги лъикIлъизе буго. ХIакимзаби гIемерлъизе руго, гьезие бюджеталдаса гIемер гIарац ине буго абураб пикруялда дун рази гьечIо, щайгурелъул гIемерал хIакимзаби гьенир рукIунаро, щибаб бутIаялда 20 чи вугони гIола. ТIадеги, гьел хIакимабазе ихтиярал кьолаго гьединалго мухъазда ругел чагIи хIалтIудаса эркен гьаризе руго, гьабсагIаталда пачалихъияб аппарат дагь гьабиялъул хIалтIи унеб буго».

Рамазан ГIабдулатIиповасул рагIабазда рекъон Дагъистаналъул политикияб нухмалъиялъулъ аслияб гIунгутIи буго щибаб иш гIумруялде бахинабиялъул жавабчилъи дагьаб букIин. Территориалиял бутIабазул нухмалъулезул букIине буго щибаб хIалтIуда хурхун кIудияб жавабчилъи. Анкьида жаниб цо нухалъ щивав нухмалъулес жиндирго бутIаялда бугеб ахIвал-хIалалда тIаса хIисабкьезе буго президентасда цебеян хъвалеб буго «Риа Дагестан» сайталда.