Рищиязда цебесеб кампаниялъул ахиралда

Рищиязул къолъун бихьизабураб 8 сентябралъ Дагъистаналда вищизе вуго республикаялъул бетIер, 4 мухъалъул администрациялъул бутIрул, росабазул бегавулзаби ва депутатал. Дагъистаналъул рищиязул комитеталъ кьурал баяназда рекъон рищиязде хIадурлъулаго къанун хвезабиялъул кIиго хIужаялдаса тIасан гIарзалги рачIун рукIун руго гьезухъе.
ГьатIан къоялъ Дагъистаналъул президент гуревги рищизе руго Хунзахъ, ЦIунтIа, ГIахъуща ва Кули мухъалъул бутIрул. 32 бакIалда рищизе руго муниципалияб ва росдал шураялде депутатал ва 38 росдал бегавул.

Дагъистаналъул Рищиязул идараялъул баяназда рекъон ЦIунтIа мухъалъул бетIерасул хъулухъалъе гIоло къеркьезе вуго 5 кандидат, ГIахъущдерил 7 кандидат вуго гьебго бакIалъе къеркьелев, Кули мухъалъул администрациялъул бетIерлъиялде кандидатура лъун букIарал I3 чиясул хутIун вуго 7.

Хунзахъ мухъалъул нухмалъиялдеги тIоцебе кандидатура I2 чияс лъун букIанин гьанже гьезул 7 яв хутIун вугин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул рищиязул комитеталъул хIалтIухъан ГIабдулхаликъов Самирица. Гьесул рагIабазда рекъон гьеб мухъалдасан цониги гIарзги бачIун букIун гьечIо рищиязде хIадурлъулаго кандидатас къанун хвезабиялъул хIакъалъулъ. ГIабдулхаликъовас «Эркенлъи» радиоялъе бицана 6 сентябралде щвезегIан гьеб россиялъул рищиязул хIакъалъулъ бугеб къанун хвезабиялда хурхун кIиго гIарз бачIун букIанин Дагъистаналъул рищиязул идараялдейилан, гьезул гьалги гьабунила абун.

Самир ГIабдулхаликъов: «Рищиязда хурхун гIарзал рачIун рукIан Догъузпара мухъалдаса ва Гъизилюрт шагьаралдаса. Гьеб кIиябго нухалъ гIарзгун рачIараз рищиязда гIахьаллъизе ккани букIине кколеб хъвай-хъвагIай гьабичIин жидер рищиязул комитеталъилан абулеб букIана. Нижеца гьел гIарзазул халги гьабуна, гьеб бакIалъул рищиязул комитеталъ гьел битIун нахъчIван ругин абун хIукмуги къотIана, щай гурелъул цо кандидатлъун вукIине бокьарас документал хIадурулаго гъалатI биччан буго, ригьтIа гьебги хисизабун гьечIо, цойгидав кандидатги хъвай-хъвагIай гьабиялъе цIарал болжаздаса кватIун ккун вуго. Гьев кIиясго нижеда тIасан диванханаялде гIарзаги хъван букIана, гьелъул халгьаби букIине ккола»

Догъузпара мухъалъул Мискинджа росулъа Канберов Фахрединица лъазабулеб буго гьебго мухъалъул нухмалъулев ГIабасов Керимханица рищиязда хурхараб россиялъул къануналъул чанго бутIа хвезабулеб бугин. Гьес исана августалда букIанараб Догъузпара мухъалъул лъайкьеялъул хIалтIухъабазул данделъиялда киналго Мискинджа росдал гIадамазда лъазабунила нужеца жиндир кандидатасе гьаракь кьезе кколилан.

Канберов Фахредин: «ТIубараб мухъалъул бетIерас щибаб санайил августалда тIобитIулеб лъайкьеялъул хIалтIухъабазул данделъиялда Мискинджа росдал бетIерлъун жинца вихьизавурав кандидат ГIалиев Залидиние кьезе кколин нужеца гьаркьалин, бюджеталдасан харж щолелщиназда тIадаб бугин жинца абураб гьабизе гурони гьел хъулухъалдасаги нахъе рехулин жинцайилан лъазабулеб мехалда щибилан тIокIаб гьесда абилеб. Хасго гьесда цебе гурищ бугеб рищиязул хIакъалъулъ къанун, гьелда рекъон щибниги ихтияр гьечIо гьесул яги цойгидав чиясул хIинкъабиги кьун гIадамал гьаркьал рехизе тIамизе»

Гьебго данделъиялда кIалъалаго, Керимхан ГIабасовас абун буго жинда Рамазан ГIабдулатIиповас абунин мухъалъул бетIерасда дандбачIого гьев разилъичIого цониги нухмалъулев тIамизе бегьуларин. Гьединал харбалги рицун Рамазан ГIабдулатIиповасул къиматги хвезабулеб бугин гьес, ГIабасовасда щивниги божуларинги лъазабуна «Эркенлъи» радиоялъе Канберов Фахрединица. Гьединго жинца Керимхан ГIабасовасулги Мискинджа росулъ рукIине ругел рищиязда тIасан кинабгоги хъвараб кагъат битIун букIанин Дагъистаналъул президентасул администрациялдеги, Респубиликаялъул рищиязул идараялдеги, амма цонигиялъусан жавабги бачIинчIо жиндиейиланги абуна гьес.

Канберовасул лъазабиялда тIасан пикру цIехезе «Эркенлъи» радиоялъ чанцIулго ахIана Догъузпара мухъалъул администрациялда, амма цониги нухалъ жаваб кьечIо гьенисан.