Араб анкьалда дагъистаналъул бетІер МахІамадов МухІамад-Саламица Халкъияб Мажлисалде хитІабалда загьир гьабун буго жив информациялъул алатазул хІалтІуда рази гьечІолъи. Хасго гьесие рекІее гІолеб рагІунаро журналистаз республикялда ккарал террактазул бицунаго, кинабго гІайиб тІалъиялде рехулеб букІин. Жалго такъсирчагІийин абуни, гьесул рагІабазда, щибниги гІайиб гьечІел, бахІарчагІи хІисабалда рихьизарулел руго. Республикаялъул бетІерасул претензиялда рази гьечІел журналистаз такрар гьабулеб буго: гьетІараб тІилалдасан битІараб рагІад букІунарилан.
МахІамадовасул пикрабазда рази гьечІо гІемерисел пачалихъалъулгурел информациялъул алатазул хІалтІухъаби ва жамгІиял хІаракатчагІи. Мисалалъе, «Настоящее Время» газеталъул бетІерияв редактор хисулев Руслан Гереев. Гьесул рагІабазда, республикаялъул бетІерас жиндирго хитІаб гьабураб данделъи дагьалъгІаги батІияб букІинчІо цере рукІарал гьеднал тадбираздасан. КІиабизеги, гьесул букІинчІо хитІабалда загьир гьабизе данде кколеб гьабин абизе бегьулеб, бецизе бегьулеб гІумруялде бахъинабураб проект. Гереевас кІвар буссинабуна республикаялъул журналистакаялъул лъиданиги бачІеб журналистикаялъе хІакъаб къимат кьеялъе, гьеб документ хІадур гьабуразда гъорлъ махшел бугел журналистал рукІинчІеблъиялде.
Руслан Гереев: Иргадулаб хитІабги цереккун гьарурал хитІабазде дандеккун балагьани щибниги батІалъи букІинчІо гьелъул. Гьеб буго жакъасел хІакимзабазе гьекъон унеб лъимгІанги бицине бигьаяб маргьу. Гьеб цо. КІиабизе босани, гьанжелъагІан республикаялъ хІадур гьабун гІумруялде бахъараб цониги проект гьечІо халкъалъе жиндасан гъуршил багьаябниги мунпагІалъи щванин абизе бегьулеб. Жакъа тІокІаб чІечІого бицунеб буго туризм цебетІезабиялъул. ТІокІаб жо абичІого цохІо республикаялъул динияб идараялъ рахъ кквезе гьечІо гьеб проекталъул. Щайгурелъул туристал хІисабалда гьенир батІи –батІияб миллтазул гІадамал рачІине байбихьани, Дагъистан сверизе буго саяхъаб республикаялде. Гьединго гьеб хитІабалъул бицинеян дандеракІарарал чагІиги киналго руго журналистикаялдаса цІакъ рикІкІадал чагІи:
Лъиданиги бачІеб «Миллат» газеталъул бетІерияв редактор МухІамад БисавгІалиев: «Террористазул рахъ кколин журналистазилан абураб рагІуда тІад рекъезе кІоларо, гьеб журналистазда цебе чІараб масъала кколаро. Гьезда тІадаб буго бугеб хІакъикъат бугеб куцалда загьир гьаби. ХІукуматалъул газетаз хъвала гІицІго тІалъиялъе дандекколеб къагІидаялда, щайгурелъул гьеб гьез хьихьараб пресса бугелъул. Халкъалъейин абуни, къваригІуна хІакъикъат лъазе, гурони гьез газетал росуларо.
Дица кІудияб гъираялда кьелаан газеталдаса къватІибе цониги лъикІаб иш лъугьунеб бугебани республикаялда. Амма коррупцияги добго даражаялда бугони, рикъулел гІадамалги ругони, щибаб къоялъ чІвалел гІадамалги ругони, кинан кьелеб лъикІаб хабаралъул информация. Президентасухъе рачІарал Китаялъул делегациялъул, туризм цебетІезабизе хІадур гьабураб проекталъул бициналъул магІна гьечІо кинабниги, хІисабал руго азул, хІасилал гьечІо, хІасил гьечІеб жоялъул хъвани, гьеб ккола нилъеда цІалдолел тІад релъараб иш. ЛъикІаб рахъалдехун хисизабе абун ахІвал хІал гьеб гьабиялъе лъураб тоцебесеб галиялъул хІакъалъулъ хъвазе хІадурав вуго дун.»