Цо-цо нухалъ туснахъалде нух цIакъго къокаб букIуна

ЦIех-рех гьабун лъугIизегIан гIадамал жанир тIамулеб МахIачхъалаялъул изоляторалъул нухмалъулев Рамазанов Ибрагьим диваналда цеве эхетизе вукIин къанагIатавги чиясда лъалеб батичIо МахIачхъалаялда.

Жалго жанисел ишазул министерлъиялъул хIалтIухъабазги жаваб кьуна цIех-рехалъул комитеталде ахIейин, гьезул иш бугин гьебилан.

ПалхIасил, Дагъистаналъул цIех-рехалъул комитеталъул баяназда рекъон, 2012 соналъул сентябралда Ибрагьим Рамазановас жинцаго туснахъалъул рукъги рагьун лъутизе виччан вуго гьенив жанив тIамун вукIарав чи. Жакъа къоялде щвезегIан лъалеб гьечIо кив дов вугевали. ЦIех-рехалъул баяназда рекъон, гьев чи туснахъ гьавун вукIун вуго чанго батIияб хIилла гьабиялда бан.

Гьединго цIех-рехалъ рикIкIунеб буго Ибрагьим Рамазановас дов чи цин лъабго моцIалъ изоляторалда ккун вукIун вугила. Гьелде щвелалде ункъо сонгун бащадаб туснахъ гьавулев вугилан диваналъ хIукмуги къотIун букIун бугила. Гьебщинаб мехалъ жанив тIамизе диваналъ хIукмуги къотIарав гьев изоляторалда жанив вукIин балъго гьабун бугила Ибрагьим Рамазановас, гьелъул хIакъалъулъ кибниги хъвай-хъвагIай гьабунги гьечIила.

ХIасан Айгумов ккола туснахъазда ругел шартIазда хадуб халкколеб комиссиялъул нухмалъулев. Гьесдаги гьеб ишалъул мухIканлъи лъалеб гьечIо, къваригIелалъ изоляторалде ун, тохлъукьего гьениб рагIун гурони.

ХIасан Айгумов: «Жакъа нилъер гьаниб лъугьун буго хIажалъи ккани, бокьараб жоги ургъун, бокьарав чи хъулухъалдаса вахъулеб система. Масала, дихъ руго гIезегIан низам цIунулезул гIарзаби. Чамалиго соналъ тIатIалаго щварал мустахIикъал цIаралги, рецц-бакъалуъл кагътал, цогиал шапакъаталги руго гьезул. Цинги цо параялдасан гьел лъиениги хIажат гьечIел чагIилъун лъугьунел руго. Гьев изоляторалъул нухмалъиялда вукIарав Рамазановасда хурхараб гьеб хIужаялъул мухIканлъи дида лъаларо. Гьесул бакI къваригIун гьарулел жал рукIинеги рес буго. ХIухьбахъиялда вугев чияс вачIун хIалтIудегун рагьун бугин туснахъин гIайибал гьаризе бегьуларо, цо рахъалъ, щайин абуни, кин батаниги, изоляторалъул нухмалъулесул буго гьединаб ихтияр – бокьараб мехалда вачIун, туснахъазул хал гьабизе. Гьеб мехалъ жиндирго хIаат тIубазе ун вукIун ватизеги рес буго дов, тIурун арав чи. ПалхIасил, дие кIвар буго цоги жоялъул – кIиго сон ун буго гьеб ккаралдаса. ГьанжелъагIан щибулелха цIех-рехалъулал рукIарал? Гьелеха, низам цIунулез бихьизабулеб буго жидеего бокьараб мехалда бокьараб жо гьабизе жидеда кIолеблъи. КIигогIан соналъ гьеб хIужа агъаз гьабичIого квер хьвагIун таралъухъ цIех-рехалъул хIалтIухъаби жалго цIазе ккола тамихIалде. ГьитIи-бикъинаб жо гуро гьеб – туснахъ гьавурав тIуризе виччай. Лъилниги ихтиярги гьечIо гьелъие, диваналъул хIукмуялдаса хадуб гурони».

ЭР-сан жиндирго цIар рехсезе бокьичIев адвокатас абуна жинда рагIун букIанин МахIачхъалаялъул изоляторалъул нухмалъулев хъулухъалдаса вахъиялъе гIайибияйлъун цо чIужугIадан ккун йигилан. Туснахъ гьаюрай гьей гIадангун цадахъ шашлыкал кваназеги хIухьбахъизеги ун вугила дов нухмалъулев. Цинги гьелъ кинабго бицун бугила жанисел ишазул министерлъиялъул цо кутакалда жавабияб идараялъул нухмалъулесда. Гьес министрасдаги бицун, ахIи-хIур бахъун букIун бугила. Дой гIаданин абуни хасал хъулухъазул агент йикIун йигила.