АхIдолел чагIи гIемер руго, кочIохъаби дагь руго

ДРялъул Халкъияб Мажлисалъул нухмалъулев ШихсагIидов Хизрил хIаракаталдалъун тIобитIараб данделъиялда гьоркьоб лъун букIараб «фонограммаялъул хIакъалъулъ» къануналъул проект. Абизе ккола гьелда тIасан гIемерал бахIсалги кканин.

Гьединаб къанун Дагъистаналда къабул гьабизе ккеялъул бицун кIалъан вукIана Дагъистаналъул президентасул ишал тIуразарулев ГIабдулатIипов Рамазанги. Амма фонограммаялда гъоркь кечI ахIулел «цIвабзазе» рекIее гIолеб гьечIила гьединаб хабарин бицана ДРялъул Маданияталъул министерлъиялда. Фонограммаялда гъоркь кечI ахIун ругьуназ жидерго иш цIуниялъе гIиллабиги ралагьулел ругила. Цояз абулила концерталъул залазда лъикIаб аппаратура букIунарин, цогидалин абуни бакънал рачунезе кьолеб гIарцуда барахщулел ругила. ХIакъикъатин абуни бугила тIубанго батIияб, ай кочIолаб искусство даран-базаралде буссинаби. Гьениб бицухъе, нагагь гьединаб къанун къабул гьабуни, гьелъул магIна кколарила тIубанго фонограмма гьукъулеб бугин абураб. Концерт кьолелъул щивав кочIохъанасда тIадаблъун гьабулеб бугила жидеца кечI фонограммаялда гъоркь ахIулеб батани, гьедин ахIулеб бугин абизе.

Щибха абулеб бугеб гьелда тIасан маданияталъул хIаракатчагIаз ва кочIохъабаз?

ДРялъул культураялъул мустахIикъав хIаракатчи ГIабдула МухIамадмирзоевас бицана фонограмма букIунила кIиго батIияб: миносовияб ва плюсовияб.ТIоцебесеб хIалтIизабулила цадахъ музыкалияб оркестрги бачун, гьезул бакъаналда гъоркь кечI ахIизе рес кколеб гьечIони. Гьеб лъицаго гьукъулебги гьечIила, къачIараб бакъаналда гъоркьгIаги жидерго гьаркьидалъун кечI ахIулеб букIиналда бан. Плюсовияб кколила бакъанги ахIулеб кечIги цадахъаб фонограмма. Гьеб хIалтIизабизе бегьулила гьури бугеб къоялъ, гIалахалда тIобитIулеб концерталда, клип яги кино бахъулаго. Фонограмма гьелъие ургъараб жоги букIанила.

ХIасанов Темирхан: «Гьеб закон цебего къабул гьабизе кколаан. Гьелда тIад хIалтIи гьабизе чи вукIинчIо гьанжилъизегIан Дагъистаналда. Гьанже цIияв президент вачIараб мехалда гьес буюрухъги кьун, хIукуматалда данделъи гьабун букIана. Гьез хIисабалде босана сценаялда фонограммаялда кечI ахIизе биччачIого тезе. ТIубанго гьукъизеги рес гьечIо. Пуланав чияс берталъе кочIохъанги ахIун, гьес фонограммаялда кечI ахIизе къваригIун бугони, гьеб лъихъаго гьукъун бажаруларо. Сценаялдеги рахун, гIадамазда кечI ахIулеб бугинги ккезабун, гьел гуккулезда тIад кIудияб гIакIа къотIизе бугин абулеб букIана. ГIакIа къотIизе буго гIага-шагарго 100-200 азарго гъурщиде щвезегIанги. Гьединаб закон къабул гьабуни, гьанжесел кочIохъабазул кьеразулъа дояркабилъун рукIарал дояркабилъун, официанткабилъун рукIарал официанткабилъун ине руго. Сценаялдайин абуни хутIила унго-унгоял кочIохъаби».

Гьадин бицана гьеб къануналъул проект гьоркьоб лъураб хIукуматалъул данделъиялда гIахьаллъи гьабурав журналист ХIасанов Темирханица. Гьанибго ракIалде щвезабила цо гьадинаб лъугьа-бахъинги. Масала, 1 марталда МахIачхъалаялда тIобитIараб Шамил Ханахъаевасул концерталде кечI ахIизе ячIун йикIарай ТIавус МухIамадова цее яхъине кватIана. Гьей цее яхъиналде сценаялдасан кечI ахIизе байбихьана. Гьеб букIана фонограмма. КечI бакьулъе щвараб мехалда гурони кочIохъан цее ячIинчIо. Залалда ругезул разилъи гьечIолъиялъул хъуй бахъаниги, цебеккунго къачIараб кечI цIидасан биччана ва щибго ккечIеб гIадин фонограммаялда гъоркь гьелъ «кечIги ахIана».

Гьеб лъугьа-бахъин жиндаги рагIанин ва цIакъ сурукъгоги бихьанин бицана Дагъистаналъул мустахIикъав артист ХIамзалаев ХIамзалас. Гьединлъидал, фонограмма тIубанго гьукъичIого гьелъие гIурхъичIвай гьабизе цебего заман щун бугила.

ХIамзалаев ХIамзалав: «Фонограммаялъ хвезарулел руго кочIохъаби. Гьелъул тIокIлъи букIуна. ГIезегIан тIад харжги гьабун хIадур гьабулеб жо букIуна фонограмма. Дир хIисабалда гIадамал махсароде кквейлъунги бихьула дида гьеб. Щайгурелъул, махщел гьечIев чиги вихьизавулев вуго махщел бугевлъун, ай компьютералъ гьаракьги кечIги къачIан. Гьединаб къанун къабул гьабуни, гьунар бугел хутIила гьечIел нахъе ина».

ДРялъул Маданияталъул министерлъиялъул цо бутIаялъул нухмалъулей ПатIимат Абакаровалъ бицухъе, жакъа Дагъистаналда унго-унголъун, букIине кколеб куцалда кечI ахIулел кочIохъабазул 15-20 процент гурони рагIуларо. Амма гьеб къанун къабул гьабуниги, гьеб гIумруялде бахъинабизе кIвей щакаб бугила.

АнцIго сон буго Россиялда фонограммаялъул хIакъалъулъ къанун къабул гьабуралдаса. Амма гьелъул хIакъалъулъ бицунеб букIин гурони, гьеб хIалтIулеб гьечIо. Гьедин бугониги, СССРалъул халкъияв артист, Пачалихъияб Думаялъул депутат Иосиф Кобзоница рикIкIунеб буго, фонограммаялда гъоркь кечI ахIулел артистазе тамихI гьабизе кколин ва цо хасал чагIазул сухIматазда кучIдул ахIаралъухъ щвараб гонораралдаса налогал кьей тIадаблъунги гьабизе кколин. Гьесул рагIабазда рекъон, Россиялъул законалъ ихтияр кьола кочIохъабазде гIакIа къотIизе. Амма фонограммаялъул хIакъалъулъ къанун хIалтIулеб рагIуларо, тамихI гьабиялъул шартIал ургъун гьечIолъиялда бан.

Россиялда тIаса-масаго таниги, рехсараб къанун хIалтIулеб буго СШАялда, Франциялда Швейцариялда. Гьединлъидал, Кобзоницаги политикаялдагун искусствоялда гIумру бухьарал машгьурал маданияталъул хIаракатчагIазги мекъаблъун рикIкIунеб буго фонограмма хIалтIизабиялъул масъала пачалихъалъ кIвар гьечIого тей.

Фонограмма гьукъарал улкабийин абуни гIемерал руго. Масала, Азербайжаналда тIубанго гьукъун буго фонограммаялъул кумекалдалъун концертал тIоритIизе.