Нухмалъиялда цIидаса хиса-басиял гьаруна

Талат къоялъ Дагъистаналъул хIукуматалде тIамуна цIияв ункъо министр. Гьел ккола информациялъулгун басмаялъул министр Азнавур Аджиев. Цеве гьев «Дагъистан» РГВК каналалда вукIана нухмалъулевлъун. Гьениве гьанже тIамулев вуго информациялъулгун басмаялъул министрлъун вукIарав ГIумаргIусман ХIажиев.
Росдал магIишаталъул министрлъун тана Халкъияб Мажлисалда аграрияб политикаялъул комитеталъул нухмалъулев хисулевлъун вукIарав БатIал БатIалов. БакIал раялъулгун, архитектураялъул ва рукIа-рахъиналъулгун коммуналияб магIишаталъул министерлъи тIадкъана Муса Мусаевасда. ГьанжелъагIан банкалда ва финансазул министерлъиялда хIалтIулев вукIун гурони, Дагъистаналъул политикаялда машгьурав чи кколаро гьев.

Лъай кьеялъулгун гIелмуялъул министрлъун тана ШагьгIабас Шагьов. ГьанжелъагIан гьев вукIана Дагъистаналъул президентасулгун хIукуматалъул администрациялъул нухмалъулевлъун, гьелдаги цевехун – спорталъул министрлъун. Гьанжеялдаса чанго къоялъ цеве ШагьгIабас Шагьов тIамун вукIана пачалихъияв секретарьлъун. Гьедин кIиго-лъабго къоялдасан гьеб хъулухъ хисун лъай кьеялъул министрлъун гьев тIамиялъул магIна бичIчIулеб гьечIо цо-цоязда.

Гьединго батIи-батIиял пикраби руго БатIал БатIалов росдал магIишаталъул министрлъун теялда тIасанги. Масала, «Миллат» газеталъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиевас рикIкIунеб буго гьелъулъ Халкъияб Мажлисалъул спикер Хизри ШихсагIидовасул гIахьаллъи загьирлъулеб бугин. ШихсагIидовас тIамизавун ватулин лъарагIав вукIараб хъулухъалде лъай кьеялъул министрлъун магIарулав ШагьгIабас Шагьов, хадув росдал магIишаталъул министерлъун вукIарав магIарулав Башир Байтемировги нахъе вахъун гьесул бакIалде лъарагIав БатIал БатIалов ккезе къваригIун. Щайин абуни Буйнакск мухъалъул нухмалъиялде рищиязда БатIаловас нух кьунин гьеб хъулухъалде ине Даниял ШихсагIидовасе – парламенталъул спикерасул васасе. Гьединлъидал гьесул инсул рахъалдаса баркала гIадаб жо бугин гьанже БатIал БатIаловасе министрасул хъулухъ щвей. Лъалеб букIахъе, Дагъистаналда хъулухъал рикьулелъул хIисабалде босула чиясул миллатги. Гьедин республикаялда гIумру гьабулел миллатазул къадаралъухъ балагьун гIага-шагарго рикьун рукIуна хIукуматалда ругел хъулухъалги.

Бицен гьабулеб суалалда бан ЭР-ялъе Россиялъул информалатазул журналист Мусаев Мусаца бицана гIадамал тIадегIанал хъулухъазде тIамулелъул, бихьулеб бугин республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас хIаракат бахъулеб букIин тухумчилъиялдаса рикIкIад чIезеги, ришватчилъиялдасагун такъсирчилъиялдаса рикIкIадал чагIи ралагьизеги гьесие бокьун букIин. Гьелъие гIоло Дагъистан тун къватIиса чагIигицин толел ругин гьес хъулухъазда. Масала, Дагъистаналъул президентасулгун хIукуматалъул администрациялъул нухмалъулевлъун тIамурав Рамазан ГIалиев. Дагъистаналъул президентлъун Рамазан ГIабдулатIипов тIамизегIан Рамазан ГIалиев Саратовалда магъалабазул хъулухъалда хIалтIулев вукIана. Цинги гьес гьев контролиябгун финансазул управлениялъул нухмалъиялде тIамун вукIана.

Контролиябгун финансазул управлениялъул нухмалъиялда тана гьанжелъагIанги гьенивго хIалтIулев вукIарав Аммай Къурбанов.
ПалхIасил, кадразул иш тIад балагьун гIемерго квеш гьечIин кканиги, ахиралда тарал министразда тIасан цо-цо суалал рижулел руго журналист Муса Мусаевасул. Масала, лъай кьеялъул министрлъун тарав ШагьгIабас Шагьов кколила цебегоялдаса нахъего президентасулгун лъикIал гьоркьорлъабазда вукIарав чи.

Муса Мусаев: «Гьединлъидал президентасе бокьун батиларо, Шагьов гьанже вахъун тIалъиялдаса нахъе витIизе. Гьесде щвезегIан гьенив вукIарав лъай кьеялъул министр Артур ТIалхIатов вацIцIадав чиги вугин, гIелмуги лъалин абула. Амма нухмалъи гьабизе гIураб гIадаб хIалбихьи батун гьечIоха гьесул. ТIадежоялъе тIуванго лъидаго вачIев чиясе захIмат букIуна Дагъистаналда кинабгIаги масъала рагIалде бахъинабизе. Гьединлъидал Дагъистаналъул хаслъаби лъазе ккола, пуланал лъай-хъваял рукIине ккола гьединаб хъулухъалда вугев чиясул. БакIал раялъулгун, архитектураялъул ва рукIа-рахъиналъулгун коммуналияб магIишаталъул министерлъи тIадкъарав Муса Мусаев вуго унго-унгояв, канцеляриялъул хIалтIухъан. Хадув загьирлъизеги рес буго. Амма щай гьев гьеб хъулухъалде тIамуравали лъаларо. Президентасда щибниги бихьунгIаги батила гьесулъ, яги цонигияз абун батила гьев тейилан».

Информациялъулгун басмаялъул министр Азнавур Аджиевасул рахъалъ пикру загьир гьабилалде журналист Мусаев Мусаца кIвар буссинабуна гьес нухмалъи гьабизесеб идараялъул цIаралде. Интернет-алаталги раккун, басмаялда рахъулел информациялъул алатал дунялалдаса лъугIун-тIагIун унеб мехалда, «Басмаялъул» абун министерлъи кин букIунебали бичIчIулеб гьечIоан гьесда. ЦIарго гIадин, ричIчIулел гьечIо гьеб идараялда тIадал жалги. Гьединлъидал гьеб министерлъиялъул вакилзаби лъугьунила бакIазда ругел газет-журналазул, телевидениялъул хIалтIуда гъорлъе. Гьеб гьезул иш гурин, гьел газет-журналазе гIарац биччалеб бакIалъул администрациялъул иш бугин рикIкIунеб буго Мусаевас.

Росдал магIишаталъул министерлъиялдаса Башир Байтемиров вахъизе гIедегIанин абулеб буго журналист Муса Мусаевас.

Муса Мусаев: «Живго вихьизавизе бащдаб лъагIел кьезе бегьулаан гьесие. Байтемировасул бакIалда тарав БатIал БатIаловасул рахъалъ щибинха абилеб? Дир хIисабалда, кабинетал тун къватIиб бугеб гIумру лъикI лъаларо депутатазда, пуланаб суалалъе гьаркьал кьолел рукIин гурони».

Хисун руго цо-цо министерлъабазда цIаралги. Масала, бакIал раялъулгун рукIа-рахъиналъул магIишаталъул абун букIараб министерлъиялде тIаде жубан буго «архитектураялъулги» абураб рагIи. Дармилабгун къватIисел бухьеназул министерлъиялда цIар лъун буго дармилабгун инвестициязулилан. Экономикаялъул министерлъиялда тIаде журан руго «территориялъул цебетIеялъул рахъалъ» ин абурал рагIаби. Транспорталъул министерлъиялда тIаде жубан буго «нухазул магIишатги».

Республикаялъул хIукуматалда цере гIуцIарал комитетазулъги руго хиса-басиял гьарун. Гьедин цIолбохъанлъиялъулгун алкоголалъул продукциялъул иш гьабулеб комитеталда цIар лъун буго цIолбохъанлъиялъулгун чогърол комитетилан.

Цебе букIинчIеб кIиго комитетги гIуцIун буго хIукуматалда. Цояб ккола ччугIихъанлъиялъул магIишаталъул комитет. Цебе гьеб иш росдал магIишаталда тIадкъан букIана. Амма букIине кколедухъ ччугIа гIезабиялде кIвар кьолеб гьечIин абурал гIарзал руго. Абула Каспи ралъдал рагIалда ругел пачалихъазда гьоркьоса гIицIго Ираналъ гурони биччаларин гIезеги гьабун ралъдалъе ччугIа. Жалго ччугIихъабаз бицухъе, Дагъистаналъул рагIалда кквезе ччугIа хутIун гьечIо, гьединлъидал браконьералги гьелда хадур Казахстаналъул гIорхъоде щвезегIан унел ругел.

ЦIи данде гьабураб хIукуматалда жаниб гIуцIараб цIияб цойги комитет ккола пачалихъиял хIажалъабазе гIоло къайи босулеб комитет. ГьанжелъагIан республикаялда букIинчIо гьединаб идара. БукIана гIицIго сайт, пачалихъиял хIажалъабазе гIоло къайи къваригIун букIинги, гьеб босулеб букIинги лъазабулеб. Гьелда сверухъги Россиялдаго рагIун ахIи-хIур бахъун букIана гъоркьисалаги чанго моцIалъ цебеги. Масала, Дагъистаналъул финансазул министерлъиялъ гьеб сайталдасан лъазабулеб босулеб букIана микьго млн гъурщил багьаяб цо автомобиль босулеб бугин жидеца. Гьеб тIатинабуна Россиялда машгьурав оппозициялъулав Алексей Навальныяс. Цинги хъата-масан республикаялъул финансазул министерлъиялъ, цо гъалатI борчIун батанинги абун, сайталдаса нахъе босана жидерго лъазаби.

Дагъистаналъул хIукуматалда вуго кинавниги 18 министр. Жакъа къоялде щвезегIан тIамун вуго гьезул микьгояв. ХIукуматалъул нухмалъулевги вице-премьералги церехунго рукIарал тун руго.