Гьал къоязда улкаялъул хIукуматалъ хIукму гьабуна гIисинал халкъаз гIумру гьабулеб Россиялъул 28 субъекталъе 240 млн гъурущ биччазе.
Гьезда гьоркьоре унел руго Сибиралда, Россиялъул Шималияб рахъалда, гьединго РикIкIадаб Бакъбаккул, ай Дальний Востокалда ругел халкъал (Алтай, Бурятия, Коми, Карелия, Магадан, Архангельск, Хабаровск, Камчатка, Ямало-Ненецкий, Ханты-Мансийск, Хакасия ва цогидал). Гьезул лъие кигIан гIарац биччалебали бахъараб сияхIги буго. Россиялъул хIукуматалъ гьелда цIар лъун буго “социалиябгун экономикияб рахъалъ гьел халкъал церетIезариялъе биччалеб сурсатилан”. Масала, бищун гIемер гIарац Магаданалъегун Алтаялъе, Ямало-Ненецкий округалъе биччалеб буго. Бищун дагь – Свердлов, Вологда мухъазе кьолеб буго.
ЦебетIеялъе хIукуматалъ 17 млн гъурущ биччалеб бугеб Алтай мухъалда гIумру гьавулевгIанав чи вуго Дагъистаналдаги. Гьенирго гIадин батIи-батIиял гIисинал миллатаз гIумруги гьабулеб буго республикаялда. Амма гьеб сияхIалда гъорлъ гьечIо я Дагъистан, яги Шималияб Кавказалъул цониги республика.
Гьеб 240 млн гъурущ кепкал кколин, гьединлъидал кьечIого лъикIин Дагъистаналъе гьебилан абулеб буго АхIмаднабиев МухIамадица. КIкIаралазул жамагIаталъул вакил ккола гьев.
АхIмаднабиев МухIамад: “Кьейин абе гьел кепкал дол Сибиралда ругел чагIазе. Квачараб бакIалда гIумру гьабунги ругелъул. Нилъее гьеб къваригIун гьечIо. Нилъее къваригIун буго гьаб нилъерго буголъи нилъехъго тезе. Каспи ралъадги гьелъул бечелъаби танигицин гIолаан нилъее. Цо рахъалъ, кьечIогоги лъикI буго. Добасан кьура-кьураб жо бикъулел гьал цоялги ругелъул гьанир. Амма нилъерин абуни гIабдалзаби гьарулел руго. ГIурус ракьалда гIумру гьабулел гьардухъаби гьарулел руго нилъер. Щайин абуни Дагъистаналда гIисинаб цониги миллат гьечIилан чIезабулеб бугелъул. Бищун лъикIаб ракьги буго, бищун лъикIал гIадамалги руго гьанир. Амма чIвадарухъабиги церехун риччан гьабулеб буго политика”.
Дагъистаналда гIумру гьабулел кIкIаралалги цогидал вакилзабиги гIисинал миллаталлъун рикIкIине кколин рикIкIуна АхIмаднабиевас. Амма гIисинал миллаталлъун гьел рикIкIиналъе квалквал гьабунин церегIан соназда Дагъистаналъе нухмалъи гьабурал гIадамазилан абулеб буго гьес ЭР-ялъе.
АхIмаднабиев МухIамад: “Квалквал гьабуна МухIамадгIали МухIамадовас, МухIу ГIалиевас, Хизри ШихсагIидовас ва мунагьал чураяв ХIажи ХIамзатовасги (академик).
Гьезул гIахьаллъигун гьабураб балъгояб хIукму буго Россиялъул хIукуматалъул – цониги халкъ гIисинал миллаталлъун рикIкIинчIого букIинеян абураб. Доб мехалда Россиялъул миллиял суалазул министрлъун вукIана Тишков. Гьесул мемуаразда буго гьединан хъван”.
Жинца церехун рехсарал ракьцояз гьединаб хIукму щай гьабурабали гьадин бичIчIизабулеб буго АхIмаднабиев МухIамадица.
АхIмаднабиев МухIамад: “Жидее гурони цогидазе щибниги къваригIунарин чIарал тухумал руго Дагъистаналда – бикъулел, хъамулел, гIадамал чIвалел. Гьезухъ буго кверщел. Гьезухъе ихтиярги кьун буго Кремлялъ”.
Гьанже заманаялъ нухмалъи гьабизе Москваялдасан Дагъистаналде витIун вачIарав Рамазан ГIабдулатIиповасе бокьани, гьесда кIолин гьеб суал тIубазеян рикIкIунеб буго АхIмаднабиевас. Россиялъул хIукуматалда миллиял суалал тIураялъул рахъалъ щвараб хIалбихьиги бугила гьесие. ГIабдулатIиповасе хIалае рахъине хIадурал жамагIаталги ругила Дагъистаналда. Дагьабниги криминалин абураб жо малаца гьабун, жамагIатаз нахъеги къотIулин абулеб буго АхIмаднабиевас. Амма гьабсагIаталда республикаялда бугеб ахIвал-хIалалъухъ балагьани, халкъги мацIги цIуниялъе рахъарал къануналги цогидабги гьесда бихьулеб гьечIо.
АхIмаднабиев МухIамад: “Конституциялъул 26 статья буго, гьединго гIезегIан статьяял руго халкъалъул гIумру лъикIлъизабизе кколин абулел, гьелда рекъон къануналги рахъизе кколел. Амм гьел рахъулел гьечIо. Гьел рахъичIого Дагъистаналда гIадлуги букIине гьечIо. МацIалъул къанун букIине ккола, тIоцебесеб иргаялда. Гьеб гьечIо. Хадуб букIине ккола программа. Программаялда рекъон гIарац биччала. Щай гьеб биччалеб гьечIеб? Къанун гьечIого. Къанун щай гьечIеб? КъваригIун гьечIого”.
ПалхIасил, гьеб суалалда тIасан АхIмаднабиевги гьесул ракьцоялги хъвадарана Дунялалъул Цолъарал Миллатазул гIуцIиялде щвезегIанги.
Амма доб цебехун рехсараб сияхIалда, Россиялъул хIукуматалъ социалиябгун экономикияб рахъалъ кверчIваялъе гIарац кьезе бихьизабурал халкъазда гъорлъ гьечIо Дагъистаналда чIахIиялин рикIкIунел, амма Россиялъул даражаялда гIисиналлъун кколел миллаталги – масала, аварал, даргиял ва цогидал.
Россиялъул гьеб 28 субъекталда гIадамал дагьлъун, хIалтIизе чи гьечIого хутIун ратани, Дагъистаналда иш гьелъул гIаксалда буго. Лъимал гIемер гьарула, къойилго гIадин хасал операциязда чIван, рикъулел, тIагIунел рукIиналъухъги балагьичIого, халкъалъул къадар цIикIкIунеб буго. Амма хIалтIизе бакIал гьечIо. Гьедин гIемерисел дагъистаниял дол тIадехун рехсарал субъектазде – Ханты-Мансийскалдеги, Комиялдегун Тюменалдеги, Магаданалдеги унел руго бетIербахъи гьабизе.