2015 соналда рохиялъе гIиллаби дагьлъулел руго дагъистаниязул

Цереккун хIисабалде росарал объектал 2015 соналдаги ран рахъине рукIиналда щаклъи загьир гьабуна 25 декабралда тIобитIараб Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъул сессиялда. Гьедин гъоркь хутIизехъин буго 70 объект. Гьел ккола школал, азарханаби, ва цогидаб. Амма гьебго заманалда кутакалда лъикI гIарац биччалеб рагIула Дербенталъул юбилеялде.

Республикаялда гIуцIараб инвестициялъул программаялъул хIакъалъулъ бицунеб букIана гьес. Гьедин 31 мухъалдаги 6 шагьаралдаги тIасияб соналда цониги объект базе гьечIин мухIкан гьабуна Юсуповас. Рахъизе гьечIила нухалги, лъел мухъалги, цогидабги.

СанагIалъи гьабун буго цо-цо объектал Хасавюрталдаги, Гъизляралдаги, Хунзахъ ва Гъуниб разе. Дагъистаналъул нухмалъулев ГIабдулатIиповасул ватIан, бищун рикIкIада бугеб ЛъаратIа мухъалда базе гьечIо цониги объект, я рахъизе гьечIо нухал.

Гьедин тIасияб соналдаги чIезе толеб буго Бабаюрталъул ракьалда бугеб ЛъаратIа мухъалъул Щедрин абураб хъутаналда 2008 соналдаса нахъего кьучI лъураб школа. 250 цIалдохъанасе бакI буго гьениб. Жакъа къоялде щвезегIанги гьениб гIицIго цо тIала гурони бан лъугIун гьечIо.

МухIамад ГIалиханов: «2014 соналъ чIезе тун букIана гьаб школа бай. ГIарац биччан букIинчIо гьелъие. Республикаялъул нухмалъулесул тIадкъай букIана 20I3 соналда байбихьарал объектал лъугIизаризе кколин абураб. Гьединлъидал нижер хьул бугоха тIадеялъулгIаги лъугIилин гьабилан. Бюджет кинаб бугебали лъалелъул нилъеда, гьелъ бажарун батиларо».

ЭР: «ТIубанго къотIинабураб жойищ гьеб гIарац?»

МухIамад ГIалиханов: «Гуро. Цо соналъ бан лъугIичIони, тIасияб соналдехун толеб гIадат букIуна. Гьабги гьединго тун букIана».

ЭР: «Хъутабазда школазул рахъалъ кинаб хIал бугеб, гIолел ругищ гьел?»

МухIамад ГIалиханов: «Валлагь, расги лъикIаб хIал гьечIо. Нижер гуребги, цогидал мухъаздаги батила гьединабго хIал. Гьанир росаби кIодолъун руго, лъимал гIемерлъун руго».

Централдаса рикIкIад ругел ЛъаратIа, ЦIунтIа, ЦIумада мухъазда школал яги азарханаби гIунгутIи гуребги, суал буго шагьранухал хIажат рукIиналъулъги. Гьел щвалде щварал гьечIолъиялъ къойилго гIадин кколел автоавариялги рукIуна гьенир.

25 декабралда Халкъияб Мажлисалда хIукуматалъул вице-премьер, экономикаялъул министр Раюдин Юсуповас бицараб хIакъикъат ЭР-ялъе тасдикъ гьабуна МутIалиб МутIалибовасги. Гьев ккола «Дагсельхозстрой» абун росдал магIишаталъул министерлъиялда цебе рагьараб идараялъул вакил. Росабалъ объектал рай буго гьесул хIалтIи.

МутIалиб МутIалибов: «Араб соналъ республикаялъул бюджеталда нижее бихьизабун букIана 500 млн гъурущ. Амма секвестр бюджета абун, нусго млн-ги тун, 400 млн гъурущ тIаса къотIана. Гьелъ, узухъда, захIмалъаби руго».

Халкъияб Мажлисалда Раюдин Юсуповас абуралде тIадруссани, 2015 соналда республикаялда аслияб гIарац харж гьабизехъин буго «Юг России» абураб программаялъеги, коммуналияб магIишат цIи гьабиялъеги, гьединго Дербент шагьаралъ 2000 сон тIубаялда бан тIоритIулел тадбиразеги. Дербенталде биччалеб буго 140 млн гъурущ.

Гьедин республикаялда экономика цIакъ кьварараб низамалде ккунги бугелъул, Дагъистан тун къватIир ругел бечедал ракьцояз, олигархаз кумек гьабизе ккелин абураб пикру загьир гьабулеб буго тIалъиялъ.