Вагьабизм гьукъараб къануналдаса инкар гьабизе бегьула

Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалда хIадурулеб буго "Экстремизмаялъул профилактикаялъул хIакъалъулъ" абураб къануналъул проект. Гьелда рекъон гьабизе буго республикаялда экстремизмаялъул профилактика, ай экстремизмалда данде чIарал тадбирал.
ТIоцебе балагьараб мехалда, щибниги гIажаибаб жо гьениб бихьулеб гьечIо. Лъиего балъголъи гуро экстремизм гьукъун букIин ва гьелда данде хIалтIи гьабизе кколеблъи. Амма къануналъул проекталда бицунеб буго, гьеб къанун къабул гьабун хадуб нахъе бахъизе бугин 1999 соналъ къабул гьабураб вагьабизм гьукъараб къанун. Доб къануналъул бакIалда гьаб лъураб гIадаб жо кколеб буго.

Лъалеб букIахъе, вагьабизм гьукъараб къануналда сверухъ гIемер бахIсал рукIана ахирал соназда. Цо-цо жамгIиял хIаракатчагIаз ва юристаз бицунеб букIана гьеб къанун Россиялъул Конституциялда данде кколеб гьечIилан, щайгурелъул, гьелъ хвезабулеб бугин щивав чиясе жиндие бокьараб дин гьабизе бугеб ихтияр. Халкъияб собраниялъ къануналъул проекталда цадахъ хIадурараб бичIчIикьеялъул кагътида (пояснительная записка) бицунеб буго гьадин: «Вагьабизм гьукъараб къанун жиб бугеб къагIидаялъ къабул гьабизе ихтияр букIинчIо Халкъияб собраниялъул. Гьединал къанунал къабул гьаризе гIурал ихтиярал федералияб собраниялъул (Пачалихъияб дума) гурони гьечIо. Гьединлъидал гьеб къанун къуват билараблъун рикIкIине ккола». ЦIияб къанунги къабул гьабун, гъоркь букIараб вагьабизмалда дандечIараб къанун мекъаблъун рикIкIунеб буго ва нахъе бахъулеб буго. Амма къануналъул проекталда мухIкан гьабулеб гьечIо цIияб къануналъул тIокIлъи кинаб бугебали.

Вагьабизм гьукъараб къанун къабул гьабун букIана Халкъияб собраниялъ 1999 соналъул 22 сентябралда. Доб мехалда Чачаналдаса Хаттабилгун Басаевасул къокъабиги кIанцIун Дагъистан гьезда данде бахъараб заман букIана. 2000 соналъ Халкъияб собраниялъ Пачалихъияб думаялда цебе лъуна гьединабго тIолгороссиялъул къанун къабул гьабизе кколилан. Амма гьелъул халгьабун хадуб Пачалихъияб думаялъул диниял идарабазул комитеталъ гьеб къанун нахъчIвана, динияб чваххи гьукъизе къануналъ ихтияр кьолеб гьечIилан. Гьединго абуна «вагьабизм» абураб бичIчIиялъе мухIканаб баян гьечIин. Экстремизм гьукъараб къанун буго Россиялда, гьелдаго релълъараб къанун къабул гьабизе хIажалъи гьечIин бичIчIизабуна Москваялъ.

Гьелдаса нахъе Дагъистаналда чанцIулго батIи-батIиял чагIаз борхун букIана гьеб къанун нахъе бахъизе ккеялъул суал, амма щибаб нухалъ гьеб нахъбахъун толеб букIана. Бицунеб букIана гьеб къанунги багьанаде батун къуваталъул идараялъ жидер щаклъи ккаравщинав чи полициялде вачун гIакъуба кьолеб бугилан. Амма дандияз бицунеб букIана, гьеб къануналда рекъон жеги цониги чи тамихIалде цIачIин. Щайха гьабсагIаталда гьеб нахъе бахъулеб, Динияб идараялъул гIахьаллъи бугищ гьениб, ялъуни гьезда бичIчIулеб жойищ гьечIеб жеги, кинал хIасилал рукIине бегьулел гьел тадбиразул абурал пикраби цIехана "Эркенлъи" радиоялъ экспертазда.

Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул профессор, философиял гIелмабазул кандидат ЯхIяев Мухтарил пикруялда рекъон, къанун цебего нахъбахъизе кколеб букIун буго, щайгурелъул гьеб цебегоялдаса нахъе киналго гIалимзабазул гIаммаб пикруялда рекъон Конституциялда данде кколареб къанун букIанин. "Доб мехалъ чара гьечIого хIажат букIана экстремизм гьукъулеб къанун къабул гьабизе. Гьединаб къанун Россиялда хадуб гурони баккичIо. Амма нилъер депутатаз экстремизмгун вагьабизм жубазабуна. Гьеб цого жо кколаро", -ян абуна ЯхIяев Мухтарица. ГьабсагIаталда гьеб къанун нахъе бахъиялъ суфиздагун салафиязда гьоркьоб диалог цIигьабизе рес буго, щайгурелъул, гьел ращадал шартIазда рукIине ругилан бицана гIалимчияс. Амма цоги исламалъул цIех-рех гьабулев гIалимчи Нугъаев МухIамадил пикруялда рекъон, гьеб къанун нахъе бахъиялъ гьелъул гIаксалда, кIиябго динияб рикьиялда гьоркьоб дандечIей хIалуцинабизе буго.

Нугъаев МухIамад: "Салафиязул ихтиярал хвезарулел рукIана гьеб закоаналъ абураб пикру мекъи буго. Гьезул рахъ кколел кигIан гIемер инсанасул ихтиярал цIунулел идараби ругел? Гьанже гьел жеги цIикIкIине руго къанун нахъе бахъун хадуб. Амма гьелдаса кинабгIаги пайда букIине гьечIо, тIадеги хIалуцин цIикIкIинаби гурони. Раккизе руго салафиязул цIиял диниял идараби, гьел гIемерлъизе руго. Гьел гIемерлъаралгIан суфиязул гьезде дандечIейги цIикIкIине буго. ЦIикIкIинчIого рес гьечIо".

Гьеб суалалда хурхун Динияб идараялъул баян нижехъе жеги щвечIо. Балагьараб мехалда, бичIчIулеб гьечIо щай гьедигIанго кIвар бугеб, жинда сверухъ ахIи-хIур гIемераб къанун гьадин бащдаб балъго нахъе бахъулеб бугеб? Щай жамгIиял гIуцIабаз, ЖамгIияб палатаялъ ва цоги идарабаз гьеб суал гьоркьоб лъолареб? Щиб жо кколеб гьеб цIияб гьелъул бакIалда хIадурулеб къанунги жеги мухIканго лъалеб гьечIо, къануналъул проекталда тIаса-масагояб информация гурони гьечIо.