Журналистазул цΙияб цолъи

Дагъистаналда баккана цойги журналистазул гΙуцΙи. ЦΙияб идараялъул цΙар буго Лъиданиги рачΙел журналистазул цолъи. Гьелъул регистрация гьабун буго республикаялъул юстициялъул министерлъиялда. Гьелъул нухмалъулевлъун вищун вуго «Настоящее время» газеталъул бетΙерав редактор Фатуллаев Милрад.
«Настоящее время» газетаялъул бетΙерав редактор гьелдаго цадахъ «Независимая газетаялъул» эксперт Милрад Фатулаевас нижер программаялъе комментариял гьарулаго абуна, гьединаб цолъи гΙуцΙиялъул къварагΙел бихьизабулеб бугин Дагъиситаналда журналистикаялда хурхун бугеб ахΙвал-хΙалалъин, республикаялда билъанхъизабулеб информациялъул политикаялда ва цогидал фактораздайин. Мисал хΙисабалда гьес рехсана гьесул ва цогидал лъиданиги рачΙел газетазул республикаялъул нухмалъулгун кколел конфликтал ва жидеда хурхарал диваназда гьоркьор лъолел ишал.

Цолъи гΙуцΙиялда, Фатулаев риккинчΙого, гΙахьаллъун руго «Дагестанцы», «Черновик» газетазул бетΙериял редакторал ГъазимахΙамадов ГΙалисултΙан, МахΙамадов Бияхъай ва «Новое дело» газеталъул бетΙерияв редактор хисулев АхΙмаднабиев АхΙмаднаби.

Августалъул бакьулъ букΙараб данделъиялда Лъиданиги бачΙел журналистазул цолъиялъул нухмалъулевлъун вищун вуго Милрад Фатулаев. Цолъиялъул регистрация гьабун буго кΙиго анкьалъ цебе, амма гьелъул хΙакъалъулъ информация гьанжегурони къватΙибе бахъичΙо.

Кколищ нужер гΙуцΙи гьанже бугеб официалияб журналистазул цолъиялъе конкурентлъун, абун лъураб суалалде жаваб кьолаго, Фатулаевас абулеб буго, цо рахъалъан жал конкурентал ругин, амма лъицаниги квал-квал гьабулеб гьечΙин жиде-жидер масъалаби тΙуразаризе. Гьелдаго цадахъ гьес абулеб буго жидер гΙуцΙи официалияб нухмалъиялъе ракΙалъе гΙезе гьечΙеблъи баянаб жо кколин.

Милрад Фатулаев, Лъиданиги рачΙел журналистазул цолъиялъул бетΙер

Милрад Фатулаев: "Нухмалъиялда гьанжеги берцинго бичΙун гьечΙо сунде гьединаб гΙуцΙи баккарабали. Нухмалъиялъул менталилет буго гьадинаб: гьезда лъалареб яги гьезухъ дагьаб информация бугеб гΙуцΙияз гьезул ургъелал раккизарула. Гьезул кверщаликъ гьечΙеб жоялъ гьезул дискомфорт, ай санагΙалъи гьечΙолъи бижизабула. Гьез гьанже берцинабги сурукъабги къагΙидаялда гΙамал гьабулеб буго гьеб гΙуцΙиялда сверун киналго мухΙканлъиял баянлъизаризе. Гьединаб къагΙидаби ва хасият нухмалъиялъул буго цебегоялдаса."

Фатулаевасул рагΙабазда, гьанже гьеб гΙуцΙараз хΙадур гьабулеб буго хΙалтΙул программа. Гьеб лъугΙун хадуб Лъиданиги рачΙел журналдистазул цолъиялъул презентация гьабизе буго хасаб пресс-конференциялда.

Фатулаевас абухъе, гьеб гΙуцΙи рагьиялде гьел гьесизабураб хΙужжабазул цояб ккола пачалихъиял ва лъиданиги рачΙел информациялъул алатазде республикаялъул тΙадтΙаразул бугеб бербалагьиялъги. Хасго информация тΙибитΙизабулеб базаралда бан. ТΙоцересезе гΙарац кьун кумек гьабигуребги, гьезул продукция хΙал гьабунгΙадин тΙибитΙизабулеб букΙунила. Жидер газетаби ричиялъе квекΙенал гΙуцΙи гурони, щибниги лъикΙаб жо гьечΙила нухмалъиялъул рахъалдасайин. «Роспечать» абураб гΙуцΙиялъул газета бичиялъухъ босулеб мухь букΙанин цΙакъ кΙудияб. Гьеб гΙечΙого, гьелъ жиндирго хΙалтΙи гьабулеб букΙанин цΙакъ квешин, жубалеб буго Фатулаевас. «Дагпечать» абураб цΙияб структуралъги, гьесул рагΙабазда, дагьлъизарулел руго жидерго киосказул къадар.

Журналистазул цΙияб цоялъиялъ гΙамал гьабизе бугила лъиданиги рачΙел журналистазул хΙалтΙул шартΙал лъикΙлъизаризеян абулеб буго журналистас. Гьесулго рагΙабазда, гьеб цолъиялде лъугьине рес букΙине буго Дагъистан тун къватΙисан журналистазулги.