ЦIияб хIукуматалда цIиял чагIи дагь руго

Дагъистаналда цIияб хIукумат гIуцIана гьал къоязда. Инти къоялъ республикаялъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазница гъулбасги гьабун хIукуматалъул министерлъиялда тарал чагIазул сияхI тасдикъ гьабуна. Экспертаз ва политологаз гIатIидго борхулеб буго дагъистаналъул хIукуматалда ккарал хиса-басиязул суал.
ЦIияб хIукуматалда тIаде рачIарал чагIи гIемерал гьечIо. Аслияб куцалъ хIукуматалъул нухмалъиялда долго чагIи ругин абизе бегьила. ГIицIго финансазул, захIматалъулгун социалияб цебетIеялъул, культураялъул министерлъиялъул нухмалъулел хисун руго гьенир. Гьединго хIукуматалъул нухмалъулев хисулевлъун тIамун вуго цIияв чи, Харченко Александр.

Экспертаз ва политологаз гIатIидго борхулеб буго интернет сайтазда Дагъистаналъул хIукуматалда ккарал хиса-басиязул суал. Хасго киназго кIвар кьураб хIужалъун кканин абизе бегьила премьерасул хъулухъалда финассазул министрлъун вукIарав ХIамидов ГIабдусамад тIамиялде. Цо-цояз абулеб бугоан финансазул министерлъиялдаса гьев ватIа гьавизелъун ургъунго гьабураб политикияб гали кколин гьеб ГIабдулатIиповасул, хIукуматалъул нухмалъулесул хъулухъалде гьев тIами. Сентябралда Дагъистаналъул нухмалъулев вищун хадуб хIукумат цIидасан гIуцIизе кколелъул ХIамидовги гьеб хъулухъалде заманаялъ тIамурав чи кколилан абулеб бугоан гьез.

Амма жамгIияв хIаракатчи ГъазимухIамадов ГIалисултаница рикIкIунеб буго цеве вукIарав премьер Меджидов Мухтарги нахъе витIун гьебго хъулухъалде дарги миллаталъул чи щвеладай гьесиейилан абураб хIинкъи букIанин жиндир. Жидерго миллаталъул вакилзабилъун рукIарпал ГIамировги МухIамда салам МухIамадов хъулухъалдаса нахъе иналъе сабабалъун ккарав ГIабдулатIиповасда жакъа кIудияб ццин бугин даргиязул. Гьезул гьеб ццидакьаги хIинкъичIого премьерасул хъулухъалде вачIине кIванин ГIадусамадида. ХIасил калам сентябралда рукIине ругел рищияздаса хадувги ГIабдусамад ХIамидов гьеб хъулухъалда хутIизе вугилан рикIкIунеб буго ГIалисултаница.

Дагъистаналъул хIукуматалъул нухмалъулевлъун ГIабдусамад ХIамидов тIамиялдалъун ГIабдулатIиповас щибниги божилъи течIин гIагараб заманалда Дагъистаналъул тIалъиялда кадровиял хиса-басиял рукIинин абраб пикруялъеян рикIкIунеб буго политолог Казенин Константиница.

Июлалъул къоло кIиабилеб къоялъ Дагъистаналъул гъоркь букIараб хIукумат хIалхьиялде битIулаго ГIабдулатIиповас абун букIана гъоркь рукIарал министразул цо-цояз жидедаго хадуб хъулухъ цIунизе бугилан, амма мухIкан гьабун букIинчIо кинал толел, кинал нахъе ритIизе ругелали. ХIакъикъаталдайин абуни гIемерисел министрал жидерго хъулухъалда хутIаралъи загьирлъана 29 июлалда цIияб хIукмат гIуцIарабго. Гьелъул магIна кколищ гьел сентябралда хIукуматалъул кабинет нахъойги биххизе кколелъул гьеб мехалъ лъагIан тарал чагIи кколин гьелилан абураб. Гьеб суалалд тIасан гьадинаб пикру загьир гьабулеб буго Эркенлъи радиоялъе жамгIияв хIаракатчи Набиев ГIисалмухIамадица.

Набиев ГIисалмухIамад: «Хисизе кканани гъора хисизе чагIи рукIине ккола. Къого соналда жаниб кIалагъоркье чIвазабураб кадровияб политика щуго-анлъго моцIида жаниб бахъунареблъи якъинаб жо буго. Амма гъобго заманалда гьабсагIат хIукуматалъул манистерлъиялда ругел чагIазда бихьулеб буго хIалтIи гьабун бажарулеб гьечIони жалго хъулухъалда тезе гьечIеблъи ГIабдулатIиповас. Гьединлъидал къого соналъ хиси гьечIого цо бакIалда хIалтIилел рукIарал чагIазе рес гьечIо гьанже жидерго къагIида хисизабичIого. ГьабичIонани кIиабизе гьадинаб рес ГIабдулатIиповас гьезие кьунгутIиги якъинаб буго».

ЦIигIуцIараб Дагъистаналъул хIукуматалда жеги тасдикъ гьарун гьечIо анлъго министерлъи. Гьел ккола спорталъул, росдал магIишаталъул, миллиял гьоркьорлъабазул, хIукуматалъул буголъиялъул, тIабигIиял сурсатазул ва юстициялъул министерлъи.