Россиялда гIумру гьабулел гIадамазул 31 проценталда гурони лъалеб гьечIо 4 ноябралда щиб байрам кIодо гьабулеб бугебали. Гьединлъидал гIадамаз батIи-батIиял байрамал рехсолел руго. 46 проценталъ гIадамазе абуни тIубанго захIмалъулеб буго чIванкъотIараб жаваб кьезе. Гьединаб гьикъа-бакъи гьабун бугоан гьал къоязда жамгIияб пикру лъазабиялъул рахъалъ гIуцIараб фондалъ.
81 проценталда ракIалде гьечIоан Халкъазул цолъиялъул къо кIодо гьабизе. 57 проценталъ рикIкIунеб бугоан кин букIаниги къваригIунин гьеб байрамилан. 23 проценталда кколеб буго гьединаб къо хIажатгицин гьечIин улкаялда.
1612 соналда Мининицагун Пожарскияс къватIиса рачIарал тушбаби Москваялдаса къватIире гъей кIвар бугеб хIужалъун рикIкIунеб буго гIадамазул 64 проценталъ. 20 проценталъе гьелуъл ургъел гьечIо. 17 проценталда гьелъие чIванкъотIун жаваб кьезе кIвечIо.
Гьелъул бакIалда доб советияб заманалда букIараб 7 ноябралъул байрам нахъбуссинабизе кколин рикIкIунеб батана гIадамазул 50 проценталъ. Лъалеб букIахъе, Инкъилаб ккеялъул хIурматалда Совет Союзалда улкаялъго кIодо гьабулеб байрам букIана гьеб. Амма Ельцин Россиялъул бетIерлъуде ккедал, 7 ноябрьги жибго тун, кIодо гьабизе 4 ноябрь хIисабалде босана. Гьедин гIадамазул 40 проценталъ рикIкIунеб рагIула Инкъилаб ккеялъул хIурматалда кIодо гьабулеб букIараб доб цояб байрамалъулго кIвар бугин гьаб Мининицагун Пожарскияс литваялъулалгун польшаялъулал Москваялдаса къватIире гъеялдаса.
4 ноябрь щиб жояли Россиялда гIумру гьабулел гIадамазда гьоркьоб гьикъа-бакъи гьабун бугоан ВЦИОМалъги – жамгIияб пикру лъазабиялъул рахъалъ гIуцIараб Россиялъул централъ. Гьелъул гьикъа-бакъиялда рекъон, гIадамазул I5 проценталда гурони абизе кIун гьечIо гьеб къо щиб къояли.
Кин нужеца гьеб къо тIобитIизе бугебин суал лъедал, жал кино-концерталде, тукабазде, яги тира-сверизе ине ругин жаваб кьун буго гIадамаз. ЦIакъго дагьаз чагIаз гурони абун гьечIо жал демонстрациязде яги митингазде ине ругилан.
Советияб заманалда доб цояб байрам – 7 ноябрь – гIадамаз демонстрациял гьарун тIобитIулаан. Гьанже 4 ноябралда гьеб хисун раккун руго «гIурус маршал». Россиялда гIумру гьабулезул цо къадаралъ гьел маршал миллатчагIазул тадбирлъун къабул гьарула. Гьебго пикру тасдикъ гьабулеб буго «Левада-централъул» нухмалъулев Лев Гудковасги. Мисалалъе, хасго ахираб кIиго соналда жаниб хисанила ахIвал-хIал. КIиго соналъ цебе гIадамазул 45 проценталъ какулаанила гьел маршал. ГIицIго 28 проценталъ гурони рахъги кколароанила гьезул. Гьанжейин абуни гIурус маршазул рахъкколеб бугила 40 проценталъ, какулел ругила 25 проценталъ. ПалхIасил, къокъабго заманалда жанир дагьлъанила гьезда фашизмилан цIарал лъолел рукIарал чагIазул къадар. Гьедин лъалаго бахун бачIунеб миллатчилъиги, тIалъиялда ругезул демагогияги цого роцада бугин рикIкIунеб буго Лев Гудковас.
ЦIадабе нарт тIолеб гIадаб асар гьабулеб бугила бакъбаккул рахъалъулги, къватIиса улкабазул жасусазулги, педофилиялъулги рахъалдаса Россиялъе хIинкъи бугин рицунел харбазги. Гьединго гIадамазул ццим буго Россиялде хIалтIизе рачIарал къватIиса гIадамаздаги. Масала, къватIиселин гьезул цо-цояз рикIкIуна Азербайжаналдасагун Узбекистаналдаса, Тажикистаналдаса чагIи гурелги, Россиялда гъорлъ ругел кавказиялги. Хасго дагьалъ цебегIан Москваялъул Бирюлевоялда ккараб хIужаялдаса хадуб, гIурус маршалде рахъарал гIадамаз гъалмагъирал гьариялда хIинкъи загьир гьабулеб букIана улкаялда цо-цояз.
Дагъистаналдаса чагIазул бетIергьанлъиялда бугеб Бирюлевоялда базаралда чIухь базе, ва цогидал тадбирал гьаризе лъугьана гьеб базар бугеб мухъалда азербажаналъулас цо гIурус вас – Егор Щербаков - чIван хадув. Сардилъ жиндир гьудул рокъое нухарегIулеб бакIалда дагIбаги гьабун нус чIван хванин гьевин лъазабуна низам цIунулез. Амма гьелда сверухъги батIи-батIиял харбал руго гьанже. Абулеб буго гьев Егор Щербаков Россия тун инехъин ватун цо гIорхъода чIезавун вугилангицин. Кин батаниги гьеб батIияб суал буго. Цо-цояз кIвар буссинабулеб буго цоги суалалде – масала, гьеб чIвай-хъвеялдехун кинаб хурхенин бугеб Дагъистаналдаса чагIазул базаралъул.
Россиялда миллатчилъи тIибитIиялъул бицана гьал къоязда Дагъистаналъул парламенталъул данделъиялдаги. Хасго дагъистаниязул ццим бахъинабуна гьанжегIагар Краснодаралда Дагъистаналъул байрахъ бухIиялъ. Гьелда бан гьадин абуна парламенталда гьелъул спикер Хизри ШихсагIидовас.
Хизри ШихсагIидов: «Байрахъал щай рухIулел жал – гьадале Санкт-Петербургалда бухIана Чачан Республикаялъул байрахъ, Краснодаралда бухIана Дагъистаналъул байрахъ. Футболалдаги, байрахъаздаги, халкъаздаги бараб жо щиб бугеб? Гьединал жал гьарулел чагIи щай ралагьуларел, ралагьаниги щай тамихIалде цIаларел? ЦIалел ратани, нилъеда щай гьеб лъалареб? Халкъазда гьоркьоб гьудуллъи чIезабиялъул бицунеб батани, цогидазги гьаризе ккола гьеб гьудуллъи чIезабиялъе нилъеца гьабулебщинаб жо.
Щибаб халкъалъул рукIуна жиде-жидер халкъалде рагIа рехизарулел чагIи. Дагъистаниязулги рукIуна, цогидазулги рукIуна. Амма гIаммаб куцалда босани, нилъеца кидаго цоцазе кумек гьабула. Пуланаб ахIвал-хIалалде ккарал дагъистанияз цIаралгицин хисизе кколел руго, жидеего рахIат тезе къваригIун. Гьелъулги гьечIищ цо кIудияб магIна? Фамилияздаги цIараздаги бараб жойищ букIунеб?»
Россиялда миллатчилъи букIиналъул пикру тасдикъ гьабуна Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасги.