АнцΙазарго гъурущ сабаблъун ккараб дагΙба-рагΙиялъул хΙасилаллда кΙиго чи гΙумруялдаса ватΙалъана гьал къоязда Буйнакск мухъалъул Гъафар-Гъумухъ абулеб росулъ. Ι4 июлалъул сардилъ ккана гьеб хΙужа. Гьеб росулъа Ι8 сон барав ГΙалиев Азаматица жиндаго цадахъ цΙалулей гΙолилалъухъа босун букΙун буго нахъе кьезегΙан Ι0 азарго гъурущ . Амма гьоркьоб заман ун хадуб гьес инкар гьабун буго гΙарац нахъбусинабизе. Гьелъул хΙакъалъулъ лъан буго къарзалъе гΙарац кьун букΙарай ясалъул эмен ХΙасанов Мурзабекида. Полициялъул хΙалтΙухъабаз бицунелда рекъон гьес чанго нухалъ лъазабун буго гΙарац босун вукΙарав Азаматил эбел-инсуда гΙарац нахъ буссинабичΙони гьабулеб ишалде жив вачΙунарилан.
Жиндицаго абураб рагΙи чΙобогяб калам букΙинчΙеблъи бихьизабизелъун Ι4 июлалда къаси чанахъанасул туманкΙги босун вачΙун вуго гьев Азаматил эбел инсул рокъове. Гьев вачΙун хадуб дагΙба -рагΙи ялъул хΙакъикъияб сурат кинаб букΙарабали лъалеб гьечΙо лъиданиги, амма гΙемер заман иналдего Мурзабек ХΙасановас речΙчун туманккΙгун чΙван вуго Азаматил 44 сон барав эмен. Гьединго захΙматго лъукъун йиго гьесул эбелги.
Живго Азамат лъутун ворчΙун вуго гьенисан. Абулеб буго гьевги лъукъун вукΙун вугилан. Амма гьоркьоб заман иналдего рокъоб, нахъе лъун букΙараб автоматги босун вачΙун вуго гьев. Мурзабек гьеб заманалда автомобилалда жанив рекΙине ворчΙун вуго ва гьениса лъутизе гΙамал гьабун буго гьес. Амма Азамат бачун инсул букΙараб автомобилгун гьесда хадув ун вуго. «Буйнакск-МахΙачхъала» шагьранухда гьесда хадув гΙунтΙаравго, Азаматица машиналда жанив вукΙаго речΙчΙун буго гьесда ва Мурзабекил бох лъукъун буго гьениб, амма гΙемер би чвахиялъул хΙасилалда гьев азарханаялда хун вуго.
Жинцаго гьабураб такъсиралъул бицине Буйнакскиялъул жанисел ишазул идараялде вачΙун вуго Азамат. Гьеб такъсиралда тΙасан цΙех -рехалъулаб хΙалтΙи тΙобитΙулеб буго Дагъистаналда бугеб Россиялъул цΙех рехалъулаб комитеталъ.
Щай инсанасул гΙумру ахириял соназда гьедигΙан гΙодобегΙанлъараб? БукΙинчΙиш батΙияб нух гьеб суал роцΙинабун бажарулеб? Гьел суалазда тΙасан нижеца гар-чΙвари гьабуна батΙи-батΙиял экспертазулгун.
Мисалалъе, адвокат Сапият МухΙамадовалъ абуна ЭР-ялъе гьелда релълхъарал лъугьа бахъинал гΙемер колел ругин ахираб заманалда республикаялдаян. Гьелъие гΙиллалъунги гьелда бихьулеб буго низам цΙунелездехун халкъалъул божилъи хун букΙин. Жиндаго тΙадаб куцалда хΙалтΙи полициялъ гьеб ишалда жаниб гьабун букΙрабани къарзалъе гΙарац кьун букΙарай ясалъул эмен кодоб ярагъгун чΙваразул рокъове ине вукΙинчΙилан рикΙкΙунеб буго гьелъ.
Сапият МахΙамадова: «Инсан хΙисабалдаги, юрист хΙисабалдаги дица гьеб хΙужа ритΙухъ гьабуларо. ГΙицΙго гΙадамал низам цΙунулезда божулеб гьечΙолъиялъ рачунел руго гьединал ишазаде. Жалго лъикΙал рахъун лъугьунел руго гьел хΙукму тΙубазе, гьединал хΙукмабазин абуни пашаманал хΙасилазде рачунел руго. Цо- цо идарабаз букΙине кколедухъ хΙалтΙи гьабулеб батичΙони цогидалги ругелъул нилъер идараби ритΙухъаб куцалда хΙалтΙи гьабулел. Амма дир хΙисабалда гьениб аслиб суал анцΙазарго гъурщил налъул гуро бугеб, къарзалъе гΙарац босарав васас божуда рекΙкΙги гьабун хияналъи гьабун буго ясалъул инсуда жаниб, гьеб гΙала- гъважаялъул хΙасилалда ккараб пашманаб лъугьа бахъиналда жаниб жиндирго гΙайиб букΙарблъиялъе мукΙурлъичΙого, жиндирго эмен чΙварав тушманасдаса бидулаб рецΙелги босун буго».
Дагъистаналъул гΙелмияб институталъул тарихалъул ва этнографиялъул бутΙаялдаса гΙалимчи Мусаев МахΙач мукΙурлъана кигΙанго анцΙазарго гъуруш гуреб, анцΙго милиион сабаблъунцин дица гьединаб иш гьабиларин гьабсагΙат абуниги , бокьарав чиясухъа ккезе бегьулеб иш бугин гьеб хΙакъикъаталдагиян.
МахΙач Мусаев: « Гьединаб бакΙалда дун тΙоцеве инанан кΙудиязда аскΙове гьадинаб иш бугин гьав гΙолохъанчияс гΙарац нахъ буссинабулнеб гьечΙилан бицине, гьелъул хΙасил ккечΙони цогидазухъе ялъуни росдал имамасухъе инаан. Лъаларо, дун инароанха анцΙазарго гъурущ сабаблъун гьединаб иш гьабизе, амма гΙезегΙан захΙмат бихьун щолелъулха гΙарацги. Пикру гьабидал паркъун бачΙун, хехго ццин бахъун бачΙиндал нилъеда лъаларелъул гьеб лахΙзаталда щиб ккелебали. Гьанив кабинеталда гΙодовги чΙун абизе бигьа буго дие миллион гъурщил суал букΙанигицин гΙадан чΙвазе дун инароанилан. Амма мунго гьединаб бакΙалде ккедал лъаларо лъаларо захΙматаб суал буго хΙакъикъаталдаги».
Дагъистаналъул пачалихъалъул универститеталдаса дин лъазабиялъул рахъалъ эксперт, Садыкъ Мирзакеримовас рикΙкΙунеб буго магΙишат гьабиялъул шартΙал къойидаса къойиде захΙмалъулел рукΙиналъ, инсанасул психология квешаб рахъалдехун хисулеб букΙиналъ, рачунел ругин гьединал такъсириял ишаздеян. Гьанибги кьезе букΙараб анцΙазарго гъурщил налъиялъ гуреб, гьеб хΙужаялъ ккола аслияб бакΙ.