Лъица цІунизе кколеб Дагъистан?

Дагъистаналда жамгIияб гIадлу-низам цІуниялъе гIадатиял гIадамаздаса хасал къокъаби гIуцIиялъул буюри бахъун, республикаялъул бетIер МухIамадов МухIамадсаламица муниципалиял гІуцІабазул бутІрузда тІадкъана бакІазда гьединал къокъабазде гъорлъе ине бокьаразул сияхІал гІуцІизе. Цо-цо экспертаз риккунеб буго гьединал къокъабаз нилъ мурадалде щвезаруларила ва гьел къокъаби гІуцІизецин бажаризе букІиналда бан кІудияб щаклъи бугин.
Жакъа дагъистаналъул пачалихъияб прессаялъ кІвар кьун бицунеб буго мухъазда жидеего бокьун жамгІияб низам цІунизе рахъунезул къокъаби гІуцІулел рукІиналъул хІакъалъулъ. Гьединаб буюри загьир гьабун букІана республикаялъул бетІерас шайих СагІид Аппанди чІван хадуб. Муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулез, жанисел ишазул хIалтIухъабазда цадахъ, І5 октябралде щвелалде гьединал къокъаби гIуцIиялъул иш рагIалде бахъинабизе кколеб рагІуна гьеб буюриялда рекъон.

ГІемерисел политологаз гражданияб рагъ унеблъун риккунеб Дагъистаналда бажарулеб жого бугищ гьединал къокъабаздалъун низам цІунизе, теророризмаялда данде чІолел низам цІунулел къуватазе квербакъи гьабизе? Бажарулищ жакъасел шартІазда гьединал къокъаби данде ракІаризего? РИА «Дагестан» сайталъ, мисалалъе, лъазабулеб буго Леваши мухъалда гьединаб къокъаялде гъорлъе ине вугин 800 чиян, Гъизильюрт шагьаралда гьединаб къокъа гІуцІулеб бугин 450 чиясдасайин.

Нижер программаялъе комментариял гьарулаго «Настоящее время» газетаялъул бетІерияв редактор Милрад Фатулаевас абулеб буго гьединал къокъабазда нухмалъиялъ церелъолел масъалаби тІаразаризе бажаруларин.

Милрад Фатулаев,"Настоящее время" газетаялъул бетІерив редактор

Милрад Фатулаев: "Гьеб буюри баккиялъул багьана хурхараб буго терроризм загьирлъиялде дандечІей щулалъизабиялда. БитІахъеб гІила гьелъие букІана шайих СагІид Аппанди чІвай. Гьелъул, гьеб буюриялъул мурад ккола террористияб хІакъикъаталде дандечІей. Амма баянаб жо ккола гьединал масъалаби гьединал къокъабазда тІуразаризе бажарулареблъи.

Советияб заманалда гьединал къокъабаз цІунулеб букІана жамгІияб низам. Амма терроризмалде дандечІезе гьезда бажаруларо. ТІоцебе босани, гьезухъ букІине гьечІо ярагъ. КІиабизеги, гьел гІахьаллъизе гьечІо хасал операциязда. Гьезда гьединго тІадаб букІине гьечІо такъсирчагІи кквезени щиб, профилактикияб хІалтІи гьабизецин. Кинал рукІаниги хулиганазде данде хІалти гьабизе батила, амма тІокІаб щибниги гьабизе гьечІо гьез."

«Черновик» газетаялъул бетІерияв редактор МахІамадов Бияхъайица лъазабуна, рехсарал къокъаби гІуцІулел ругин абурал лъазабиязда нахъ жакъаялде мухІканал ишал ругин гьабизе захІматго бугин.

Жакъасел шартІазда Дагъистаналда гьединал къокъаби гІуцІиялъул кинабгІаги магІна гьечІо. Гьезул хІалтІуе квал-квал гьабизе буго нилъер халкъалъул менталитеталъцинин абун риккунеб буго Фатулаев Милрадица. Гьелдаго цадахъ гьес кІвар буссинабулеб буго гьеб республикаясул бетІерасул буюри низам цІунулел идарабазул хІалтІуе квешаб къимат кьеялъул ишара букІиналде.

Милрад Фатулаев: "Жидер профессиялда рекъон тІадаб хІалтІи щвалде щун хъван, бихьизабун бугел, къануназда рекъон хІалтІизе кколел хасал хъулухъазул, полициялъул, низам цІуниялъул цогидал идарабазул хІалтІухъабазе, нилъеда бихьулеб буго, дагъистаналъул шартІазда гІагарлъиялъул, тайпа-тухумлъиялъул, батІи-батІиял цогидал гьоркьорлъабаз хІалтІуе квал-квал гьабулеб букІин. Цояз лъихъалиго ахІулеб буго, цояв цоясе гІагарав вуго, цояв цогидасе вац кколев вуго, цогидасе росоцояв кколев вуго... Дагъистаниязе гьел факторазул буго цІакъ кІудияб кІвар. Гьанже цебечІезабеха, низам цІунизе жидерго росдал къватІахъе рахъарал гьел къокъаби. Кинабха реакция букІине бугеб гьел къокъабазде гъорлъе унезул жидерго къватІалда гІага-божарас, гьалмагъас, мадугьалас низам хвезабулеб бугони? Дида кинабгІаги магІна бихьулеб гьечІо гьединал къокъабазул.

Гьел нилъеца хІакъикъаталдаги гІуцІулел ратани, гьеб ккола нилъер полициялъулазда, нилъер хасал хъулухъазда жидерго хІалтІи гьабизе бажарулеб гьечІин абуралда разилъи. Жибго буюри бахъиго ккола гьединаб хІужжа. Терорризмалде дандени щиб, гьезда бажарулеб гьечІо жамгІияб низам цІунизецин. Дир пикруялда, гьеб ккола популистияб хІукму."

Шималияб Кавказалъул проблемазул гІемер хъвалев машгьурав журналист Иван Суховас абулеб буго, бицен гьабулеб гали кколин пачалихъалда жиндирго халкъалъул хІинкъигьечІолъи цІунизе бажарулеб гьечІеблъиян.

Иван Сухов,журналист

Иван Сухов: "Гьединал ишал пуланал жамгІиял гІуцІиязда тІадкъалеб мехалда, гьеб ккола гьеб регионалда пачалихъ биххулеб бугилан абураб. Гьеб ккола нилъер гІарцухъ, нилъер магъалабазухъ ккун ругел низам цІунулел идарабазда, пачалихъиял къуватиял структурабазда бажарулеб гьечІин жидедаго церелъурал масъалаби тІуразаризе абураб. Жидеда тІадаб хІалтІи, жидерго борчалъул бутІа жамгІиял гІуцІиязухъе буссинабулеб бугин абураб. Гьеб ккола системаялда бажарулеб гьечІин жиндирго функцияби тІуразаризе ва гьелъ гІамал гьабулеб бугин жиндаго тІад бугеб жавабчилъи жамгІияталдеги тІибатІизабизе абураб.

Гьелдаса пайда букІинишха! Дагъистаналъе цІияб къагІидаги гьеб кколаро. ГІемерисезда лъала, І999 соналда, чачаназул рахъалдаса сепаратистазул къокъаби Дагъистаналде тІаде кІанцІараб мехалдаги, гІуцІун рукІана гьединалго къукаби. Доб мехалда пачалихъиял структурабазда цадахъго гьез тІуразаруна кІвар кІудиял рагъулал масъалаби. Гьанже дагъистаналъул нухмалъи дида битІун бичІун батани, гьел къокъабазде гъорлъе унезухъе ярагъ кьезе гьечІо. Амма гьеб, дир пикруялда, символикияб ремарка ккола. Щайгурелъул ярагъ Дагъистаналда гьедингоги буго гІемерисезухъ. Кин батаниги, дир пикруялда, гьезухъ ярагъ букІине буго."

Суховасул пикруялда Дагъистаналъул бетІерасулги Краснодар краялъул губернаторасулги машгьурлъарал буюразул буго гІемер гІаммаб жо. Александр Ткачевасул буюри МахІамадов МахІамадсаламил буюриялдасан батІияб буго хасго тІоцебеселъул миллатчилъиялъул хасият букІун. Аммаян, абулеб буго гьес, гьеб кІиябго хІужжа кколин регионазда пачалихъалъул институтал риххулел рукІиналъул ишараян.

Иван Сухов: "Гьебги кІиябго буюралда нахъ гІаммаб тІабигІат буго. Амма, Ткачевасул буюриялда буго гьеб тІабигІаталде данде кколареб рахъги. Ай, дида бихьухъе, гьеб ккола Шималияб Кавказалъул халкъазда хурхун, гьалмагълъиялъулаблъун кинниги риккине бегьулареб гали. Хасго гьезул киназулго тарихияб бэкграунд, ай, пагьму, Кавказалъул кІудияб рагъалда хурхараб пагьму букІин ракІалде босани. Гьел галабаз миллиял гьоркьорлъаби тамах гьаруларо, гІагсалда хІалуцинарула.

Гьеб рахъ тун цогидабщинаб Ткачевасул галиялъулги буго Дагъистаналда низам цІунизе къватІире рахъунезул къокъаби гІуцІиялъулгогІадаб хасият, гьебго магІна. Гьелда нахъги буго пачалихъалъул жиндирго функцияби тІуразаризе гьечІеб махшел. Гьеб ккола низам цІунулел идарабазул хІалтІул пайда хун букІиналъул ишара. Гьединлъидал гьезул хІалтІиялъул гъалатІал гІадатиял гІадамазул, жамгІиял гІуцІиязул кумекалдалъун ритІизаризе гІамал гьабиялде ккун буго пачалихъ. Гьеб ккола пачалихъ бигьа-гьабун бихулеб букІиналъул ишара. Гьеб ракІалъе гІолареб симптом ккола. Гьебги щиб гьеб загьирлъулеб буго низам цІуниялъулгуребги, цогидал сферабаздаги.»

Фатулаевасул пикруялда, гьеб буюри ккола республикаялъул нухмалъиялда Дагъистаналда бугеб ахІвал-хІал рукІалиде буссинабиялъе ориентирал рихьулел гьечІолъхиялъул гІаламат. Гьес абулеб буго гьединал къокъаби гІуцІиялъул проблемаби рукІине ругин, хасго гІадамазе Краснодар краялда хъазахъазегІадин харж кьолеб гьечІеблъи ракІалде босанициян.

Милрад Фатулаев: "Гьел къокабазул гІаммаб къадар букІине буго, дир хІисабалда 30 азаргогІанав чи. Гьеб жив-жив азаргочиясдасан І0 чи яги нусго чиясдасан цо чи, гьез абухъе, восулев ватани. Гьезухъе жалго цІинизецин ярагъ кьезе гьечІони, гьел гІуцІиязде гъорлъе лъугьине ракІалда бугезул мотивация биххулеб буго. КІиабилеб. Гьел къокъаби аслияб къагІидаялда гІуцІизе ракІалда буго росабалъ, Дагъистан ккола 60 проценталъ аграрияб республика. Гьеб ккола росабалъан гІадамал жидерго ишал, хІалтІаби тун, гьел къокъабалъе хьвадулел рукІине ругин абураб. Гьедингоги хІалтІи гьечІого ругел, жидеего бетІербахъиялъе ресал ралагьулел гІадамазул жамгІияб низам чІезабиялъе заман букІинищалиги суал ккола. Цингиги чІобого гІемер мехалда гьеб хІалтІи гьабизе гьезул гъира букІиналдаги, дир кІудияб щаклъи буго.

Гьел киналго багьанаби ракІалде росун, гьеб цебеккунго тІубазабизе бажарулареб, жинда гъоркь щулияб кьучІ гьечІеб буюри букІин бихьулеб буго. Гьеб къабулги гьабун букІана шайих СагІид Аппанди чІван хадуб эмоционалияб гъира-шавкъалда политикияб мотивациягун. Гьеб вахІшияб такъсир гьабун хадуб нухмалъиялда берцинго лъалебцин букІинчІо, телевидениялдасан цере рахъун, гьеб теракталъе квешаб къимат кьей гуреб, кинаб гьелде жидер реакция букІине кколелабали."

Бияхъай МахІамадов, "Черновик" газетаялъул бетІерияв редактор

МахІамадов Бияхъайица абулеб буго Дагъистаналда Басаевгун Хаттабил боялде данде рахъарал къокъаязул история гьанжесалалъ такрарлъуларила, кІиябго ситуациялъул тІабигІат батІи-батІияб букІиналъила. Доб мехалда гІадамаз жидерго ракь цІунулеб букІанин ва тушман гьезда баянго лъалев вукІанин. Жакъайин абуни, рагъ унеб бугила «рохьилаздаги» къуватиял структурабаздаги гьоркьобин. Халкъин абуни, хутІун бугин хъибалалдасан гьелдеги балагьунин абулеб буго «Черновикалъул» бетІерияв редакторас.

Регионазул бутІруз гьединал кардиналиял амма хІасил кьезе букІиналда щаклъи бугел буюриял гьарулел руго чачаназул республикаялъул нухмалъиялъе щун ругел ресазда бахиллъунин риккунеб буго Суховас.

Иван Сухов: "Ахирисел соназда жаниб гьеб кколаро тІоцебесеб гьединаб инициатива. Киназго гІамал гьабулеб буго чачаназул республикаялда ращалъизе. Гьенир формалиял гурел рагъулал къокъаби рахъана жакъа чачаназул полиция абураб гІуцІиялъул аслияб бутІалъун. Кидалиго гьелде абулеб букІана Антитеррористияб центрин. Гьелда цебе гьеб букІана АхІмадхІажи Къадировасул хІинкъигьечІолъиялъул хъулухълъун. Чачаназул къуватиял структурабазул историялдасан мадугьалихъал республикабазул лидерал бахиллъун ругин абизе бегьула ва гьез гІамал гьабулеб буго чачаназул хІалбихьи такрар гьабизе.

Гьединлъидал зама-заманалдасан гьединал инициативаби раккулел рукІуна. Чанго соналъ цебеги Дагъистаналда букІана бакІалъулал гІадамаздасан гІуцІараб батальон. Гьезда цебеги букІана сепаратистазде, террористазде данде къеркьеялъул масъала. Гьелеха, І999 соналдаса хадусеб история ракІалде щвезабуни, гьеб кколаро гІадатиял гІадамазул, хІалкъияб милициялъул кумекалдасан пайда босизе гьабуле тІоцебесеб хІалбихьи."

ЭР. - Цо-цо политологаз кІвар буссинабулеб буго регионалда ахІвал-хал рукІалиде бачинеян гьарулел галаби чанги улкаялъул конституциялде данде кколларел рукІуналде. Ткачевасул миллатчилъиялъул хасият бугеб буюри гІемерисез риккунеб буго, Крымскалда трагедиялда жиндирго адмиинистрациялъул гІайиб бахчиялда хурхараб бугин. Щайха гьедин батани, Москва, Кремль буцІухІун чІун бугеб. Щай гьез киналгІаги комментариял гьарулел гьечІел, гьединаб хьвда-чІвадиялда бан?

Иван Сухов: "ГьечІо комментариял. Цо рахъалъан балагьани, гьеб ккола федералияб централъ букІине кколеб къагІидаялда гьениб бугеб ахІвал-хІалалда хадуб хал ккун гьечІин абураб. Цогидаб рахъалдасан балагьани, дида цебечІезабизецин кІоларо гьез гьединал инициативаби Москваялъулгун дандрачІого загьир гьарулел рукІин. Узухъда Ткачевасеги, МахІамадовасеги щун букІине ккола гьединал галабазе изну. Гурони гьединаб баянаб къагІидаялда гьеб кампаниялде гьел инецин рукІиналде дир кІудияб щаклъи буго. Гьединлъидал абизе ккола, гьезие кІал рагьун абичІеб разилъи щун бугин.

Жибго Кремлалдаги бичІунеб батизе бегьула, гьединал къагІидаби хІалтІизари, гьеб пачалихъалъ жиндаго тІадаб хІалтІи щвалде щун гьабулеб гьечІин абураб кколеб жо букІин. Гьединлъидал гьединал ишазда хурхун комментариял гьари, тІадтаразе ккола жалго сурукъаб хІалалда рихьулеб гали. Гьединлъидал рагьарал официалиял лъазабиял яги комментариял рукІинеги ратиларо гьезул рахъалдасан.

Хлопониница абизе бегьула цо-цо рагІаби. Мисалалъе, жамгІият пачалихъалъе, низам цІунулел структурабазе захІматаб мехалда хІалае бахъунеб бугин абурал. Унгоги гьеб бегьула бихьизабизе гІадамаз пачалихъалъул рахъ кколеб букІиналъул даража цІиккунеб букІиналъул хІужжа хІисабалда. ХІакъикъаталдаги, гьеб ккола пачалихъалда жиндирго ритІахъел тІадкъаял туразаризе бажарунгутІи ва пуланал жамгІиял гІуцІабазухъе жиндирго хІалтІи буссинаби."

Кремлалъ регионазул бутІруз гьабулелда бан комментариял гьаричІого чІун букІиналда МахІамадовасда бихьулеб буго ракІалъе гІолареб рес. Гьес абулеб буго Москваялда цо-цо къокъабазе бокьун буго регионалда цебе чачаналъгІадаб рагъ такрар гьабизе, гьелъ рес кьезе бугин россиялъул халкъалъун жидедего бахъун бугеб цин хьибилалдехун буссинабиязеян риккунеб буго гьес.