Дагъистаналъул муфтиясе устарлъи кьуна

Дагъистаналъул цΙияв устар ГΙабдулаев АхΙмад-хΙажи цеве республикаялъул нухмалъулевлъун вукΙарав МухΙамадов МухΙамадгΙалигун цадахъ ЧΙикΙаса устар СагΙид-Апандиясул кверкьеялда. 2012 соналъул августалда.

Араб шамат къоялъ Буйнакскиялда тIарикъаталъул гIалимзабазул данделъиялда официалияб куцалда цIияв устарлъун лъазавуна Дагъистаналъул муфтий ГIабдулаев АхIмадхIажи.
Гьебго заманалда гьес гьабизе бугин муфтиясул хIалтIиян абуна ЭР-ялъе Мангуев МухIамад-хIажияс (гьев ккола муфтий хисулев).

Мангуев МухIамадIажи: «ТIарикъаталда жаниб бугеб жо ккола гъоб, цогидазда гьикъулеб жо букIунаро гьелъул. Изну бугел чагIаца жидерго ирс цогидазухъе кьола. Мисалалъе, СагIид-Апандияс жиндирго ирс кьун букIана ГIабдужалил-Апандиясухъе. 2010 соналда гьесго АхIмад-хIажисухъеги кьун букIун буго изну. Амма балъго кьун букIун буго, заман щвараб мехалда загьир гьабизеянха. Гьедин церекъад ГIабдужалил-Апандиясул доре Буйнакскиялдеги ахIун батIи-батIияб миллаталъул чагIазда цебе балъго гьабураб жо тIатинеги гьабун, амру кьунаха устар хIисабалда тIаде гIадамал къабул гьаризе. Цо букIуна изну гIицIго щазалийлъи малъизе кьураб, цоги букIуна щазалийлъиги накъшубандийлъги цадахъго малъизе кьолеб изну. АхIмад-хIажиясе гьеб кIиябго малъизе изну кьун буго. Гъозда жидедаго лъала гьелда гьоркьоб бугеб батIалъи. Нилъ раккулеб кIкIал гуро гьеб. КъачIазеги къачIан, хIадуризеги хIадурун кьолеб жо буго гьеб, кинабго жоялъул жинди-жиндир къагIидаги къанунги букIинарищха. БатIи-батIиял гIалимзабиги данделъун гьабулеб тадбирлъидал гъоб кколеб, гьединлъидал лъилниги малъ балеб жо гуро гьеб».

ГIабдулаев АхIмад-хIажи муфтийлъун хутIулев вугин Мангуевас абуниги, цо-цо баяназда рекъон, гьеб хъулухъ «Нуруль Ислам» газеталъул бетIерав редактор ХIажиев МухIамад-хIажиясда тIадкъалеб букIиналъулги харбал руго.

Муфтиясухъе устарлъи кьеялда тIасан гIемер батIи-батIиял пикраби руго дагъистанияз загьир гьарулел. Цо-цоязда, гьелъулъ политика бихьулеб буго. Масала, абулеб буго шайихасул, устарасул цIар бахъидал гIадамазда цеве чIолила дун боцIудаса тIубан инкарги гьабун, гIицIго Аллагьасде вуссарав чи. Дагъистаналъул муфтий абуни гIадамаз къабул гьавулила диналда жанив вугев чиновниклъун, хIакимчи гIадав чилъун. Гьединлъидал устарлъиялда бан бусурбабазул бугеб пикруялъе кутакалда зарал гьабизе рес бугила.

Гьединаб пикруялда бан, рагIизе бегьула имам Шамильги вукIанин тIубараб пачалихъалъул – Имаматалъул - цевехъанин абураб пикруги.

Гьаниб ракIалде щвезабизе бегьула исана 5 сентябралда «Новая газеталда» Ирина Гордиенкоца бахъараб макъалаги.
Гьелъ хъвалеб бугоан гъоркьисала марталда Дагъистаналъул миллияб политикаялъул, къватIисел бухьеназул ва диниял суалазул министр Бекмурзаевасул гъулбасалда гъоркь республикаялъул нухмалъулезухъе битIараб балъгояб кагътил хIакъалъулъ. Гьелда бицунеб букIун буго ахираб заманалда Дагъистаналда динияб рахъалда лъугьарал проблемабазул, гьединго бусурбабазул идараялда цолъи гьечIолъиялъул, цIияв рухIияв цевехъан вищизе ккеялъул.

Гьелъул магIна букIана тIарикъачагIазул рухIияв цевехъанлъун вукIарав ЧIикIаса СагIид-Апандиясухъаги муфтий ГIабдулаев АхIмад-хIажиясухъаги бусурбаби цойиде ракIаризейин абураб магIна. Амма живго БекIмурзаевас гьеб кагъат гьересилъун рикIкIана.