26 октябралда Москваялда «Космос» петералда тІобитІана Дагъистаналъул халкъазул альтернативияб мажлис. Щай гьеб кколеб альтернативияб? Щай гьеб МахІачхъалаялда гуреб, Москваялда тІобитІараб? Щай гьенибе сапар бухьарал делегатазул цо бутІа нахъе бусине ккараб? Гьел ккола гьеб форумалда хурхун раккулел гІемер суалазул аслиял.
«Дир ихтиярал - дир эркенлъи» абураб иргадулаб хасаб программаялда ХІасанов ХІажица мажлис гІуцІаразул, делегатазул ва политикиял экспертазул кумекалдалъун хІалбихьулеб буго кІварабгІан мухІканго гьел ва цогидал суалазе жавабал ратизе. ГІаммаб къагІидаялда абуни, пачалихъалъулгурел информациялъул алатазул къиматалда, гьеб мажлис ккола республикаялда ва улкаялда кигьумерлъиялъул хІакъикъат пачалихъияб политикаялда гъорлъ бессун букІиналъул гІаламат.
Мажлис гІуцІаразул цояв «Справедливая Россия» партиялъул дагъистаналъул бутІаялъул нухмалъулев ГІумаров ХІажимурадица нижер программаялъе комментариял гьарулаго абуна, мажлисалда цере рахъараз аслияб кІвар буссинабунила, коррупциялъулъ къан бугеб республикаялъул нухмалъиялъ балагьалде ккун бугеб республика хвасар гьабулеб гьечІеблъиялде, гІагсалда ахІвал-хІал дагьалъги хІалуциналъе ругел багьанаби гъварилъизарулел рукІиналдеян. Гьединал хъулухъчагІи хасго дагъистаналъул бетІер нухмалъиялда вукІине мустахІикъав гьечІолъи баянаб букІиналъ, мажлисалъ гьеб суал жиндирго резолюциялдаги хасаб къагІидаялда бихьизабунила. Гьелда бихьизабулеб бугила Дагъистан кІудияб хІинкъиялде ккун букІин ва гьелъул бетІерасда нухмалъи гьабизе махшел гьечІеблъи.
ГІумаров ХІажимурад: «Резолюциялда хъван буго Конституциялъул гарант хІисабалда президент Путинихъе хитІаб гьабизе букІиналъул хІакъалъулъ. Гьелда абулеб буго республикаялъул бетІер нухмалъиялдасан махІрум гьавизе заман щун букІиналъул, гьесде божилъи хун букІиналъул, гьес республика биххизабулеб, чуруклъи цІиккинабулеб букІиналъул.»
Мажлисалда хурхун кІудияб интрига хутІулеб букІана ахирисел къоязда. Хасго 23 октябралда Дагъистаналдаса делегатал нухде рахъараб сардикь ккараб лъугьа-бахъиналда хадуб. Делегатазда цадахъ автобасалда вукІарав нижер мухбир Юсупов Ашаханица лъазабуна, сагІат І0 тІубарабгІадинаб заманалда жидер автобусалде кьвагьданила Гъизильюрт мухъалъул Алмало абураб росда аскІобехунин. Хадуб баянлъун буго щалали лъаларез автобусазул цоялъул кІиго бералде танчидасан кьвагьдун рукІин.
Юсупов Ашахан: «Кьвагьиялъул сас гьитΙинабго букΙана. КъватΙире лъугьараб мехалда баянлъана номерал гьечΙеб І4-билеб моделалъул «Жигулиялдаса» кьвагьдун автобусалъул бурдул риччан рукΙин. Сапар гΙуцΙулезул кΙудияс ахΙана полициялде. Кумторхъала мухъалъул полициялдасан бачΙана «Газель» автомобиль. Гьенисан къватΙире лъугьана маскабиги хурал, бронежилеталги ретΙарал полициялъул хΙалтΙухъабазул чанго чи.
Заманалдаса цоял такси ккун, цогидал гΙагарал, гьалмагъзаби рачΙун нахъе ине байбихьана гьенисан. Ниж чΙана бурдул къачΙан нахъе руссунеб нухда полициялъ чΙезабуна нижер атобус ва бачана Кумторхъалаялъул полициялъул бутΙаялде. Доба нижеца бана кΙиго сагΙаталдаса цΙцΙикΙкΙун заман. Нижеда цадахъ рукΙарал цо-цоял жаниреги рачΙана, цΙарал, гΙумру гьабулеб бакΙал ва цогидаб цΙеххон къватΙире риччана..»
Журналист хІисабалда Юсуповасе жиндирго пикру загьир гьабурав Гъуниб мухъалдаса мажлисалъул делегат СагІидов МахІамадица абун буго, гьеб кколин республикаялъул нухмалъиялъул вакильзабаз гІуцІараб провокациян.
СагΙидов МахΙамад: «БутΙруз гьабураб буго гьеб кинабго. БутΙруз буюриги кьун, гьел гΙадамаз гьабуна гьединаб иш. Гьелда нижер ракΙ чΙарабги буго. Гьедин ккезе букΙин, нижее квал-квал гьабизе букΙин нижеда бичΙчΙун букΙана мажлисалде ниж рагъарилелде цебе загьирлъулеб букΙараб гьезул хьвада-чΙвадиялдасаго. Гьанже гьаб хΙужжаялъ гьеб тасдикъги гьабулеб буго..»
ГІумаров ХІажимурадица нижер программаялъе загьир гьаруна тІадеги хІужжаби. Гьесул рагІабазда, дагъиситаналдаса делегатазул сапар гІуцІулев вукІарав чиясе полициялда чІваялъул хІинкъаби кьун руго.
ГІумаров ХІажимурад: «Гьел автобусазда делегатал ритІулев вукІарав Пачалихъияб Думаялъул депутатасул кумекчи Яков Асроян викъун вуго сагІат кІиго тІубараб мехалда. БотІрода тІасан таманча речІун буго. ХІинкъизавулев вукІун вуго, жиндирго хІаракатчилъи халат бахъинабулеб бугони, хадусеб гула нодо бакьулъ речІизе бугин, абун. Гьел жал гьарулел чагІи щалха рукІунел! Гьезгурищ жакъа гІолохъабазул рохьал цІезарун ругел! Гезгурищ чуруклъиги, бикъи-хъамиги, инжитаб, хІалихьатаб жоги гьениб модаялде буссинабун бугеб!
Мажлисалда хадуб тІобитІараб пресс-конференциялда ГІумаровас журналистазда бихьизабуна, делегатазул автобусалъул бурдузде кьвагьдун хутІарал гильзаби.
Лъугьа-бахъаралда хурхараб официалияб версия загьир гьабулеб буго къокъго ва жакъасеб заманалде данде кколеб къагІидаялдаян абуна нижер мухбирас РИА «Дагъистан» сайталъул лъазабиялде кІвар буссинабулаго. «Москва – МахІачхъала» рейсалъул автобусалда жанир хвалде унел ратичІо» абураб цІаралда гъорлъ бахъараб макъалаялда хъвалеб букІана МахІачхъалаялъул полициялда базабун гьеб маршурталъул автобусазда жанир хвалде унел террористал-руччаби ругин абураб анонимияб лъазабиялда рекъон, низам цІунулез хал гьабунин гьел автобусазулин. Щаклъи бугел гІадамал ва кьвагьулел алатал гьенир ратІичІин, лъазабун буго республикаялъудл жанисел ишазул министерлъиялъул прес-хъулухъалъул лъазабиялдаги. РИА «Дагъистан» сайталъул лъазабиялда гьединго абулеб буго нухлол рагІалда чІезабун букІараб автобусалъул бурдузде хулиганал кьвагьдун ругин, гьел ралагьиялъул тадбир халат бахъунеб бугин, абун.
Хулиганалищ яги террористалищ гьел рукІарал кин полициялъул хІалтІухъабазда лъан бугебали, официалияб сайталда бицунеб гьечІо кинниги. Цингиги низам цІунулел идарабаз баянлъизабулеб гьечІо, щай гьезул хІалтІухъабаз кинабгІаги документцин хъвачІого, киналгІаги претензиябицин загьир гьаричІого, автобусазул номерал рахъаралали.
ГІемер суалал раккана гьеб съездалда хурхун. Бищунго гІемер кьолеб ккола, щай гьеб Москваялда тІобитІарабин? абураб. Гьеб тадбир гІацІараз байбихьуда загьир гьабуна гьелъул багьана. Гьезул рагІабазда, республикаялъул нухмалъиялъ киналго ресал тІагІинарун руго гьеб республикаялда тІобитІизе. Гьезда бажарулеб букІарабани, Москваялдаги тезе букІинчІин гьеб тІобитІизеян абуна ГІумаровас:
«Черновик» газеталъул бетІерав редактор МахІамадов Биякъйицаги абулеб буго, гьеб мажлис Москваялда тІобитІи битІараб гали кколин.
МахІамадов Бияхъай: «Гьаниб кигІан гІемер гІадамал ахІун гьеб тІобитІун букІарабаниги, централиял информалатаз гьелде интерес загьир гьабулароан. Гьанже Дагъистаналда лъугьа-бахъунелъул гьезул интерес букІунаро.
КІиабизе бугониги, гьелъ рес кьолеб буго хІукуматалъул хъулухъчагІи гІахьаллъичІого гьеб мажлис тІобитІизе.»
Мажлисалде щун вукІарав «Настоящее время» газетаялъул бетІерав редактор Фатулаев Милрадица абулеб буго делегатазул къадар лъазабуралдасан дагьаб букІанин. Жинда бихьухъе гьенив вукІанин гьалбал риккинчІого 200-ялде щун делегатин. Гьесул пикруялда, аза-азар километр нахъ тун гьелда гІахьаллъизе гІадамал рачІиналъго мажлисалъул къимат борхизабулеб буго.
Фатулаев Милрад: Кин букІаниги гьеб гІуралъ кІудияб къадар ккола. Хасго гьедигІан дорегІасан гІадамал рачІун рукІин ракІалде босани. Избербашалдаса цо чІужугІаданалъ гьание щвеялъе цІакъ захІматаб нух нахъ тезе ккун буго. Гьелъ мажлисалда бицунхъе, Москваялде нухда хисизе ккун буго лъабго транспорт. Гъизляралдагьей автобусалдаса рештІинаюн, нахъе йитІун йиго. Хадуб гьей чачаналъан Элистялде ун йиго. Гьений рекІун йиго Москваялде унеб поездалда."
Фатулаевасги кІвар буссинабулеб буго гьеб данделъиялъул букІараб хаслъиялде. Гьесул рагІабазда, гьенир рукІун гьечІо хІадур гьарурал каламал, кІалъазе рес щолеб букІун буго шоферасдаса байбихьун фермерасде щвезегІан.
Республикаялъул официалияб нухмалъиялъул гІуцІарал кІвекІеназде балагьичІого, жал мурадазде щванила ва гьеб данделъи тІобитІанила рагьараб, демократияб къагІидаялдайин, бицана нижер программаялъе ГІумаровас.
ГІумаров ХІажимурад:
Дагъистаналъул халкъазул алтернативияб мажлис тІобитІана. Амма гьанже интернеталда жигарго бахІсал унел руго гьелда сверун. Цояз абулеб буго гьеб данделъиялъе гьединаб цІар кьезе бегьулеб букІинчІин, гьелъул гІахьалчагІи дагъистаналъул халкъазул хІакъал вакильзаби кколел рукІинчІин. Цогидаз - гьеб тадбиралда нахъ ругила жидерго ресал тІадеги гІатІилъизаризе хІаракат бахъулел олигархалин. Лъабабилезул пикруялда, Москваялда гьеб форум тІобитІи кколеб буго, хІалкъ, республика сурукъаб къагІидаялда бихьизаби ва хІакъир гьаби. Дагъистаналъул низам цІунулел идарабазул ветераназул профсоюзазул бетІер Шамилов МахІамадица гьелда бан абулеб буго гьеб гьедин батаниги, гьелъул гІайиб республикаялъул нухмалъиялда бугин.
Шамилов МухIамад: «Батизеги бегьулаха гьеб гьедин. Ва аммайин абулаха… Нижищ ругел Дагъистан хIакъир гьабулел? Ниж доре иналде ккезабураб пачалихъалъул президентги, хIукуматги, парламентги жалго нечоларищ цадахъ бахъун халкъ Россиялде Дагъистан какизе ине кканани? Кинаб рахъалъ Дагъистан лъица инжит гьабулеб бугебали гIадамаз жидецаго кьеха гьелъие къимат. Щиб лъугьинеб бугеб, щиб ккелеб гьелъулин гьикъула. Гьелъул кколеб жо Аллагьасда лъала. Батила нижееги цо хъвараб жо. Гьеле гьелъие гIоло унел руго».
REGNUM агентлъиялъе комментариял гьарулаго Афгъанистаналъул ветераназул россиялъул цолъиялъул дагъистаналъул бутІаялъул нухмалъулев Шамиль Хадулаевас лъазабуна, гьеб мажлис гІуцІаразул биографиязде балагьун, гьел оппозициялъулаллъун рикІкІине бегьуларин. ГІумаров ХІажимурадица нухмалъи какизе байбихьанин, гІицІго декабралда гьев Пачалихъияб Думаялде вищичІого хутІараб мехалдайин.
Бизнесмен Ганиев Аркадийицаги кІвар буссинабулеб буго, Москваялда мажлис тІобитІарал чагІи нилъеда бичІчІунеб тайпаялъул оппозициялъулал кколарел рукІиналде. Гьес суал лъолеб буго, кир гьел цере рукІаралин, абун. Гьес риккунеб буго, Москваялда гьеб данделъи бакІарилелде, гьез чІван къотІараб, мухІканаб программа бугеб гІуцІи рагьун, жидерго рахъ ккуразул къадар цІикІкІинабизе кколеб букІанин.
МахІамадов Бияхъайица риккунеб буго, жинца рахъ кколин гьеб тадбир тІобитІаразулин. Хасгойин республикаялъул нухмалъиялде данде рагІи лъолел жамгІиял гІуцІиял камун рукІиналде балагьунин.
МахІамадов Бияхъай: ГІемерисез абулеб буго, мажлисалда нахъ ругила Москваялда ругел бизнессменалин, дов Амучи Амутинов гьадинав-додинав вугила, ХІажимурад ГІумаров вугила гьелда нахъила. Щив гьелда нахъ ватаниги, дун гьелда рази вуго. Щай? Щайгурелъул букІине ккола оппозиция. Гурони, лъицаниги нухмалъиялде данде щибниги абулеб гьечІони, баккула диктатура.»
ГІумаровас абулеб буго, жидер данделъи кколин халкъияб тадбирлъунин ва гьеб кинабалиго официалияб букІа цогидаб букІа статус кьеялъул мурад жидер букІинчІила. Гьеб букІанила эркенго жидерго пикраби загьир гьаризе рачІарал, республикаялда ругел проблемабаздаса рорчІиялъе нухал ратизе бокьаразул данделъийн.

Your browser doesn’t support HTML5