ЖамгIиял хIаракатчагIи: "Нижее къваригIун вуго халкъалъ вищарав нухмалъулев!"

ГIагараб заманалда Дагъистаналъул парламенталъ хIукму гьабизе ккола республикаялъул президент вищизе кколеб къагIидаялда хурхун. Халкъияб Мажлисалда бугеб «Единая Россия» фракциялъ хIадур гьабулеб буго нухмалъулев парламенталъ вищизе рес кьолеб къанун. Амма жамгIиял гIуцIабаз ва цо-цо партияз тIолгохалкъалъул рищиязул рахъ кколеб буго.
Дагъистаналъул нухмалъулев киданиги вищичIо тIолгохалкъалъул рищияздалъун, кидаго гьев тасдикъ гьавулев вукIана батIияб къагIидаялъ. Ахир къадги нухмалъулев вищизе нилъее щвараб ресалдаса махIрум гьарулел ругоян рикIкIунеб буго киназдего гIагарун жамгIиял гIуцIабазул вакилзабаз. «Дагъистаналъул патриотиял къуватал» абураб жамгIияб гIуцIиялъул вакил Расулов Русланица лъазабухъе, 13 батIияб жамгIияб гIуцIиялъ гьанжего байбихьун буго тIолгохалкъалъул рищиязул рахъ ккуразул гъулбасал ракIаризе. Гьел жамгIиял гIуцIабазда гъорлъ руго батIи-батIиял интересал ругел, хIатта цоцалъ данде кколарел къуватал. Амма киналго цолъизарун руго гIаммаб тIалабалъ – тIолгохалкъалъул рищиял тIоритIиялъул мурадалъ.

Гьединго гъулбасал ракIарулел руго Коммунист партиялъул Дагъистаналда бугеб регионалияб бутIаялъги. Партиялъул республикаялъулаб комитеталъул секретарь Вердиева Светланаца «Эркенлъи» радиоялъе гьадин бицана.

Вердиева Светлана: «Нижеца гъулбасал ракIаризе байбихьана
МахIачхъалаялда, Каспийскиялда, Избербашалда, Буйнакскиялда ва цоги мухъазда ругел партиялъул бутIабазул кумекалдалъун. ЦIех-рех гьабулеб буго киналго гIумруялде рахъарал, жидеца гьаракь кьезе ихтияр бугел гIадамазда гьоркьоб. Жакъа ункъабилеб къо буго, киса-кибего унеб буго гъулбасал ракIариялъул хIалтIи. I8 абилеб апрелалда букIине буго Халкъияб Мажлисалда данделъи, президент вищиялъул суал борхизе буго гьениб. Нижеда ракIалда буго нижехъ щварал гъулбасал ругел кагъталги доре росун, гьенибго цебе лъезе рехсараб суал, рихьизаризе депутатазда кигIан къадаралъ халкъалъ тIолгохалкъалъул рищиязул рахъ кколеб бугебали. Дун жакъа балагьана гьабсагIаталда ругел кагътазухъ, гIага-шагарго цIех-рехалда гIахьаллъаразул 90% процент халкъалъ рахъ кколеб буго тIолгохалкъалъул рищиязул».

ТIадехун рехсарал жамгIиял церехъабаз гIуцIун буго дагъистаниязде хитIаб. Гьелда бицунеб буго ахираб 20 соналъ респубикаялъул нухмалъулев вищизе рес букIунгутIиялъ гьабсагIат Дагъистан Россиялъул бищунго нахъе ккараб регионлъун хутIун бугин. «Щай Россиялъул президент вищизе бугеб ихтияралдаса Дагъистаналъул президент вищулелъул ниж махIрум гьарулел?» - абун хъвалеб буго хитIабалда.

Цоги жамгIиял церехъабазул пикруялда рекъон, тIолгохалкъалъ вищичIев президентасде божилъи дагьаб букIуна ва гьев тIубанго легитимияв вукIунаро. Москваялда чIарав Дагъистаналдаса тохтур, жамгIияв хIаракатчи Саидов ГIабдурашидилги гьединабго пикру буго.

Саидов ГIабдурашид: «ТIоцебесеб иргаялда, халкъалъ вищарав нухмалъулесе рес щвезе буго лъиданиги балагьичIого, цоги политикиял къуватаздаса рикIкIадги чIун халкъалъе гIоло хIалтIизе. Досда тIад бетIер вукIине гьечIо жиндие гьаракь кьураб халкъ гурони. Мисалалъе босани, МахIачхъалаялъул нухмалъулев Саид Амиров вищун вукIана тIолгохалкъалъ. ГьабсагIаталда гьев лъиданиги хъулухъалдаса нахъе витIизе кIоларо, щайгурелъул гьев лъицаниги тIамичIо хIалтIуда. Гьедин вукIине вуго халкъалъ гьаракь кьун вищарав Дагъистаналъул нухмалъулевги. Цойги пикру буго, тIолгохалкъалъ вищарав нухмалъулев гьеб халкъалъул лагълъун лугьунин. Нилъер жамгIият жеги гьеб даражаялде щун батичIони, нухмалъулесул рес буго гьел жиндаго божизаризе, жинда хадур рачине. Кьабун заргун, кьун буюрухъгун халкъ хадуб бачине ккола гьес. Гьедин гьабуна жиндир нухмалъиялъул тIоцересел соназ Б. Ельциница. ТIоцебе захIмат букIине буго, амма захIмат бихьичIого нилъее рахIат щвезе гьечIо».

ТIолгохалкъалъул рищиязул рахъ ккун жигараб чIаголъи бихьизабулеб буго адвокат, блогер Къадиев Расулица. Жиндирго цевевахъиназулъ, макъалабазулъ гьес киназдаго бичIчIизабулеб буго Дагъистаналъул халкъ лагъзал гурин. Гьединабго лозунгги лъазабун буго Къадиевас. ХIасил кьуниги, кьечIониги, щивав чи жиндир ихтияразе гIоло къеркьезе кколин рикIкIунеб буго гьес.

Парламенталъул рищиязул рахъ кколеб буго аслияб къагIидаялъ «Цолъараб Россия» партиялъул вакилзабаз. Партиялъул регионалияб бутIаялъул нухмалъулей Абрамкина Маринал пикруялда рекъон, республикаялда бугеб захIаматаб ахIвал-хIалги хIисабалде босун, партиялъ гьединаб хIукму гьабизехъин буго. Партиялъул цоги вакилзабаз рикIкIунеб буго рищиязда батIи-батIиял политикиял къуватал цоцалъ тункизе бегьулин ва гьелъ ахIвал-хIал гIорхъолъа борчIизабизе рес бугин.

ЖамгIияв хIаракатчи МуртазагIалиев Шамилица «Эркенлъи» радиоялъе бицана, рищиял тIоритIани республикаялъул нухмалъулев мухъазул ва шагьаразул нухмалъулелгун къотIи-къаязде ине кколин ва хадуб гIадлу гьабизе захIмат букIинин гьесие. Гьединлъидал, рищиял нахъе рахъизе ккола цо лъагIелалъ. Гьеб лъагIалида жаниб киналго криминалиял ва тухумчилъиялъулал къокъабаздаса республикаги бацIцIад гьабун гурони ритIухъал рищиял ва легитимияв нухмалуев рукIине рес гьечIо.