Блогеразда бараб имидж

Гьал къоязда Дагъистаналъул информациялъул министр Азнавур ХIажиев дандчIвана республикаялъул блогералгун.
Гьес абуна Дагъистаналда кколел-толел лъугьа-бахъиназдаса батIа кIанцIун чIезе кколарин гIолилал. Гьединлъидал къваригIун бугин, кинан хIалтIилелани пикраби дандразе.

Министрас ракIалде щвезабуна чияр цIаразда гъоркьги рахчун цо-цо блогераз интернеталдасан Дагъистанлъул хIакимзабазул хIакъалъулъ кьучI гьечIел баянал тIиритIизарулел ругилан. БатIаго тIалъи какизе кколин абулеб мех гурила гьеб, амма гьеб какиги бугьтанал лъеялде сверизабизе бегьиларила.

Блогеразулгун гьединалго дандчIваял гьарулаан президентлъун вукIаго МухIамадсалам МухIамадовасги, информациялъул министрлъун вукIарав ГIумаргIусман ХIажиевасги. Гьезги абулаан Дагъистаналъул имидж лъикIлъиялъе хIалтIи гьабизе кколин, гьединго абуна риидал байбихьараб «Россия I0» абураб къецалда Дагъистаналъул гIаламат хIисабалда Нарин-хъалаялъе гьаркьал кьейин, цинги хIукму ккана Дагъистаналъул мугIрузул росабалъе блогералги рачун, гьезда щибаб бакIалъул суратал рахъизарун интернеталда гьел тIиритIизаризе, гьединго цо кинабалиго выставкаялда гIахьаллъизе.

ПалхIасил, гьединал тадбираздалъун Дагъистаналъул имидж лъикIлъуларин абуна ЭР-ялъе блогер ва жамгIияв хIаракатчи МикагIил МикагIиловас.

МикагIил МикагIилов: «Дида ккола гьединал данделъабаз имидж борхизабуларилан. Гьелъул хIакъалъулъ гIемер лъикI хъван буго Хунзахъа ХIамид ГьитIиновас информациялъул министрасухъе. Имидж ан ахIдолел чагIи релълъунила гъасдаги рукIун, цIул бухIе, цIул бухIе ян ахIдолел чагIазда. ХIакимчи вукIаниги, узденчи вукIаниги хIалтIизе ккун руго. Иман бугеб, ракIбацIцIадаб хIалтIуца гурони республикаялъул имиджалъе квербакъи гьабуларо».

Гьединабго магIнаялъул рагьараб кагъат хъван буго блогер ХIамид ГьитIиновас информациялъул министр Азнавур ХIажиевасухъе. «Брендин абулел рукIарал гIоларо, гьеб гьабизеги ккола. Гьелъие гIоло къватIиса махщелчагIи ахIизе ккола. Республикаялъул имидж лъикIлъизабизе ккани, хIакимзабаз бахча-хьван жидедаго гьоркьоб хIилла-макраби гьарулел рукIинчIого халкъалда жиндица гьабулеб хIалтIи рагьун бихьизабизе ккола, гьез къойида жаниб чан данделъи тIобитIулебали ургъел гьечIо гIадамазе, ургъел буго гьез гьабураб хIалтIул хIасилалда чан такъсирчи тIатинавурав, гIолилазул чан хъизаналъе жанир чIезе рукъзал щварал, къварилъиялда ругел чамазе бигьалъаби чIезарурал». Гьеле гьединаб магIнаялда хъван бугоан блогер ХIамид ГьитIиновас информациялъул министр Азнавур ХIажиевасухъе рагьараб кагъат.

«Гьединго тIалъиялъул имидж лъикIлъизабиги хъулухъазда ругел цо-цо хIакимзаби реццун, гьезул къадру борхизабилъун рикIкIине бегьуларо. Информациялъул министерлъиялъулги, пачалихъиял цогидал сайтаздаги цадахъ лъабго-ункъо сурат республикаялъул нухмалъулесул лъейги Дагъистаналъул имидж лъикIлъизаби кколаро», - ян хъвалеб буго блогерас.
ХIамид ГьитIиновас хъвараб кагътил хабар ккана блогеразулгун министрасул дандчIваялда. Амма жиндие гьелъул тIадеги кумек букIунин абуна министрас. Хадубккун кин хIалтIилелани хъвараб инструкция гIадаб жо бугила гьеб.

Гьединабго дандчIвай диниял газетал-журналазул редакторазулгунги ккана Азнавур ХIажиевасул.