Мухlамадов Мухlамадсалам: «Дагъистаналде анцIаза-азар рагъулав хъулухъчи рехун вукIиналъул гIемер бицунеб бугелъул, абизе ккола гьеб баян хIакъикъаталдаги гьереси бугилан».
ХIакъикъаталдаги гьаб ахираб заманалда гIадамаз гIемер бицунеб буго Дагъистаналде 20 азаргогIанасев рагъулав хъулухъчи рехун вукIиналъул ва МугIрузулаб улкаялда хIалуцин цIикIкIунеб букIиналъул. Амма гьеб гьадингосеб хабар букIиналъе нугIлъи гьабулеб калам гьабуна республикаялъул президентас.
ДРялъул Жанисел ишазул министр МухIамадов ГIабдурашидица абуни, 29 марталда букIараб Халкъияб Мажлисалъул данделъиялдаго лъазабун букIана Дагъистаналде реххарал азаралда кIинусго чияс кумек гьабизе бугила бакIалъулал жанисел ишазул идарабазул хIалтIухъабазе республикаялда гIадлу-низам чIезабиялъе.
Гьединго, ДРялъул ХIинкъигьечIолъи чIезабиялъул Щураялъул секретарь БагIачилов МухIамадицаги март моцIалдаго лъазабун букIана кIудиял къуватал республикаялде реххулел рукIиналъул хабар кьучI гьечIеб бугин ва гьединаб кутакаб къуват Дагъистаналде реххиялъе хIажалъиги гьечIин.
Гьиматил Камил: «КигIанго цIакъ Россиялъул прессаялъ Дагъистаналда хIалуцараб хIал букIин бихьизабизе хIаракат бахъаниги, абизе ккола, хIакъикъат гьединаб гьечIилан. Гьедин гьечIолъи бихьула магIарухъе, росабалъе щведал. Дагъистан гьеб цохIо МахIачхъалаги гIодоблъиги гурелъулха, мугIрузул росабалъ парахатаб ва хIалхьараб магIишат-яшавалда руго гIадатиял гIадамал. Гьезие хIажат гьечIо хIалуцинги, ахIи-хIурги. КигIан цIакъ гьеб хIажатал къуватаз хIаракат бахъаниги, гьел мурадалде щвезеги гьечIо. Щайгурелъул халкъалъе гьеб хIажат гьечIо, гIадатияб халкъ гьелде регIунги гьечIо».
Журналист ва тарихчи Гьиматил Камилица бицухъе, регIарал ва гьеб къваригIаралин абуни хутIизе ругила жидеего «рагъулаб къали» бухулел. Гьединазул зурмикь кьурдизе кколареблъи бичIчIулел чагIиги Дагъистаналда цIакъго гIемерал ругила.
Гьиматил Камил: «Нилъер халкъалъ жал чияр зурмикь кьурдулареблъи гIезегIан бихьизе гьабуна. Гьединлъидал, дир ракIчIараб буго, гIадамаз бицунеб куцалда Дагъистаналда ахIвал-хIал хIалуцине гьечIолъиялда».
ПатахIил МухIамад: «ГьабсагIаталда киса-кибего тIад бан унел руго ихдалилал хIалтIаби. Щибаб росулъгIадин тIоритIулел руго оцбан къоялъул байрамал, тIоритIулел руго спортивиял ва цогидалги къецал. Амма гьал къоязда ниж щварал магIарул чанго мухъалъул росабалъ бугеб хIал бихьидал, гьайгьай, разилъана. Щивав чи вуго хIалтIуде машгъуллъун. Цоял рак балел, цогидал хурзал рекьулел, лъабабилел ахал къачIалел.
ГIадамазе гьанже гIицIго хIажатаб жо буго росабалъе лъикIал нухал, чIобогони абиларин, учузаб багьаялде ток ва бищунго аслияб жо – гIадамазе хIалтIизе, жидерго яшав гьабизе квалквал гьабунгутIи.
Бицунеб буго аскариял реххун рукIиналъул. Дагьав цеве дун щвана Лаваша мухъалъул Чуни росулъе. Гьениб ва цогидал росабалъги гьединал харбазде гIадамал регIун гьечIолъи бихьана. Амма гьебго заманалда цо жанисеб рахIатхвей, хIинкъи буго. Аби буго-гьури чIвачIого гIучI багъаруларин абураб. Гьелъухъего, Лавашиса рачIунаго, аскариял камураб бакIги бихьичIо. ПалхIасил, гIадатияб халкъалъе хIалуцинги аскариялги хIажат гьечIо. Дагъистаналда гIадлу-низам гьабизе нилъго толел ругони, дида ккола парахалъи букIинги хIакъаб бугин».
Нижергун гара-чIвари ккараз бицухъе, квалквалалин абуни гьарулеб рагIула щибаб къойил рагIулел рокьукъал харбаз, кколел ругел лъикIал гурел лъугьа-бахъиназ. Гьел харбазегун лъугьа-бахъиназе ахир лъезеги, чIоларезда чIайин абизеги, захIматхалкъалъе кIвараб кумек-квербакъи гьабизеги заман щун бугила тIалъиялъеги иш тIадал идарабазул хIалтIухъабазеги. Гьеб бугила халкъалъ гьездаса тIалаб гьабулеб бугеб хIалтIиги.