Модернизациялъул бициналъ кIал гьуинлъиладай?

Дагъистаналъул сахлъи цIуниялъул гIуцIиялда цIиял хиса-басиял гьариялъ, ай модернизация гьабулеб букIиналъ ва гьеб бутIа цебетIезабиялде кIвар кьеялъ республикаялда холел гIадамазул къадар гIаммаб къагIидаялъ лъабго проценталъ дагьлъана.
Гьадин лъазабуна ДРялъул Сахлъи цIуниялъул министерлъиялъул пресс-хъулухъалда. Гьенисан щварал баяназда рекъон, сахлъи цIуниялъул бутIаялда рухI речIчIизаби гуребги, жалго медицинаялъул хIалтIухъабазул харжалги цIикIкIун рагIула 30-гIанасеб проценталъ. Гьеб гуребги, сахлъи цIуниялъул 43 гIуцIиялда гьабун бугила капиталияб ремонт, гьел киналго хьезарун ругила хIажатаб къайиялдалъун ва бищунго аслияб жо, кутакаб кIвар кьолеб бугила халкъалъе жиндир заманалда кумек щолеб хIал букIинабиялде.
МахIачхъалаялда бугеб республикаялъулаб азарханаялъул тохтур ГIамирил МухIамадица бицана дагьаб цебегIан лъазабунила жидеда 30 проценталъ харж цIикIкIинабулеб букIиналъул.

ГIамирил МухIамад: «Лъицаго бицинчIо кигIаналъ цIикIкIинабулеб бугебали. Абулеб буго харжазул цIидасан хIисаб гьабулеб бугилан. Щуазарго гъурущ харж бугони, тIаде бачIунеб буго 1500 гъурущ. Гьединлъидал, букIине кколедухъ хIалтIи гьабизе ккани харжги букIине ккола хIалтIухъан разияв. 5-6 азарго гъурущ гурони щолеб гьечIони тохтурас щиб хIалтIи гьабизе бугеб? Гьелъ букIине кколеб харж тохтурасе щолеб гьечIони, сахлъи цIуниялда модернизация гьабиялъул щибго мунпагIат ккезе гьечIо».

Тохтур ГIамирил МухIамадица бицухъе, азарханабазда унтаразе кьолеб квен рагIула кутакалда лъикIлъизабун. Гьединго, рацIа-ракъалъиялдеги кIвар кьолеб бугила ва дарабазулги, цебе гIадин гуреб, гьанже щибго къварилъи рагIуларо.
Сахлъи цIуниялъул министерлъиялъул пресс-хъулухъалда бицухъе, сахлъи цIуниялде кIвар кьолеб букIиналъул хIасилалда гIемерго дагьлъулел рагIула батIи-батIиял унтабаз унтулезул къадарги. Амма тохтур ГIамирил МухIамадица бицухъе, бищун квеш ккараб жо рагIула унтаразул къадар дагьлъиялъе сабаблъун букIунеб тохтурзабазул лъай камил гьаби. Гьеб гьечIони, гьеб бутIаялдаги щибго хIасил ккезе рагIуларо.

ГIамирил МухIамад: «Унти сах гьабизе ккани диагноз лъезе ккола. Диагноз лъезе ккани тохтурасул лъай-гIакълу, хIалбихьи букIине ккола. Гьеб гьечIони, кинабго гIадада ккола. Гьеб лъайги гIакълуги кьола яслиялдаса бахъараб институталде щвезегIан ругел цIалул идарабаз. Гьанже ругел сдутентаздайин абуни я химия, я биологи, ялъуни физика лъалебго гьечIо. Институт лъугIаразда лъалеб гьечIо рекIел чан камера букIунебалицин. Гьединлъидал, чан миллиард сахлъи цIуниялда тIад хвезабуниги, тохтурасул ботIролъ лъай гьечIони, гьелъул щибго хIасил кколаро».

ГIамирил МухIамадица бицухъе, гьитIинго лъимералде кьолеб кIвар, гьелъул ботIролъе бугIулеб лъай гьечIебгIан мехалда, институтал лъугIунилан тохтурин абун цIар букIин гурони, махщелчи гьесул вахъунарила. Гьеб кинабго гьабизе ккани хIукуматалъ кIвар кьезе кколила лъимал цIалулел идарабазде ва гьенисан байбихьизеги кколила гIадлу гьабизе. Гьеле гьеб букIине бугила модернизация гьабиялъе лъолеб кьучIлъунги.

Гьединаб хIал букIиналъе мисаллъун рехсезе бегьула Дагъистаналда бруцеллезалъ унтаразул къадар тIадеялдаса тIаде цIикIкIунеб букIинги. Масала, Россельхознадзоралъул Дагъистаналда бугеб идараялъул цо бутIаялъул нухмалъулев Азаев ХIажимурадица бицухъе, 2011 соналъ бруцеллезалъ 186 чи унтун вукIун ватани, гъоркьисала 208 чи унтун вуго. Гьебгиха, Сахлъи цIуниялъул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ лъазабухъе, унтаби дагьлъиялъул хIужаби загьирлъулел ругин бихьизабулебги букIаго.