Италиялда, Франциялда, Америкаялъул Цолъарал Штатазда ва цогидал бакIазда ригьин гьабизе ракIалде ккарал гIадамазда тIадаб буго жидер сахлъиялъул бицараб документ бихьизабизе.
Гьединабго документ гьанже Дагъистаналдаги хIажат бугин суал цебе лъолеб буго Халкъияб Мажлисалъ. Щайин абуни депутатаз кьочIое босулеб буго сахлъи цIуниялъул министерлъиялъ кьураб баян. Гьелда рекъон, ригьин гьабураб щибаб щуабилеб хъизан буго тIубанго лъимер бижулареб, щибаб микьабилеб хъизан буго ургьибе ккун чанго моцIидасан лъимер биххулеб.
Депутатазги тохтурзабазги рикIкIунеб буго ригьин гьабулезда гьеб документ кьезабиялдалъун нахъчIвазе ругин республикаялда ВИЧ, гепатит, туберкулез ва сах гьаризе кIоларел цогидал унтаби тIиритIиги.
Цеве живгоги депутатлъун вукIарав тохтур АхIмад ГIазизовасда лъикIаблъун бихьулеб буго гьеб пикру, амма Дагъистаналъул шартIазда гьелъ хIасил кьелин кколеб гьечIо гьесда.
АхIмад ГIазизов: «ГьабсагIаталда буго пуланаб документ (справка) ришват кьун босулеб къагIида. Гьеб цо рахъ буго. Гьединго буго цойги рахъги. Чи унтун вукIин чIезавизе захIмалъулеб, яги цеве унтунги вукIун, гьанже кигIанасеб къадардай гьеб унтул гьесул чорхолъ бугебин абураб суал бачIуна гъоба. Гьединаб мехалда тохтурасе ихтияр щола гьесие диагноз жинда ракIалде кколеб куцалда лъезе.
Гьелдасан гъол гIадамазе зарал ккезеги рес буго. Щайин абуни унти чIезабизе захIмалъизе бегьула росабазул ва шагьаразул лабораториязе. Цинги гъоз гьел доре ритIун, гьанире ритIун квалквал ккезе бегьула».
Гьелда бан тохтур АхIмад ГIазизовасда лъикIаблъун бихьулеб буго унтул хIакъалъулъ бицун гIадамазда гьоркьоб бичIчIи кьеялъул хIалтIи рагIа-ракьанде щвезабизе.
АхIмад ГIазизов: «ТIадаблъун гьабиялдасаги гьагъадин бичIчIи кьейго берцин бихьула дида. Нижеца 10-13 соналъ цебе байбихьун букIана гьеб хIалтIи - гIолилал, студентал, школлъимал ракIарараб бакIалде ун хабар бицине».
КватIичIого хъизан гьабизе хIадурулев чи ккола Гумбет мухъалдаса МухIамад Лабазанов. Тохтур АхIмад ГIазизовасго гIадин гьесги рикIкIунеб буго ришватчилъиялъулъ гъанкъараб республикаялда гьедигIан захIмалъиларин хIажатаб документ тIалаб гьабизе.
МухIамад Лабазанов: «Нижер мугIалимас абулаан жив къинав вугин абураб документ босилищин цо, гьеб щолеб куц нужедаго бихьун букIине. Гьединаб жо бугоха Дагъистаналда справка боси, гIадада гIадамазул бетIер сверизаби буго гьеб».
Жидер сахлъиялъул бицарал документал ригьназул хъвай-хъвагIай гьабулел идарабазде кьолеб къагIида буго Дагъистаналда мадугьалихъ ругел Ингушетиялдагун Чачаналда.
Ригьнал гьариялъул рахъалъ бахъараб федералияб къануналъулъ бицен гьабулеб хиса-баси гьабеян абун Дагъистаналъул парламенталъ Россиялъул Пачалихъияб Думаялде гьабураб хитIабалъе жеги жаваб щун гьечIо.