Ректорасда тIад тIупарал накIкIал

Итни къоялъул бакъанида информалатаз лъазабуна радалалдаса Дагъистаналъул Медакадемиялда чIухь балеб букIанин, гьениса финансазда хурхараб документацияги босун ун бугин, академиялъул ректорги ккун вугин. Гьесда бугин гIемераб г1арцуда хурхун х1илла-рек1к1 гьабиялъул щаклъийинги. Хадусан рачIарал баяназда абулеб букIана ректор рокъове виччан вугин. Щиб букIине бегьулеб Дагъистаналъул медицинаялъул академиялъул ректор ГIусманов ГIабдурахIман кквеялъе гIилла?

Итни къоялдаса нахъе ректорасул хIалтIулеб бакIалда хасал идарабазул хIалтIухъабаз чIухь балеб буго. «Эркенлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон церехун рехсарал идарабаз ГIусмановасул хIалтIулеб бакIалдасаги, академиялъул бухгалтериялдасаги гIарцуда хурхарал документал нахъе росун руго.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул экономикиял такъсиразде данде къеркьолеб бутIаялъул нухмалъулев Кулиев АхIмадица лъазабуна ГIуманов ГIабдурахIманида ва гьесул сверухълъиялда чанго чи гIемерал саназ гIарцуда хурхун хIилла-рекIкI гьабулеб букIиналъул щаклъи букIун цIех-рехалъул идарабазде рачун рукIанин 15 июлалъилан. Гьебго къоял гьел чагIи рокъореги риччанилан лъазабуна Кулиевас.

Низам цIунулезул баяназда рекъон ГIусманов ГIабдурахIманиде официалияб къагIидаялъ жеги гIайиб гIунтIизабун гьечIо.

«Эркенлъи» радиоялъухъе щварал мухIканал гурел баяназда рекъон ректор ГIусманов вукIун вуго 2001 соналъ машгьурав спортсмен Александр Дюковас гIуцIараб SWS абулеб финансазул пирамидаялъул гIахьалчилъун. Гьеб пирамида гIуцIараз гIадамазе ричулел рукIун руго Швейцариялъул ISG компаниялъулгун гьарурал страхованиялъул къотIи-къаял. Гьеб документалда рекъон цин страхованиялъухъ 3000 доллар кьезе кколеб букIун буго, гьелдаса хадуб гьеб гIарцул бакIалда гIадамазухъе 6 соналдасан 180 азарго доллар щвезе кколеб букIун буго. Гьеб гьерсилаб пирамидаялдаги божун хехго бечелъизе бокьарал Дагъистаналдаги рукIун руго. Нилъер гьаниб гьеб хIилла-рекIкIалде гъорлъе гIадамал цIалев чи ГIусманов ГIабдурахIман вукIанин, гьб компаниялъ тIоритIулел батIи-батIиял семинараздецин гIадамал ритIизе гIамал гьабулеб букIанин гьесин абурал баянал щвана нижер радиоялъухъе.

2007 соналъ анлъго сон аниги къотIи-къаялда рекъон жидерго гIарац щвечIел гIадамаз полициялде гIарзIалги хъван гьебго соналъ SWS гIуцIарал Александр Дюков ва гьесул кумекчи Замирбек Малайбеков ккуна. Гьеб пирамидаялда гIадамаз кинабниги 10 миллиард доллар лъун букIун буго. Гьелдаса хадуб жидер гIарацилан гIадамал рачIиндал ГIусмановас жиндица нужее кинабго гIарацги бецIилин жинда тIасан гIарзаби хъвагейин абун буго гьезда. Нижехъе щварал баяназда рекъон гIемерисел Дагъистаниязе SWS-алда лъураб гIарацги бецIун буго гьес. Гьединго социалиял бухьеназда бицунеб буго ГIабдурахIман Хьаргаби мухъалъул бетIер МухIамад МухIамадовасул чи вукIанин, гьединлъидал чанги такъсириял ишазда гьоркьов вукIанин бицунев МухIамадовасе гIоло багъаризабун батилин гьесда сверун ахIи-хIуриланги.

Гьединабго пикру буго ГIабдурахIман ГIусановас нухмалъи гьабулеб заманалда Дагъистаналъул медицинаялъул академиялда цIаларав тохтур Муса Мусаевасулги.

Муса Мусаев: «Хьаргаби мухъалъул нухмалъуда КIудияв МахIачилан абулев МухIамад МухIамадов вугеб мехалда гьебго районалдасан Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъул депутатлъун вищун вукIана ГIабдурахIман ГIусманов. Гьеб мехалда кин гьезухъ бажарабали лъаларо, амма 20 азарго чи гурони гьечIеб Хьаргаби мухъалъул лъагIалил бюджет 600 миллионалде бахун букIана. Цойгидал 25 азарго чияс гIумру гьабун ругел магIарул мухъазул бюджет 400 миллионалдецин бахунароан гьеб мехалда.

Гьел цадахъ рекъон хIалтIулила гIарцул суалал жидеего данде кколедухъ роцIцIинаризейилан абулаанха. БатIаго ректор хIисабалда квешав чи вукIанин гьевиланги дица абиларо, щай гурелъул цIакъ бицунеб букIана дун цIалулел саназ медициналъул академиялда гIарац кьун ругони цIалун бажаруларин ва гьебго гIарац кьун гурони гьенире цIализеги росуларилан. Гьеб кинабго гьереси букIиналъе дица дирго мисал бачина. Гъурущ кьечIого цIализеги восана дун, гьединго гъурущ кьечIого цIализеги цIалана.

ЛъикI цIалулелги ругони, берцинаб хьвада-чIвадиги бугони гIарац тIалаб гьабун кIалъелев чи вукIунароан. Дун гIадиналги гIезегIан рукIана гьенир. Дица академия лъугIун 10 сон аниги добго хIалалъ руго спортзалги, цIалул аудиториялги, гьеб киналдего кIвар кьезе ккелаан ГIусмановас. Гьесда цадахъ хIалтIулез гIемер бадиб чIвалаан гьесда гьев жиндирго чуязул гурони ургъалида вукIунарилан. Гьел чуязул бизнесалъеги гIемер гIарац къваригIунелъул щибха лъалеб букIун батизе бегьула гьев гьоркьоб чIвараб цониги гIарцIул хIилла-рекIкIги. Халкъияб собраниялъул депутатги вугони, цIогьазул гурони батIияб системаги гьечIони ГIабдурахIманица гьелдаса кигIан рикIкIад чIезе кIварабали щибха лъалеб»

ГIабдурахIман ГIусманов ккола Хьаргаби росулъа. Гьесул буго 63 сон, ГIусманов ккола медицинаялъул гIелмабазул доктор, профессор. 1998 соналдаса нахъе гьес Дагъистаналъул Медицинаялъул Академиялъе нухмалъи гьабулеб буго. 1999 соналдаса нахъе Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъул депутатги ккола гьес. ГIусманов бетIерлъуде вачIун хадуб гьесул бажариялдалъун медицинаялъул институт академиялде сверизабуна. ГIабдурахIман ГIусмановасул йиго лъади ва ункъго лъимер, гьел киналгоги тохтурзаби ккола.