«Эбелалъул капитал» макручагIаз "ишаналде" босун буго

Дагъистаналъул Дербенталда микьго гIолохъанай эбел хутIун руго «эбелалъулаб капиталги» гьечIого. ГIарац щвезе кумек гьабилилан рагIиги кьун гьезухъа сертификатал росун руго макручагIаз, амма гIарац кьун гьечIо. Жал махсароде ккун рукIин бичIчIарал руччабаз гIарз бахъун буго Пенсионныяб Фондалде. МакручагIи жегиги тамихIалде цIан гьечIо.

Бицен гьабулеб хIужа ккун буго кIиго соналъ цебе. «Эбелалъулаб сертификат» щварал Дербенталдаса микьго чIужугIадамалъ гьеб бичун буго тIубан гIарац кодобе щвезелъун, амма гьеб бичарал чагIи ратун руго макручагIи. Жакъа къоялъги гьезухъе я сертификат, я гIарац цонигияб щун гьечIо. Рес къотIарал гIадамал гьел кIалъан руго РГВК каналалде, жидерго къварилъи бицун. Гьенисан бачIанин жидехъе гьеб хIужаялъул хIакъалъулъ ахIунилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе, Дагъистаналъул Пенсионныяб Фондалъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Сункулиева Альбинаца. Гьейги, Фондалъул жеги лъабго хIалтIухъанги Дербенталда дандчIван руго микьайго чIужугIадангун.

Альбина Сункулиевалъ абулеб буго гьениб тIоцебесеб иргаялда гIайибиял чагIи кколин жалго улбул. Щайгурелъул «эбелалъулаб сертификаталда» рекъон тIубанго гIарац кодобе лъихъениги кьоларин. Гьеб кьолин лъабго батIияб нухалда хIалтIизабизе. ТIоцебесеб, рукъалъул суал роцIцIинабизе, ай цIияб квартира босулаго гьенибе кьезе, кIиабилеб, лъимер цIализабизе ва лъабабилеб, лъимер кIудияб гIезегIан данде гьабулеб гIарцуда гьоркьобе малъизеги. «Эбелалъулаб сертификат» кьолеб мехалъ цадахъго кьураб кагътида хъван букIунин гьеб кинабго, амма Дагъистаналъул цо-цо руччаби гьебги рагIа-ракьанде щун цIаличIого рачунин макручагIазул кIичIикье.

Альбина Сункулиева: «ХIакъикъаталдаги гьеб лъугьа-бахъиналда жанир гIайибиял гIадамал гIемер руго, макручагIазда хурхун хIалтIи гьабичIел полициялъул хIалтIухъабазда гIунтIун. Цо рахъалъ, хIалтIи гьез гьабун батиларо гьезухъе гIарза лъицаниги хъвачIолъиялъги. Ниж дандчIвана гьел микьалго улбулгун. Агьиялда гIодулел рукIарал гьезда нижеца гьикъана, нижедасан нужее кинаб кумекин къваригIун бугебан? Гьез абуна жидее дагьабниги гIарац кьедила абун, дица абуна гьеб нужее щоларин, гьедин батани жидее цIияб сертификат кьейилан абуна гьез, гьебги рес гьечIеб жо бугин абуна дица. Батани гьел макручагIазухъа бахъейила гьеб гIарацилан руго абулел. Дица абуна нужеца цебе лъолеб бугеб тIалабалъул магIна нужедаго бичIчIулеб бугищан? Гьезда цадахъ рукIарал бихьиналги рукIана нижеде гIайиб-гъвел балел, нужеца жаваб кьезе кколин гьелъухъилан. Гьебмехалъ дица абуна, нуж, цIакъал бихьинал, нужеда лъалев ватани нужерго руччаби махсароде ккурав чи, щайинха нужеца бихьиназул къагIидаялъ тIубачIеб гьеб суалилан.

БитIараб бицани ракI гурхIулеб буго гьезда, гьезда гIайиб гьечIелъул гьел гьединал лъавукъал рукIунилан. Гьел махсароде ккун руго, инжитаб куцалда ккун ругоха махсароде».

Жакъа къоялде щвезегIан Дагъистаналда тIатинабун буго макручагIаз «эбелалъулаб сертификат» щварал руччаби махсароде ккурал гьединаб 182 хIужа. Гьел хIиллачагIазул гIемерисел тусанахъазда жанирги тIамунилан бицана Альбина Сункулиевалъ. Гьелъ ракIалде щвезабуна «Эбелалъулаб капитал» кьезе байбихьаралдаса Дагъистаналда гьеб бичун босулел чагIи гIемерлъарал куц. Ахираб кIиго соналда жаниб Дагъистаналъул Пенсиялъулаб Фондалъ, Жанисел ишазул идарабигун гьабураб цадахъаб хIалтIуда рекъон кIун буго гьеб иш роцIцIинабизе.

Альбина Сункулиева: «Эбелалъулаб сертификаталда хурхун чанго соналъ цебе букIараб гIала-гъважа цохIоДагъистаналдаги, Гъалгъаязул республикаялдаги гурони букIун батиларо. Щибаб гали бахъа-бахъаралъур рукIана «эбелалъулаб капитал» бичун босулел ругин абураб лъазабиял чIварал рукъзал, игIланал. Телевизоралдасаги кьолел рукIана гьединал лъазабиял. Нижеда кIвана ахираб кIиго соналда жаниб гьеб гIала-гъважа лъугIизабизе, хIакъикъаталдайин абуни гьеб нижер тIадаб хъулухъ кколеб букIинчIонигицин. Жакъа дида ракIчIун абизе кIола Дагъистаналда нижеда кIванин гьеб ахIвал-хIал кьучIдасанго хисизабизеян. Гъалгъаязул республикаялда гьеб жеги хутIун буго».

Нижеца гьединго бухьен гьабун букIана макручагIазул къорикье ккарал Дербенталдаса улубуз цоялъулгун. Амма заманалъ жидее бокьун гьечIин гьеб хIужаялда хурхун кинал ругониги комментариял кьезеян инкар гьабуна гьез щибниги бицине.

2014 соналда эбелалъулаб сертификаталда рекъон кIиабилей лъимер гьабураб хъизамалъе щолеб гIарцул къадар буго 429 640 гъурущ. Дагъистаналда гьеб гIарац гIемерисеб нухалда гIолохъанаб хъизамалъ хIалтIизабула цIияб рукъ балелъул яги гьеб босулелъул.

Аублеб букIана 2015 соналдаса байбихьун гьеб гIарац тIокIаб кьезе гьечIилан. Амма дагьаб цебегIан Россиялъул хIукуматалъул нухмалъулев хисулей Голодец Ольгаца лъазабуна «Эбелалъулаб капитал» 2017 соналъ лъагIан щвезе бугин гIолохъанал хъизамазеян.