ЧIвана15 журналист, валагьичIо цогIаги такъсирчи

Кремлалда Гражданияб жамгIият цебетIезабиялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул президентасул мажлисалъул данделъиялда Россиялъул президент Владимир Путиница рагIи кьуна Шималияб Кавказалда, хасго Дагъистаналда, журналистал чIваялда хурхун унеб цIех-рехалде хасаб кIвар буссинабизе. Гьелъие гIиллалъун лъугьана рехсараб гIуцIиялъул гIахьалчи ва «Кавказская политика» абураб информагентлъиялъул бетIер Максим Шевченкоца гьеб цIех-рехалъул кинал гIаги хIасилал гьечIеблъиялде президентасул кIвар буссинаби.

2000 соналдаса байбихьун Дагъистаналда чIванин 15 журналист ва гьел хIужжабазда хурхун цIех-рехалъ кинабгIаги хIасил кьечIин, лъазабуна президент Владимир Путинида I4 октябралда журналист Максим Шевченкоца.

АхIвал-хIалалъул хIалуцин бихьизабулаго, гьес ракIалде щвезабуна чIваразул чанго цIар.

Максим Шевченко, журналист ва жамгIияв хIаракатчи

Максим Шевченко: «Аслияб къагIидаялда гьел киналго рукIана дир гьалмагъзаби. Гьале гьел: информациялъул министрлъун вукIарав Закир Арухов, "Дагъистан» телерадиокомпаниялъул бетIерлъун вукIарав ГIабашилов ХIажи. РукIана оппозициял журналисталги, довго ХIажимурад Камалов, АхIмаднаби АхIмаднабиев. ХIажимурад Камалов чIвана МахIачхъалаялъул бакьухъ жиндирго редакциялъул кIалтIа. ГIолохъанав журналист, ункъго мацI лъалев, Германиялдаги Англиялдаги цIаларав Малик АхIмедиловасда чохьолъ речIана. Цо-цо баяназда рекъон, гьел хIужабазда хурхун руго гIадамазул нугIлъиял. Амма цIех-рехалъул тадбирал тохлъизарулел руго».

«Жинда кколеб буго, тIадегIанаб нухмалъи, мун Владимир Владимирович гIахьаллъичIого, мун гъорлъе лъугьинчIого гьениб иш цебехун инарин», - ян жубана Шевченкоца.

Ахирисесул хитIабалде гIенеккун, Путиница рагIи кьуна цIех-рехалъул идараялъул нухмалъиялъе хасаб буюри кьезе.

Владимир Путин: «Дир пикруялда, бокьарав чиясда хурхун гьабураб такъсиралъул, чIваялъулни хасго, цIех-рех гьабизе ккола гьезул профессиялде балагьичIого. У, кьеркьеялъул ишалда журналистал аслияб къагIидаялда цересел кьеразда рукIунин абураб дур пикру дица къабул гьабула. РагIи кьола, цIех-рехалъул идарабазул нухмалъулезул жакъаго гьелде кIвар буссинабизе».

20II соналъул I5 декабралда чIварав «Черновик» газеталъул бетIергьан ХIажимурад Камаловасул вац Магьдица нижер программаялъе комментариял гьарулаго абуна, I5 журналист чIваразул гьелгущинал соназда цогIаги чIвадарухъанасул цIар лъазабичIеб Дагъистаналда щиб букIаниги хисилин жинда кколарин. Амма бугила цого-цо жо жиндир хьул бижинабулебин.

Магьди Камалов, "Черновик" газеталъул бетIергьан

Магьди Камалов: «Владимир Владимировичасул буго жиндирго хасаб кIудияб къадру ва къуват. Гьесдаса, къуватиял структураби цIакъ хIинкъула. Гьесдаги гьел ишал цере инаризе бажарулеб батичIони, гьаб Россиялда гьечIо гьеб бажарулев чи. Практикаялъги бихьизабулеб буго, гьединал ишал жиндирго контролалде гъоркье Путиница росулел ругони, проблемаби рагIалде рахъинарулел рукIин. Гьединго Бастрыкиница кIвар буссинабулеб бугониги, ишал цере уна. ХIажимурадил иш мисалалъе босун абила, анлъго моцIалъ гьев чIваялъул иш багъаричIого цого бакIалда хутIун букIанин цIех-рехалъул идараялда. Гьеб ишалда квер хъвалев цогIаги чи вукIинчIо. Анлъго моцIида жаниб хисана лъабго яги ункъго цIех-рехчи, гьез гьабин абизе хIалтIи гьабичIо гьеб ишалда хурхун.

Пачалихъияб Думаялъул депутатазул кумекалдалъун нижеда бажарана гьеб иж Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул даражаялъул цIех-рехалъул идараялъухъе кьезе. Гьелда хадуб нижер хьул баккун букIана иш дагьалъ гIаги цебе ине букIиналъул. Амма гьенибги щибниги гьабулеб гьечIо. Нижеда кколеб буго, гьеб иш гьанжеги бугеб бакIалдаго хутIулеб бугин, Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъул контроль гьечIолъиялъин. Владимир Владимировичица масъала лъолеб бугони, дида ккола контроль баккизе бугин ва цо-цо багъа-башари нилъеда бихьизе бугин».

ГьанжелъезегIан кинабгIаги хIасил кьечIеб цIех-рехалъул ишалда, президентас тIалаб гьабунин абун, хIасилал раккизе рукIиналда кIудияб щаклъи загьир гьабуна нижер программаялъе комментариял гьарулаго, журналист ва жамгIияв хIаракатчи ГIабдулхIамидов Аликица.

Алик ГIабдулхIамидов, журналист

Алик ГIабдулхIамидов: ГIагалигун абила, гьел такъсирал гьарун ана гIемер заман. Жакъа захIматго букIуна абизе, гьел рагьизе ругин. Такъсирал гьаруралго гьез щвалде щун кIвар кьун букIине кколеб къагIидаялда цIех-рех гьабун букIарабани, хIасил дагьалъ батIияб букIунаан. Гьеб ишалда гьанже дагьалъ гIаги ракI бохизабулеб жо ккола президентасул рахъалдаса реакция букIин, гьес цIех-рехалъул идарабазе буюри гьабулеб букIин. Амма гьелдаса хIасил букIиналъе хьул гьабиялъул гурони, нилъее хутIулеб жо щибниги гьечIо. ЦIех-рехчагIаз гьеб ишалда унгоги кIудияб кIвар кьуни, щиб лъалеб гьел такъсиразул цоял гIаги рагьизе бегьула. Гьеб жибго нухмалъиялъеги кIудияб плюс букIинаан."

Россиялда чIварал журналистазул сияхIалъул ахирисеб мухъалда буго Гъабардагун Балкариялдаса Тимур Куашевасул цIар. Киве ккаравали лъачIого тагIун вукIарав Куашевасул жаназа батIун буго августалъул байбихьуда. ЧIезабун буго гьев къвалакь гьабураб загьруяб инъекциялдаса хун вукIин. Лъица гьеб гьабурабали, яги лъица гьеб тIадкъарабали лъазабизе букIиналъе кинаб гIаги хьул гьечIин рикIкIунеб буго республикаялъул жамгIиял хIаракатчагIазги.

Мун божулищ, президентас жиндирго кIвар буссинабунин абун Шималияб Кавказалда чIварал журналистазда хурхун цIех-рехалъул эффект букIинин абуралда? Гьединаб суал нижер программаялъ кьуна гьединго Гъабарадагун Балкариялдаса политолог ва жамгIияв хIаракатчи Ибрагьим Ягановасе.

Ибрагьим Яганов, политолог, жамгIияв хIаракатчи

Ибрагьим Яганов: «Божуларо, гьеб ахIвал-хIалалда хурхун тIадеги хIалуцин букIине буго Россиялда экономикиябги политикиябги ахIвал-хIал хIалуциналда цадахъго. Живго лъугьун президентасда кIоларо гьеб проблема рагIалде бахъинабизе.

Президентас кIвар буссинабизе ккола жибго пачалихъияб гIуцIиялъул системаялде. Пачалихъалда къануналъул тIадегIанлъи гьечIони, такъсирчагIи тамихIалдаса рорчIунгутIиялъул хIакъикъат гьечIони, гьел процессал тIадеги хIалуцине руго.

Гьанже хасаб кIвар буссинабизе бугин абун президентас рагIи кьеялъул кинабгIаги кIвар гьечIо. Президентасда тIадаб жо ккола киналго къанунал киназго тIуразари тIалаб гьаби.

Пачалихъ букIине ккола халкъияб. Пачалихъалда журнулистазул гIумруялъул бицинчIоницин, бокьарав чиясул гIумру букIине ккола хазиналъун. Амма Россиялда чиясул гIумруялдаса учузаб жого гьечIин ккола. Чиясул гIумру хазиналъул рикIкIунеб гьечIони, ахIвал-хIал хисиялъе кинабгIаги хьулцин хутIуларо. Гьединлъидал гьеб хIужжаялда хурхун кинаб букIаниги хиса-баси кьей дидани бихьулеб гьечIо».

«Гъабардагун Балкариялъул улбул» гIуцIиялъул бетIер Марьям АхIмадовалда лъикI лъалев вукIун вуго Куашев.

Марьям АхIматова: "Дир пикруялда гьев чIвай рагьизе гьечIо. У, дида рагIана Путиница лъазабураб интернеталда. Куашев Тимурил кидаго букIана жиндирго пикру. Гьес кидаго хIинкъичIого загьир гьарулаан жиндирго пикраби. Гьединал рокьуларо нухмалъиялъе. Гьелъие гIоло чIванин ккола дида гьев. Гьев чIваялъул багьанабиги, гьев чIварал чагIиги тIатинарулел рукIарабани, дида ккохъе, баянлъизе букIана кин гьесул профессионалияб харкатчилъиялъ гьезие чIегIерал ишал гьаризе квал-квал гьабулеб букIарабали, гьелдаго цадахъ нилъеда бихьизе букIана хъулухъчагIазул хъантIиги, гьез чиясул гIумру рикIкIунареблъиги. Цоги жо дида бихьулеб гьечIо.

Гьесул букIинчIо я бизнес, я гьес лъилниги рахъ кколеб букIинчIо. Гьев вукIана гIицIго ракI бацIадав, принципиалияв журналист ва инсанасул ихтиярал цIунулев. Россиялда ахирисел церего ишаналде росун гьечIишха. Гьев диваналъул процессазде хьвадулаан, гьес гьенисан репортажал гьарулаан.

ЧIварал журналистазул, инсанасул ихтиярал цIунулезул ишазда сверун цIех-рехалъул интерес цертралъеги гьечIин, ккола дида. КIудияб коррупция, кIудиял гIарцазда сверун рукIуна гIемер балъгоял ишал, чIвадариял, хIинкъизариял. Гьелъие гIоло гуриш чанги гIолохъанал лъимал рохьазухъе унел. Низам цIунулел идарабаз журналистал ва гражданиял хIаракатчагIи чIварал тIатIинариялъул бакIалда ралагьула гIазаб кьун, инжит гьарун жидедего тIаде гьаричIелцин такъсирал росиялъе къурбанал. Гьедин гурищ гьел полициялъухъан рорчIун сордо-къо рукIуб бахъун, рохьоре унел, цIидаса гьезухъе жалго ккечIого хутIиялъул мурад ккола гьеб. Гьезие бокьун гьечIо кIиабилеб нухалдаги гьезухъе ккезе."

Щай гIицIго Дагъистаналда ругел журналистал чIваялъул гIемер хIужжаби? КъватIисан, ай, Гъабардагун Балкариялдаса Ибрагьим Ягановасда гьадин бихьулеб буго гьеб проблема.

Ибрагьим Яганов: "Дагъистаналда ахIвал-хIал, мисалалъе, нижехъ, Гъабардагун Балкариялда бугелде дандеккун цIакъго батIияб буго. ТоцIебе босани, баянго бихьулеб буго коррупциялъулъ къараб тухумчилъи. Гьебни федералияб централъе данде кколеб хIакъикъат бугин, ракIалде ккола дида. Коррупциялде данде тIалъи къеркьолеб гьечIо, гьеб гьелъ буссинабун буго нухмалъи гьабиялъул инструменталде, къагIидаялде. Дагъистаналде нахъ вуссун абила, гьенир кIиабизеги руго гIемер халкъал, гьеб ккола проблемабиги гIемер ругин абураб жо. Жиб-жиб халкъалъул жиндирго проблемаби руго, жиндирго суалал руго. Гьел щвалде щун рагIалде рахъинариялъул бакIалда, нухмалъиялъ ралагьулел руго жалго тахалда хутIиялъе батIия-батIиял къагIидаби, гьелъие гьединаб ситуацияги данде ккола. Гъабардагун Балкариялда гъабардаязулги балкаразулги проблемаби ратани, Дагъистаналда гьел руго анцI-анцI нухалъ цIикIкIун. Къанун хIалтIулеб гьечIин абизе бегьула. Талъи аслияб къагIидаялда бизнес гьабулеб руго.Тухумчиялъул система пачалихъияб системаялдаса бергьунеб бугин абизе бегьула. Хасго гьеб буго Дагъситаналда ва гьеб киналъулго ракIбацIадго бицине хIалбихьулел журналистал чIвалелги руго вахIшияб къагIидаялда. Дагъистаналда гьединал журналистал дагьал гьечIо. Гьединлъидал гьенир чIваралзул къадарги буго цIикIкIун."

Камаловасул пикруялда, Дагъистаналъул пачалихъиял хъулухъчагIазда журналистал жидеего хуъулухъалда гурони, тIокIаб бакIалда рихьулел гьечIо.

Магьди Камалов: Нилъер регионалда пачалихъиял хъулухъчагIазда лъаларо щиб жо кколеб бетIер хIалтIизаби. Гьезда лъаларо, чанго галиялъ цебе ургъизе кколин абураб жо. Гьезие журналисталгун кIалъазе бокьун гьечIо, гьезда кIола гIицIго абизе, хъвагеян, хъвани жидеца дуе тамихI гьабилин. Амма журналистаз хъвалеб буго, хадуб гьезие тамихI гьабулеб буго.

Дица пачалихъиял хъулухъчагIиян абулеб мехалда, гьел гьединго ккола цIех-рехалъул идарабазул, прокуратураялъул, Жанисел ишазул министерлъиялъул системаялъул хIалтIухъаби ва нилъер тахшагьаралъул майданалда бугеб "ХъахIаб рукIур" ругел киналго хIалтIухъаби. Хъвагеян яги кин хъвазе кколебали малъулел гIемер руго республикаялда. Жидехъ гIенеккичIезе, цогидазе дарс хIисабалда, тамихI гьабулеб буго. Гьедин гурищха Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул журналистикаялъул факультет лъугIарал гIолохъабазе бокьун гьечIеб журналисталлъун хIалтIизе. Гьез гIамал гьабулеб буго телевидениялде ун, гламуриялин абулел программаби риччазе яги пачалихъияб аппараталъул пресс-хъулухъазде ине. Гьениб щибниги гьабизе кколаро."

Аслияб къагIидаялда Дагъистаналда журналистал чIвалел рукIиналъе гIилла гьадинаблъун бихьулеб буго ГIабдулхIамидовасда.

Алик ГIабдулхIамидов: «Россиялъул регионазде гъорлъ бищунго гIемер Дагъистаналда рукIунел ратила жидерго хасал интересал ругел къокъабазда, тухумазда гьоркьор балъгоял тунка-гIусиял, рагъал. Гьел рагъал зама-заманалдаса рагъурула пуланаб буголъи жидехъего босизе яги пачалихъияб хъулухъ жидехъего босизе хIалбихьулеб мехалда. Сундухъ жал рагъулел ругелали лъалел гIадамал нахъе-цере балагьуларо, гьел бигьаго уна чи чIваялдеги. Ризго гьезул къурбаналлъун Дагъистаналда рукIуна рахъазул жахIдаялъул кьалбал ратизе ва гьезул бицине хIалбихьулел журналистал.»

Гьаб бакIалда ГIабдулхIамидовас гьабуна цо ремарка. Гьесул пикруялда, нилъер жамгIияталда гьанжеги берцинго бичIчIун гьечIо информалатаздаса жиндиего букIине бегьулеб хIакъаб пайда ва гьезул хIакъал функцияби. Нилъер жамгIият гьанжеги ругьунаб ва хIадураб гьечIо журналистал, информалатал цIунизе.

Щай гьел жамгIияталъ цIунизе кколел, абун суал лъалаго, гьес абулеб буго, гIицIго журналистазул къавм, информалатал кколин пачалихъиял хъулухъчагIазда, тIадтаразда тIад эффективияб контроль билъанхъизабизе бажарулеб, жамгIияталда лъугьа-бахъунеб бихьизабизе кIолеб инструментин. ГIадада гурелъулин пресса рехсон абулеб, ункъабилеб нухмалъиян. Гьебго заманалда жинца бицен гьабулеб бугин ракI бацIадал, лъиданиги рачIел, эркенал ва мекъал ишазда аскIосан берал къанщун, кIвар кьечIого ине бажаруларел журналистазулин, информалатазулин, жубана нижер прогрммаялъул гIахьалчияс.

Алик ГIабдулхIамидов: «Нилъер жамгIияталъ жинцагоги тIалаб гьабулеб гьечIо нухмалъиялдаса, низам цIунулел идарабаздаса къанунал тIуразари, букIине кколеб къагIидаялда жидерго хъулухъазул тIадкъаял тIаразари, жиб-жиб хIужжаялда хурхун щвалде щвараб цIех-рех тIобитIи. Гьеле гьеб буго аслияб багьана жамгIияталда жаниб бокьа-бокьараб гьабулел къокъаби раккиялъеги, тухумчилъи тегьалеб букIиналъеги, гьединал рагъал загьирлъиялъеги, ахир-къадги журналистал чIваялъеги».

ГIабдулхIамидовас кIвар буссинабулеб буго гьеб проблемаялъул цогидаб аспекталдеги. Гьес абулеб буго журналистаз жидецагоги гIамал гьабизе кколин жалго цIуниялъе хIинкъигьечIолъиялъул цо-цо тIалабал тIуразаризеян.

ЭР. Дуца кинал тадбиразул бицен гьабулеб бугеб? Кин журналистаз жалго цIунизе кколел дур пикруялда?

Алик ГIабдулхIамидов: "Дица абулеб буго жиндихъ гIурал хIужаби, далилал гьечIого бицен гьабулеб чиясул хаслъиялде журналистас кIвар буссинабиялъул, конфликталда журналистас доб яги гьаб рахъ кквеялъул хIакъалъулъ. Руго журналистазда кидаго ракIалда рукIине кколел элементариял тIалабал. Гьеб цо-цо нухалда журналистасул этикаялдаги руго хурхарал. ЦIодорлъи буго журналистасул аслиб хъаравул. Журналистас жиндирго цIех-рех тIобитIулеб мехалдаги, живго цIуниялъе ургъизе ккола батIи-батIиял къагIидаби.

Жидеда хурхун журналистаз информация бакIарулеб букIин бихьулел гIадамаз гьабулеб буго цебеккунисеб жидерго гали. Гьединазда бигьаяблъун ва учузаблъун бихьулеб буго журналист чIвай, цогидаб къагIидаялда конфликталъул багьана, мисалалъе кIалъа-басаязщдалъун тагIинабиялъул бакIалда."

ГIабдулхIамидовасул пикруялда пикруялъе гIоло чи чIвай, журналистал чIвай гьеб ккола гъваридаб коррупция бугеб, халкъалъул ургъел гьечIеб, хIакъаб гражданияб жамгIият гьечIеб, жамгIиял институтал рихьдае ругел республикабазул ишараби.

Алик ГIабдулхIамидов: «БитIараб бицани, ахирисеб заманалда дида кколеб буго, нилъехъ бугин рагIул эркенлъийин, амма гьечIин лъиданиги бачIеб прессайин. Амма битIахъе абизе ккела, баталъиялъул рахъалдаса, бегIерлъиялъул рахъалдаса нилъер информалатал ратизе бегьулин Россиялдаго тIоцебесеб бакIалдайин. Жакъа Дагъистаналда бугеб прессаялъул мозаикаялде балагьун абизе бегьулеб батила, нилъер республикаялда бугин пуланаб оппозицияб пресса, пикру, бербалагьийин. Амма гIицIго жамгIияталъул интересал цIунулеб пресса республикаялда, дир пикруялда, гьечIо. Руго информалатал батIи-батIиял къокъабазул хасал интересазе хъулухъ гьабулел. ГIаммаб къагIидаялда балагьани, гьеб бихьулеб буго нухмалъиялъе оппозицияб прессалъун. Амма дагьалъ гъваридго ххал гьабун хадуб, тIаде кколел руго гьезда нахъ ругел къокъабазул интересазде.

Гьаниб гIиллабазул бицунаго кIвар буссинабизе бегьулеб батила кIиго моменталде. ТIоцебесеб, жибго талъиялъул интерес гьечIолъиялде. Дир бербалагьиялдасани, цIодораб ва жавабчилъи бугеб нухмалъиялъул интерес букIине ккола жамгIияталда жаниб лъиданиги бачIеб пресса букIиналъул. Нухмалъиялъе жамгIияталда жаниб позитивиял хиса-басиял рихьизе бокьун батани, квербакъи гьабизе ккола лъиданиги бачIеб пресса баккиялъе.

КIиабилебги, лъиданиги рачIел информалатал раккIиялъе квербакъи гьединго гьабула цебетIураб гражданияб жамгIияталъги. ГIагалигун абила, гьебги нилъер гьечIо. Ахирисел соназда гьелъул цо-цо элшементал нуронираккун гьечIо».