Туснахъалъусацин гIадамал тIагIунел ратани, цогидаз щиб гьабилеб?
Гьединаб суал кьолеб буго МахIачхъалаялдаса Мурзабековазул хъизаналъ. Гьез ахIи бахъинабулеб буго, Гъизилюрталъул 9 туснахъалда жанив тIамун вукIарав, жидер гIагарав чи – Мурзабегов МухIамад киве аравали лъачIого тIагIун вугилан.
ТIагIарасул эбел Маргарита Мурзабековалъ бицухъе 12 марталда МухIамадил туснахъ гьавурав заман лъугIизе кколаан, амма 10 марталда радал гьелъул рокъоре рачIун руго, жал дур вас жанив тIамун вукIараб колониялъул хIалтIухъаби ругиланги абун, лъабго гIолохъанчи. Гьез Маргарита Мурзабековалда бицун буго дур вас 9 марталда колониялдаса тIурун вугилан. Гьев рокъов вугищали бихьизе рилъанин жалилан.
Маргарита Мурзабекова: «Гьел гIолохъабаз абуна жидеда гьев тIури цIакъ гIадлъун бугин, щай гурелъул щибниги гъалмагъиралъул чи вукIинчIин дир василан. Нахъе унелъул гьезул цояс, МухIамад рокъове вачIани, жидеда лъазабеянги абун жиндирго телефоналъул номерги тана. Гьелго чагIаз цоги абуна жидехъ бугин МухIамад ва гьесдаго цадахъ жанив тIамун вукIарав, Ибрагьим Сайпулаев тIурулеб куц бахъараб видео-записьги. Гьев Сайпулаевги МухIамадида цадахъ цого къоялъ къватIиве вачIине кколаан».
33 сон барав МухIамад Мурзабеков диванханаялъ Россиялъул Уголовияб кодексалъул 222 абилеб бутIаялда рекъон лъагIалица туснахъ гьавун вукIана.
МухIамад Мурзабековасул гIагарлъиялъ бицухъе гьаб соналъул январь моцIалда туснахъалдаса 9 къо рокъоб базе виччан вачIун вуго гьев.
Наида Мурзабекова: «КъватIиве виччазе 2 къо хутIараб мехалъ тIуриялъул магIна щиб? ТIуризе бокьун букIарабани январалъ рокъов вугев мехалда, тIуризе кIолаан гьесда, киналго хIажатал документалги гьесул рокъор рукIана. Колониялъул чагIаз рицунел жал руго гьадингоял гьерсал».
Гьединго МухIамадил гIагарлъиялъ «Эркенлъи» радиоялъе бицана II марталъ радал жал колониялде щванин, ва гьелъул нухмалъулев хисулевчигун дандчIванилан. Гьес жиндирго цIарги бицун гьечIо.
Маргарита Мурзабекова: «Нижеца гьев нухмалъулев хисулев чиясда абуна нужер хIалтIухъабаз бицен гьабурав дир вас тIурулеб куц бахъараб видеозапись бихьизабеян дида. Жиндихъ гьединаб видео гьечIин абуна гьев чияс».
Гьелдаса хадуб Маргаритаца бицухъе гьез телефоналъ ахIун буго ТIамихI тIубазабиялда хадуб хал кквеялъул федералияб идара ай УФСИН хIалтIухъанасухъ е ва гар-гаралъул запись гьабун буго. Гьев чияс абун буго МухIамад тIуранин абизе рес гьечIилан щай гурелъул жив отпускалде виччаян гьес хъвараб гIарза букIун буго. Гьевго УФСИНалъул хIалтIухъанас тIадеги жубан буго МухIамад къватIиве виччалалде цеве вукIараб бакIалде туснахъалде тIадвуссине кколилан.
Гьеб гIарзаялъул хIакъалъулъ баянал гIадлъун руго Мурзахановасул гIагарлъиялда, щай гурелъул гьеб гIарзаялъул хIакъалъулъ гьазда щибго рагIун букIун гьечIо.
Мурзахановасул лъади Наидаца бицухъе 10 марталъ гьей кIалъан йиго росгун, кIиязулго къотIиги букIун буго гьев къватIиве виччалев къоялъ радал микьгоялда гьесда дандчIвазе ячIинин гьей ва гьелъул вац.
УФСИНалъу хIалтIухъанасулг ун букIараб гара-чIвариялдас хадубги Мурзабековал цIидасан колониялде ун руго. Гьенир колониялъул бетIер хисулесулгун букIараб дандчIваялда Наидаца бихьизабун буго цебе рехсараб запись. Гьелдаса хадуб нухмалъулев хисулес абун буго отпускалде виччаян хъваараб Мурзабековасул гIарза унголъунги бугилан.
Маргарита Мурзабекова: «Дица гьел чагIазда отпускалде виччаян хъвараб гIарзаги букIун, дир рокъоре, МухIамад тIурун вугин абун, щайин гIадамал ритIаралилан цIехедал, гьез дида лъазабуна жидеца кивениги щивниги витIун вукIинчIилан. ГIарзаги бихьизабизе инкар гьабуна гьез».
11 марталъ тIагIарасул гIагарлъи, жал нухмалъулесухъе риччаян тIалаб гьабун, тIубараб къоялъ чIун руго колониялъул кIалтIа. Гьеб къоялъул къасиялде довго нухмалъулев хисулес бихьизабун буго гьезда Мурзабеков ва Сайпулаев тIурулеб мехалъ бахъарабин абун видео-запись. Амма гьеб записалда щибниги батIа бахъизе лъалеб букIинчIин абулеб буго МухIамадил эбелалъ, гIисинал гIункIкIал гIадал цо жал рукIанини экраналда рихьулел, тIокIаб сипат-суратцин лъалеб букIинчIин абулеб буго гьелъ.
12 марталъ цIидасан Мурзабековал ракIарун руго колониялъул азбаралда, гIемер гьез ахIи бахъинабун, жидер вас вугеб бакI бицейин, яги гьев тIурун ватани тIуриялъул далилал жидехъе кьеян тIалаб гьабияздаса хадуб, къаси микьго тIубараб мехалда къватIивеги вачIун колониялъул нухмалъулев ГIалибег ЧIанкIаевас лъазабуна жидер хIалтIул къо лъугIанин, тIокIав нужехъ гIенеккизе регIарав чи живги гурилан. Колониялъул дежурныяс гIагарлъиялда абуна Мурзабеков 12 марталъ къватIиве виччан анилан, тIокIав гьев кив вугевали жидеда лъаларилан.
МахIмудова ПатIимат
Маргарита Мурзабекова: «Гьел гIолохъабаз абуна жидеда гьев тIури цIакъ гIадлъун бугин, щай гурелъул щибниги гъалмагъиралъул чи вукIинчIин дир василан. Нахъе унелъул гьезул цояс, МухIамад рокъове вачIани, жидеда лъазабеянги абун жиндирго телефоналъул номерги тана. Гьелго чагIаз цоги абуна жидехъ бугин МухIамад ва гьесдаго цадахъ жанив тIамун вукIарав, Ибрагьим Сайпулаев тIурулеб куц бахъараб видео-записьги. Гьев Сайпулаевги МухIамадида цадахъ цого къоялъ къватIиве вачIине кколаан».
33 сон барав МухIамад Мурзабеков диванханаялъ Россиялъул Уголовияб кодексалъул 222 абилеб бутIаялда рекъон лъагIалица туснахъ гьавун вукIана.
МухIамад Мурзабековасул гIагарлъиялъ бицухъе гьаб соналъул январь моцIалда туснахъалдаса 9 къо рокъоб базе виччан вачIун вуго гьев.
Наида Мурзабекова: «КъватIиве виччазе 2 къо хутIараб мехалъ тIуриялъул магIна щиб? ТIуризе бокьун букIарабани январалъ рокъов вугев мехалда, тIуризе кIолаан гьесда, киналго хIажатал документалги гьесул рокъор рукIана. Колониялъул чагIаз рицунел жал руго гьадингоял гьерсал».
Гьединго МухIамадил гIагарлъиялъ «Эркенлъи» радиоялъе бицана II марталъ радал жал колониялде щванин, ва гьелъул нухмалъулев хисулевчигун дандчIванилан. Гьес жиндирго цIарги бицун гьечIо.
Маргарита Мурзабекова: «Нижеца гьев нухмалъулев хисулев чиясда абуна нужер хIалтIухъабаз бицен гьабурав дир вас тIурулеб куц бахъараб видеозапись бихьизабеян дида. Жиндихъ гьединаб видео гьечIин абуна гьев чияс».
Гьелдаса хадуб Маргаритаца бицухъе гьез телефоналъ ахIун буго ТIамихI тIубазабиялда хадуб хал кквеялъул федералияб идара ай УФСИН хIалтIухъанасухъ
Гьеб гIарзаялъул хIакъалъулъ баянал гIадлъун руго Мурзахановасул гIагарлъиялда, щай гурелъул гьеб гIарзаялъул хIакъалъулъ гьазда щибго рагIун букIун гьечIо.
Мурзахановасул лъади Наидаца бицухъе 10 марталъ гьей кIалъан йиго росгун, кIиязулго къотIиги букIун буго гьев къватIиве виччалев къоялъ радал микьгоялда гьесда дандчIвазе ячIинин гьей ва гьелъул вац.
УФСИНалъу хIалтIухъанасулг