3 маялдаса нахъе МахIачхъала бикьизе буго лъабго муниципалитеталде, гьединаб къанун къабул гьабуна Дагъистаналъул парламенталъ хамиз къоялъ. Цебе тахшагьаралда рукIарал Ленинский, Кировский, Советский мухъазул бакIалда гIуцIизе руго муниципалитал. Мухъазулго рукIарал гIурхъабиги хутIизе руго гьезул.
ТIоцебе гьеб къануналъул халгьаби республикаялъул парламенталда 26 марталда тIобитIун букIана. Гьелда тIасан разигьечIолъи загьир гьабуна чанги сиясатчагIазги жамагIатчагIазги. ЖамагIатчагIи гаргалел рукIана гьанжеги цойги хIакимзаби раккизе ругила, хъулухъ къваригIарал чагIазе бакIал гьаризелъун гIуцIулел ругила гьелилан. Гьез абулеб букIана мухъазул бутIрулги течIого гьезда тIад цойги чи тезехъин ватилила муниципалитетазе нухмалъи гьабизейилан.
Амма МахIачхъалаялъул бищунго кIудияб Ленинский мухъалъул бетIер Дарбищев ХIажияс «Эркенлъи» радиоялъе бицана мухъазул бутIрул рукIине ругила муниципалитеталъул нухмалъудаги. Гьединго хIакимчияс лъазабуна гьел гIуцIиялъ жидехъ цIикIкIун ихтиярал щвезехъин ругилан.
Дарбишев ХIажияв : «ГьанжелъагIан Махъачхъалаялъа шагьаралъул округалда цере гIуцIарал администрациял рукIун ратани, гьезул бакIалда рукIине руго муниципалитетал. Нижер ихтияралги цIикIине руго, бюджетги букIине буго нижерго. Цебе шагьаралъул бюджеталдасан харжал щун гурони, мухъазул администрациязде гIарац биччалароан. Гьединго нижерго депутатазул мажлисги букIине буго 25 чиясдасан гIуцIараб. Гьанже гьеб муниципалитет жибго жиндаго чIараб идаралъун рикIкIине бегьула».
Гьеб цIияб къануналда рекъон МахIачхъалаялъул бетIер вищизе вуго шагьаралъул мажлисалъул депутатаз. Киналго депутатаз гурев Дагъистаналъул нухмалъиялъул ва шагьаралъул депутатазул мажлисалъул вакилзабаздасан гIуцIараб хасаб комиссиялъ тIаса рищарал депутатаз. Шагьаралъул мажлисалде депутатал рищизе руго муниципалитетазул мажлисалъул депутатазда гьоркьоса. Ахирисел рищизе руго муниципалиял рищиязда.
Гьеб цIияб къагIидаялъ тIоритIизе ругел муниципалитеталъул ва шагьаралъул мажлисазул депутатазул рищиял тIалъиялъул вакилзабаз жидерго чагIазе санагIалъиялъе ургъун рахъарал жал ругин, цойгидазул ихтияралги хвезарулел ругин гьеб системаялъин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул коммунистазул партиялъул бетIер МахIмуд МахIмудовас.
МахIмуд МахIмудов: «Нижеца рикIкIунеб буго гьеб къануналъ рищиязул гIахьалчагIазулги, цойгидал сиясатиял партиязул вакилзабазулги ихтиярал хвезарулел ругилан. Гьединлъидал гьеб къануналде дандеги рукIана ниж. Нижер пикруялда рекъон шагьаралъул мажлисалъул депутатал муниципалитеталъул депутатаз гурел, гIадатиял гIадамаз гIаммал рищиязда рищизе ккола. Гьеб цIияб рищиязул къагIида цохIониги къануналде данде кколеб жо гуро. Гьеб гурониги муниципалитетазул депутатазда гьоркьоса I5 чи вищизе ккола шагьаралъул мажлисалде. Нижеца тIалаб гьабулеб буго муниципалитеталъул мажлисалде рищаралгIан «Единая Россия» гуреб цойгидал партиялъул вакилзабазе шагьаралъул мажлисалдаги бакI кьейилан. Гурони тIалъиялъ рахъ кколеб цохIо «Единая Россиялъул» I5 депутатги вищун тезеги бегьула гьеб шагьаралъул мажлисалде. Гьедин мухъазул мажлисазде рорчIарал цойгидал партиязул 2-3 чиги шагьаралъулалде рорчIичIого хутIизе бегьула».
Гьединго МахIмудовасул пикруялда рекъон гьединаб къанун парламенталъ гуреб, тIолабго МахIачхъалаялъул жамагIаталда гьоркьоб референдумги тIобитIун къабул гьабизе кколеб букIун буго. Шагьаралъул гIадамаздаги цIехечIого тIалъиялъе дандекковухъе рахъизе бегьуларила гьединал къануналилан рикIкIунеб буго гьединго «Справедливая Россия» ва «Патриоты России» партиязул нухмалъулезги.